«БухIараб бакъул къоялъ, хIеренго балеб цIадакь, царай чIужу ячунеб вечералда рукIана», - абун байбихьулеб буго «МагIаруллъиялъул бищун бегIераб гIакълу» абун жинда цIар лъурав ЦIадаса ХIамзатил цо сатира. Ахираб заманалда кутакалда гьерсалги рицунеб, халкъалдасаги жиб цIакъ рикIкIалъараб, ашбазчи ГIали Камаловас жинда тIад къанал чIвалеб бугеб магIарулазул опициалияб «ХIакъикъат» абураб басмаялъул исана биччараб 23 номералда, доб ЦIадаса ХIамзатица рехсараб «царай чIужу ячунеб вечералъул» бицине хвезабун буго кIигогIан гьумер. Гьеб гIодорчIеялда дол батIиял чагIаз «Аслияб мурад – цолъи» абун цIарги тун бугоан. Амма гьеб дандеруссин гIуцIарав ашбазчиясул макрабазги макьабазги гуккун гьенире рачIарал гIемер рукIун руго, къорида тIад «магIарул мацIги, махIги, яхIги цIуниялъул суалал гьоркьор лъей» абурал хIанил кескал лъеялъ. Пикру бугел гIадамазда кинабго бихьула ва бичIчIула. Ахираб 25 соналда жаниб магIарулазул миллияб басма чурхъулеб буго гьанив тIадехун рехсарав ашбазчияс. «ТуригIан цIамгIалаб, цIоро-гъорораб» жиндир ашбазалъ «халатал гъурщал» къинлъаризари гурони, тIокIаб цоги жоялъул ургъел гьев магIарул маданият чIунтизабизе нилъеца виччарав эливашасе гьечIолъиги лъала пикру бугел гIадамазда. Гьедин бугониги, жеги харги гьев ашбазчи, мунагьал чураяв ГъазимухIамад ГъалбацIовас абухъе, «хьихьун вуго нилъеца». Хьихьарав гIечIого, жив гIорцIуларила, жеги кваназавеян хачадулевги вуго ничги, яхIги, намусги тIубан биларав гьев ашбазчи. Щиб бакъанха гьес бачараб жиндир иргадулаб «царал берталъ»? БатIияб щибго гьечIо. Щибаб рухIчIаголъиялъул жиндирго букIунелъул гьаракь-бакъан. Гьанги кьейила, мохмохги кьейила, кодоб ккун хьихьейила тIири пайда гьечIеб жибиланги лъугьуна цо-цо рухIчIаголъи. Ашбазчияс магIарулазда гьанжеги абулеб буго: рачIайила, рахьдал мацI цIунулел ххвелалги гьарун, ашбазал церетIезаризе, магIарул мацIалда къватIибе бачIунеб I5 райгазета къазе, цинги ГIали Камалов абурав чи магIарулазул «медиамагнатлъун», ай бакIалъулав Гусинскийлъун яги Березовскийлъун рагIизавизе. ГIаданиса нах лъугIичIев чияс гьел макраби ва макьаби гIадахъ росиларо, камилаб ботIронир гьединал гIала-гъважаял жалги загьирлъиларо. Халкъалъулги, гьелъул тарихалъулги, мацIалъулги, къисматалъулги агъаз бугел гIадамаз рахьдал мацIалда рахъулел басмабазул къадар ва даража рорхизариялъе гъеж гурун хIалтIи гьабула. Жиндир чехьалъул гурони хиял гьечIев тухьули, жив мацIги халкъги цIунулев вугилан абун, пачалихъалъул минаялъуб ашбаз «цебетIезавулев» вукIуна. Гьаниб рехсараб гIодорчIеялда магIарулазда рагIичIеб ва бихьичIеб жо абун гьечIоан. «Дир Дагъистан» абураб машгьураб асаралда ХIамзатил Расулица гьединаб чIамучIаб ва жидее щибго ургъел гьечIеб жо бицунезул мисал бачун буго, «тирулеб, сверулеб гьобоги буго» абун, цого жо такрар гьабун, кечI ахIулев гьунаргьечIил сипат цебе чIезабун. Дагъистаналъул районазул басмаби къазе бегьуларо. Гьединаб хиял гьабиго халкъалда цебе гьабулеб такъсир ккола. Гьел басмаби руго росабазул ва районазул тарих. Районалъул басмабаз гIезаруна, рагьана дунялалъего Расул ХIамзатовги, Фазу ГIалиеваги, Муса МухIамадовги, цогидалги - нилъер халкъалъул унго-унгоял цIарал. Гьаб халат бахъараб «царал бертадуе» пардав къазе цебего заман щун буго.
ХIамзат ГIизудинов,
Гумбет газеталъул редактор.
|