Четверг, 25.04.2024, 10:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Июнь » 25 » ЦОЛЪИЯЛЪУЛ АХ1ИЯЗДА ГЪОРКЬ - РИКЬАЛАБАЗДЕ .
14:36
ЦОЛЪИЯЛЪУЛ АХ1ИЯЗДА ГЪОРКЬ - РИКЬАЛАБАЗДЕ .

ЦОЛЪИЯЛЪУЛ АХ1ИЯЗДА ГЪОРКЬ - РИКЬАЛАБАЗДЕ

Дагъистаналъул журналистазул Союзалъул пред(сед)атель Г1али Камаловасухъе Хунзахъ районалъул «Росдал зах1матчи» газеталъул бет1ерай редактор Ф. Мух1амадовалъул рагьараб кагъат.

10 июналъ къват1ибе араб №23 «Х1акъикъат» газеталда бахъараб «Аслияб мурад-цолъи» макъалаялдасан пикраби

Х1урматияв… Гуро, к1ал ккун буго, бегьуларо гьереси бицине! Х1урмат гьабизе (хъулухъ -пишаялдалъун, ригьалдалъун, г1акълуялдалъун) кколеб бук1арав Г1али Камалов!

Рак1ч1ун лъала, дурго хасаблъун дуца рик1к1унеб авар миллаталъул казияталда гьаб кагъат бахъизе бук1инч1еблъи. Гьединлъидалин дуда цебе жакъа «Росдал зах1матчи» бегарабги.

Ц1алана миллат  цолъизабиялъул гвангъараб, кунч1-кунч1араб хъалалда гъорлъги жемун, «Х1акъикъат» казияталъул гьурмазда дуца кьураб напсияб мунпаг1ат гъорлъ рахчарал  идеялгун проектазул материал. Х1аталдаса араб разилъунгут1иялъул карачел гьелчана рек1елъ «миллияб маданият цебет1езабулеб к1иго алаталъул цояб» кодобе босун ц1алидал. Щайдай «г1адамазе х1ажат гьеч1еллъунги  мухъазул нухмалъулезда ч1алг1араллъунги» дуца рик1к1арал басмабазул  учредителазул (баян: гьел къазе - рагьизе ихтияр кодосел), редакторзабазул (мухбирзабазул, корректоразул, жавабиял секретаразул) - гьезда гьоркьоса  цоязулг1аги (?!) г1ахьаллъиги гьеч1ого, гьезул къисмат кодосев, жамг1ияб советалда х1укму  къот1улев диванчилъун, мунго дудаго вихьарав?

Кин, доб дуца кибго мисаллъун бачунеб Татарстаналъул журналистазул Союзалъул уставалда (дур союзалъул цониги документ дунялалъулаб нусиречалда дида батич1о, цо мурадалъул г1уц1аби ругелъул батиларин к1удияб бат1алъи) кьарияб мухълъун хъвараб «журналистазулаб этикаги», «хъвадарулеб къавм кинабго рахъалъ ц1унизе цере ч1арал масъалабиги» сан гьарич1ого, бак1азда ругезул тарихалдаги халкъалдаги коцолъ хъат базе дур ничгьеч1олъи г1ураб?

Циндаго, доб ццим кепалъ хисана дир, районазул г1арцазе экономия  бук1инеян, дурго къаг1идаялъ, царалаб биччан, мухъазул нухмалъулел гуккизеян  жигарбахъи мухъазда гьоркьобги бихьун. Унха, к1удияб ургъел батила  ашбазазул базарганасе 15 районалда цо-цо к1и-к1и миллион г1арцул газетазул редакциязда т1ад хвезабич1ого хут1унилан.

Рахъизе ратилелщинал нухал, разе ругелщинал школал гьеб г1арцухъ…

Гьединал сих1ручаг1азде абулеб бук1ун батила мунагьал чураяй дой дир к1одоэбелалъ «х1акимасе - х1елх1елчи, мискинасе - зулмучи» ян.

Бербухьиналъе данделъиялъул аслияб суаллъун рехсолеб буго дуца «Х1акъикъаталъул 100 – сонилаб юбилей к1одо гьаби. Бищун к1удияб «бергьенлъилъун», анищаб сайигъатлъун щиб, унго, бокьилеб бук1араб?

Лъала, бицунге. Данде к1ут1ун киналго муниципалиял республикаялъулал СМИялгун мунго бет1ергьанаб медиахолдинг (раг1ул гуч щи ва?). Амма, киг1ан бокьич1ониги, рак1 буссинабизе кколеб бугоха пирсидателасул - жидерго къуваталдалъун лъадада, ч1аголъиялда ч1езарун ругел гьит1инал басмабазул рес ва бажари гьеч1о «Х1акъикъаталъул» бак1аб «Титаник» хвасар гьабизе. 200 гъурщиде районалъул газетацин х1алицаго г1адин хъвалел г1адамаз 1000 гъурущ кьун, к1иго гьумералда бахъизесеб районалъул г1умруялъе г1оло, миллияб казият хъвайги щакаб х1алт1и буго. Гьаниб х1инкъи буго «харда т1ад бегараб гьоялъ» дицагоги г1амиларин – г1амулезеги биччаларин абухъе, дуегоги баракат бахинч1ого хут1изе, нижги х1урудахъ ине. Гьебали кутакалда бигьаяб иш бугоан, рикъзи камун Ц1об Г1ат1идас чи вижун вук1унарелъул, амма кинго мук1урлъизе к1оларо цолъиялъул ах1иялда гъоркь т1обит1улеб бугеб гьаб г1ала-гъважа (Операция «Кь», «Фейсбук» ц1алулезда бич1ч1ила) бит1араб бук1иналъе. Цолъизе беццараб буго миллияв цевехъанасда (гьабсаг1ат аваразе гьединавлъун ч1езе кколаан республикаялъул Бет1ер), кьуч1ал ишазул  багьадурасда, пикрабазул илгьамчиясда сверун. Кинго цоясда жиндирго г1емерсоназулаб анищ рак1алде щведал, «г1емер чи» гъуриялда сверухъ гуро. «Х1акъикъаталъул» г1асру т1убалеб къоялде цолъиги, гъункиги, х1олбохъ ч1арал гьит1инал вацал - районазул, росабазул басмабиги дуе х1ажат рук1арал ратани, щай гьел пуланзабазе дудасаго, союзалдаса бач1араб лъик1лъиниги гьабич1еб? Хас гьабун «Росдал зах1матчи» газеталъул бицани, гъоркьисала 90 сон т1убана хунздерил басмаялъ, амма аслияб журналистазул г1уц1иялъул ц1аралдасан бакъвараб барки жинда т1ад хъвараб кагътил рукъиг1аги хъарагишиевасулаз нижехъе щвезабич1о. Гьедин бук1аниги ва биллагь, бокьила маг1арулазул казияталъул юбилей т1адег1анаб даражаялда ине.  Щибаб районалда, росулъ, авалалда. Амма гьелъие дуца балагьулеб нух буго макруяб, жамг1ияталда рикьалаби лъугьинарулеб, дуца бицанщинал миллат бокьиялъул тезисазде бух1ун лъим  щвалеб.

Къват1исан нужехъе хъвадарулел мухбирзаби к1одо гьарун, ц1алдолезда, лъималазул хъвай-хъваг1аязда гьоркьор къецал лъазарун щай, вац Камалов, тахиде х1алалаб сухъмахънух ц1ехолареб? Мун, саламатаб г1уц1иялъул, т1алъиялъул чаг1аз саламатавин толев х1акимасда х1алт1и малъизе дун СЖ-ялъул членцин гурей г1аданалъул ихтиярги кибха бук1инеб, амма лъик1 гуроанха харадунив вахъун дуего тушманзаби ц1ик1к1инаризе. Дур рахъ кколез ц1акъ кепалда рогьрал ралел руго райгазетазда бак1алъул х1акимзабазул «боевой листокал» ян. Рахъун церегун абеха кутакал чаг1аз жал республикаялъул т1алъиялда данде ч1арал чаг1иги ругин, «Х1акъикъатги» агитлистовка гуреб, нухмалъиялъул рогьо-ничалъул къед (доска  позора) бугилан. Ва таллагь, лъола гьеб саг1аталъго  редакторалъул кварт1а-гъец1 г1одоб. Нилъерго бадибе унеб ч1алуги  бихьич1ого, чияр бадибе унеб сум ц1ехезе лъугьине кколаро халкъалда цере ругел хъулухъчаг1и.

«Бухъанаг1ан ракьин, бицанаг1ан раг1ийин» умумузул кициги бугелъул, дие бокьиларо гьаб хас гьабун дудехун бугеб хит1аб халат гьабизе. Гьелъул г1аксалда, росдал яс йик1аниги, хьвада-ч1вадиялъул къаг1идаби рич1ч1арай - лъарай г1адан дунго йик1ин бихьизабизелъун, дуе кьолеб баркалаялдалъун лъуг1изабила   кагъат.

Баркала дуе, дица кутакалда адаб гьабулеб фамилия (х1ал алжаналъуб батаги  Х1ажимурадил) г1ахьалав инсан! Дуца пикрабазул т1ирщ бакъвазабизе х1аракат бахъун бук1инч1ебани, дида ва т1олабго халкъалда кинго лъазе рук1инч1о жидерго хасиятаб хат1гун Дагъистаналъул журналистикаялда бак1 ккурал : Зульфия Х1ажиева, Мух1амад Бисавг1алиев, Х1амзат  Г1изудинов, Мух1амад Патах1ов, Закир Мух1амадов, Пат1имат Гьит1инова, Пат1имат Мах1мудова ва гь.ц. махщалилал. Республикаялъул журналистикаялда Союзалъул нухмалъиялда вук1ун, гьебг1аги баракатаб иш нахъе танин дуцагоян рак1 чухьарлъизе бегьула гьанже дур.

Живго веццич1ониги, Г1абдулат1ипов Рамазаница къимат кьураб казияталъул редактор, журналистазул союзалдаса эркенай хъвавул ишалъул г1ащикъ Ф. МУХ1АМАДОВА.

Просмотров: 621 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz