Четверг, 25.04.2024, 03:06 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Июнь » 25 » ЗАХ1МАТАЛЪ БЕРЦИН ГЬАВУЛА ИНСАН.
14:48
ЗАХ1МАТАЛЪ БЕРЦИН ГЬАВУЛА ИНСАН.

Инсанасул багьа учузлъунилан, г1аданлъи чилъиялъул къимат хванилан, кинабго г1арцуцаги, ришватазги борцунеб бугилан г1емерисез бицунеб гьаб заманалда, ратулел руго цо-цо г1адамал, нилъер ц1ар арал умумузул ях1-намус борхатго ккурал, жидеда т1адал хъулухъалъул, ишал рак1бац1адго ва махщалида т1уразарулел. Гьереси щай гьединал г1адамал  дандч1вайдал ч1ух1изе бач1уна, рек1ее лъик1аб асар лъугьуна, бук1инеселде божилъи гьабизе бач1уна.

Гьединазда гьоркьов рехсезе бегьула Мах1ачхъала шагьаралда г1умру гьабулев вугев, республикаялъул урологиялъул централда врач анестезиолог -  реаниматологлъун х1алт1улев вугев Мусаев Х1ажидада Иманг1алиевич.

Гьавуна Х1ажидада Хунзахъ росулъ 1955 соналъ. Г1агараб росулъ 10 класс  лъуг1ун хадуб гьев ц1ализе лъугьана Дагъмединституталде лечебный факультеталде. Гьеб лъуг1ун хадув 1979 аб. соналдаса 1983 соналде щвезег1ан Х1ажидада х1алт1изе вит1ула Пенза областалъул Никольск шагьаралде врач терапувтлъун. Гьесдаго цадахъ гьение ана медучилище лъуг1арай гьесул г1умрудул  гьудал Багьжатги. Гьенив гьезие гьавуна вас Мух1амадги.

Х1алт1ул байбихьудаго  Х1ажидадаца живго вихьизавуна, т1аса бищараб махщел бокьулев камилав врачлъун. Гьелъие нуг1лъи гьабула больницаялъул нухмалъиялъ х1алт1улъ щварал бергьенлъабазе г1оло Х1ажидадае кьурал грамотабазги.

Коллективалъул гьариялда рекъон бихьизабураб болжалалдаса ц1ик1к1ун гьенивги х1алт1ун, 1983 аб. соналда Х1ажидада т1ад вуссана Дагъистаналде ва х1алт1изе лъугьана Кизилюрт  шагьаралъул централияб больницаялде врач анестезиолог реаниматологлъун.

Рагьарал рак1азул, гьобол-гьудуласул х1урмат гьабулеб г1олохъанаб хъизан, роххун къабул гьабуна Кизилюрт шагьаралъул сахлъи ц1униялъул коллективалъ. Гьенив 20-г1ан соналъги х1алт1ун, 2002 аб. соналдаса жакъа къоялде щвезег1анги Х1ажидада х1алт1илев вуго Мах1ачхъала шагьаралда  республикаялъул урологиялъул централда врач анестезиолог – реаниматологлъун. Киб бак1алда х1алт1аниги Х1ажидадаца живго вихьизавуна х1алт1и лъик1 лъалев, сабурав врачлъун вук1ин.

Махщалил ц1убай, лъадари, врачасул т1адег1анаб ц1аралъе мустах1икълъи, жиндие Кизилюрт шагьаралда х1алт1улаго щвараблъун рик1к1уна Х1ажидадаца. Рак1алдаса унарел лах1затал х1алт1улъ кинал  рук1аралалилан ц1ехедал, Х1ажидадаца бицана гьел г1емерал рук1анилан. Бищун рак1алдаса унареблъун хут1анила Кизилюрталда х1алт1улаго ккараб гьадинаб х1ужа. Больницаялде ах1ун бач1анила рокъой зах1матго унтарай, лъимер гьабулей г1адан йигилан.  Хехаб кумекалдалъун бригада гьенибе щведал, гьей киениги ягъаризайизе бегьулареб х1алалъ зах1матго унтун ятула. Гьеб мехалъ Х1ажидадалги цадахъ рук1аразулги пикру ккола, лъимадулги  эбелалъулги г1умру хвасар гьабизе минутал гурел секундал хут1ун рук1инги х1исабалде босун гьенибго столалда т1ад операция гьабизе. Гьеб кинабго лъик1ги ккун эбелги васги гьез хадур больницаялде рачуна. Лъимер гьабурай г1аданалъ жиндирго васасда ц1арги г1умру хвасар гьабурав врач Х1ажидадаян лъола. Цоцада релъарал рук1инч1ониги инсан хвалил к1ич1икьа вахъиялъе гьарурал операциялги, врачазе, унтаразе гьабураб  кумекалги г1емер бук1анилан бицуна гьес.

Больницаялде регун сах гьарулезги, нилъер гьаниса эхере гьеб централде регизе аразги к1удияб адаб- х1урматалдалъун бицуна гьес гьабураб кумекалъул. Гьев лъалелщиназ хинал раг1абаздалъун рехсола гьесул ц1ар. Х1ажидада вуго Гиппократил гьаялъе хилиплъич1ев врачазул цояв. Нилъ ч1ух1арал руго лъик1аб рахъалдасан район машгьур гьабулел гьединал ракьцояздаса.

Бокьун буго профессионалияб байрамги баркун Х1ажидадае ва Багьжатие рак1-рак1алъго щулияб сахлъи, талих1, х1алт1улъ бергьенлъаби гьаризе.

Гьединавлъун хут1аги мун, Х1ажидада Иманг1алиевич кидаго.

У. Къурамух1амадова.

Просмотров: 573 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz