Пятница, 29.03.2024, 17:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Июнь » 25 » ПАШМАНЛЪИЯЛЪУЛ АСАРГУН.
14:42
ПАШМАНЛЪИЯЛЪУЛ АСАРГУН.

Азаргоялдаса ц1ик1к1араб сонил тарихалда жаниб нилъер улкаялда г1емер рук1ана пашманал лъугьа-бахъинал. Гьезда гьоркьоса бищун пашманаб къолъун ккола, нилъер халкъалда абадиялъ лъилъуларел ругънал лъураб К1удияб Ват1анияб рагъ  байбихьараб 1941 соналъул 22 июнь. Исана 75 сон т1убала гьеб вах1шилъиялъул рахъалъ ц1ар араб, жиндир къурбаналлъун 27 миллион нилъер ракьцояв вахъарав рагъ байбихьаралдаса. Исана 22 июналда т1олабго Россиялъул бат1и-бат1иял шагьаразда т1обит1ана К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьиялъул пашманал лах1затал рак1алде щвезариялъул тадбирал. Гьеб къоялъ радакь  саг1ат ункъоялда, бит1ун фашистазулаб Германия нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1араб г1ужалда данде ккезабун, байбихьана гьединаб тадбир нилъер районалдаги.

Гьеб т1обит1ана Ц1ада «Хъах1ал къункъраби» мемориалияб комплексалда. Тадбиралда г1ахьаллъана районалъул т1алъи, бат1и-бат1иял г1уц1абазул нухмалъулелгун х1алт1ухъаби, жамг1иял церехъаби ва цогидалги. Тадбир байбихьилалде киназго т1угьдул лъуна мемориалияб комплексалда хъах1ал къункърабазе бараб памятникалда цебе.

Тадбир рагьана Юрий Левитанил машгьураб гьаракьалъ рагъ байбихьанин абураб лъазабиялъухъ ва  киназулго рек1елъе бортулеб Расул Х1амзатовасул «Хъах1ал къункъраби» коч1охъ  г1енеккиялдалъун.

Жиндирго к1алъаялда Саг1ид Юсуповас бицана жакъасеб къоялъул киг1ан к1удияб к1вар  нилъер улкаялъегун халкъалъе  бугебали – «Жакъа х1акъикъаталдаги  кутакаб пашманаб къо буго нилъер тарихалда. 75 соналъ цебе фашистазулаб Германия божут1а рек1к1ги гьабун, к1анц1ана нилъер улкаялде т1аде. Гьезда рак1алда бук1ана нилъер улкаялъул халкъ жидерго лагъзаллъун  гьаризе, гьелъул кинабго бечелъи талавур гьабизе. Амма нилъер бах1арчиял  умумуз бихьизабуна г1ажаибаб къвак1и ва г1агараб Ват1аналъухъ рух1 кьезе х1адурал рук1ин. Гьездасан 27  миллион багьадурас  кьезеги кьуна Ват1аналъе г1оло рух1. Нилъеда киданиги к1очон тезе бегьуларо жакъа нилъер  бук1инеселъе г1оло жидерго бищун хириял рух1ал кьурал гьел  бах1арзал. Г1ун  бач1унеб г1елалъги гьездасан босизе ккола сундулъго мисал. Нилъеца кидаго к1удияб гъирагун ва т1адег1анаб даражаялда т1орит1ула гьадинал тадбирал, гьез квербакъула г1ун бач1унеб  г1елалъулъ Ват1аналде рокьи куцазеги. Нижеца кидаго бут1рул къуларал руго кьалул майданалда щапарал бах1арзазе»,- ян абуна районалъул нухмалъулес.

Данделъаразе саламги кьун,жиндирго к1алъай гьабуна «Трезвая Россия» федералияб проекталъул нухмалъулев ва  Россиялъул Федерациялъул жамг1ияб палатаялъул член  Байсултан Х1амзаевас: «Дун кутакалда вохарав ва ч1ух1арав вуго жакъа гьадинаб тадбиралда г1ахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Гьадинал тадбирал т1орит1улел руго Россиялъул г1емерал шагьараздаги. Лъуг1и гьеч1еб даг1ба бук1уна К1удияб Ват1анияб рагъда лъица бергьенлъи босарабин абураб суалалда т1асан. Дица абила рагъда бергьенлъи босанин бах1арчияб советияб халкъалъилан. Гьединго г1емераб бицуна нилъер рук1арал союзниказул х1акъалъулъги. Дир киг1ан дагьабниги щаклъи гьеч1о, гьел союзникал рук1инч1еланиги СССРалъ гьеб рагъда бергьенлъи босизе бук1иналда. Нилъеда кутакалда лъик1 лъала фашистазда т1ад босараб бергьенлъиялъулъ аслияб бут1а нилъер улкаялъул бук1ин ва лъихъениги биччаларо нилъер бах1арчияб тарих  хисизабизе»,- ян абуна Байсултан Х1амзаевас.

Данделъараздехун хит1аб гьабуна  районалда хут1арал рагъул ветераназул цого-цо къват1ив-рокъове вахъун  ч1аголъиялда  вугев Мух1амадрасул Гьиматовас: «Дида жакъа  г1адин рак1алда буго рагъ байбихьараб заман. Росдал школалда анкьго классги лъуг1ун, вохуца холев вук1ана дун, рак1алда бук1ана ц1али раг1алде  бахъинабизеги. Амма тохлъукьего байбихьараб рагъуца киналго планал хвезаруна. Районалдаса г1емерал г1олохъаби ана рагъде, рагъ байбихьун к1иго соналдасан, вацасул бак1алде 17 сон барав г1олилав дунги ана фронталде. Нижеда киданиги к1оченаро дол зах1матал сонал. Мигьлъулел руго нижер кьерал, г1иц1го щуго ветеран хут1ун вуго районалда. Г1ун бач1унеб г1елалъе гьарула талих1аб бук1инесебги рагъ-кьал гьеч1еб ракълилаб г1умруги биччан те нужеда рагъул х1акъалъулъ г1иц1го телевизоралдасан ва т1ахьаздасан гурони лъангут1изе. Гьединго к1удияб баркала буго гьаб тадбир г1уц1аразеги »,- ян абуна ветеранас.

Нилъер районалда бугеб погранотрядалъул вакил подполковник Владимир Петроченкоцаги гьабуна маг1на бугеб к1алъай. Гьес бицана рагъул т1оцебесеб кьаби жидедаго т1аде къабул гьабураллъун рук1анин  СССРалъул 12 азарго г1орхъаби ц1унулелилан. Гьединго подполковникас абуна, жал жакъа  къоялъги х1адурал ругин къо ккедал Ват1ан ц1унизе рахъинеянги.

Районалъул нухмалъулев администрациялъулги ва депутатазул корпусалъул ц1аралдасанги баркала кьуна тадбир г1уц1аразе ва гьелда г1ахьаллъи гьабуразе. Хадуб киназго цадахъ ах1ана «Вставай страна огромная» кеч1ги улкаялъул гимнги. Ахиралда рак1алде щвеялъе рахъана сураталги.

И. Мух1амадов.

Фото.

Просмотров: 516 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz