Автор.Ф.Мух1амадова.Июнь 2015с.
8 июналда х1алт1улаб сапаргун районалде рач1ун рук1ана Шималияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Лев Кузнецов, «РусГидро» ОАОялъул гендиректор Евгений Дод ва республикаялъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1ипов. Х1урматиял гьалбал щвана Гьоц1алъ ГЭС балеб бак1алде, халгьабуна х1алт1абазул иналъул, ц1ехана х1ажатаб-таралъул. Бихьизабизе ккола, исана рак1алда раг1ула гьеб жиндир къуваталъул рахъалъ республикаялда ункъабилеблъун кколеб гидроэлектростанция х1алт1изе кьезе.
|
Автор.Х1.Х1асанов.Июнь 2015с.
Т1адаб медицинаялъул страхованиялъул фондалъул Хунзахъ бугеб филиалалъ цо къадаралъул х1алт1и гьабула районалъул сахгьариялъул г1уц1абаз г1адамазе гьабулеб хъулухъ лъик1лъизабиялъул мурадалда. Гьедин зама-заманалдасан т1орит1ула районалъул ва участкаялъулал больницабазда халгьабиял. Гьелда г1ахьал гьарула больницаялъул администрациялъул районалъул газеталъул, бак1алъулаб телевидениялъул вакилзаби.
|
Автор.Мух1амад Рамазанов.Июнь 2015с.
Гьеб бук1ана араб соналъул августалъул байбихьи. Ниж маг1арухъе унел рук1ана. Буйнакскиялде щолаго, Лат1ипил Мух1амадица абуна: «Г1абасил Мах1амад вихьизе Лъаг1илухъе сверилищ»,-ян. Гьай-гьай, дица гьеб пикруялъул рахъккуна. Нижеца Савдатихъеги ах1ана кват1ич1ого т1аде щвезе ругилан.Г1абасилавги Лат1ипги вацаллъун гьарарал чаг1и рук1ана. Эмен цевеса индал, шаг1ирасул рукъалъулгун щулияб бухьен ч1езабун бук1ана Мух1амадица. Диегоги гьунар т1ок1ав раг1ул устар рик1к1адаса чи вук1инч1о. Дие,лъабабилеб классапъул ц1алдохъанасе, муг1алимлъи гьабуна гьес.Ниж т1аде щведал, Мах1амад ватана гъоркьияб т1алаялда нуц1ил к1алт1а лъураб кроваталда хьибилч1ван. Гьев,Савдатица бицахъе, нижеда дандч1вазе вахъун вук1ун вуго ва гьениб к1игог1ан саг1ат бан буго. Шаг1ир лъик1 гьеч1ого вук1ана, амма лъалаго лъинанин ккана ниж т1аде рач1индал. Беразулъ г1ажаибаб кунч1иги халлъана.Ниж т1амуна ц1ик1к1ун бицине ва к1варкьун г1енеккана.Савдатица цебе босун бач1ана х1ухьлахинаго бугеб чахъдал бет1ерги, ц1оросаролъил хинк1алги, чанго бат1ияб ниг1матги. Гьадинаб бечедаб ва т1аг1амаб тепси гьаб гъаст1а кидаго бук1ана.Ниж рачана живго шаг1ирас г1уц1араб адабияталъул музеялде. Аралъулги бач1унелъулги суалазе жавабал ругоан гьенир.
|
Автор.Шамай Хъазамбиева. Июнь 2015с.
Щибаб нухалъ ручка кодобе босарабго, дида ракIалде ккола гьаб нухалъгIаги цIалдолезул ракIал рохизарулеб хабар, яги макъала хъвалилан. Ва щибаб нухалда дие рицуна, дида рагIула пашманал харбал. Абиларо дица нилъеда сверухъ кинабго квеш бугилан – лъикIлъиялъ, бкрцинлъиялъ ккураб дуниялги дунялалда гIумруги буго нилъер.Дихъ ралагьунги, лъицаго абиларо дун къваридай, пашманай гIадан йигилан.Амма пашманабги рохарабги – кIиялдаго гьоркьоса цояб бищизе тIамуни, бокьулеб буго къварилъиялъул бицине.Гьелъго батила Наби МухIамадовасул кьисматалъ дие кIудияб асар гьабураб. Дица хъваралъулъ аслияб бакI кколеб буго магIуялъ, пашманлъиялъ -лъикIлъиялда нахъаги бахьун къварилъиги бугелъулха.
|
Автор.Х1.Ясулов.Хунзахъ росу.Июнь 2015с.
25 соналъ цебе – 1990 соналъул 7 маялъ къват1ибе бач1араб «Росдал зах1матчиги» босун редакциялде яч1арай Махулова Сидратица бицана жиндир дах1адада Мух1умаг1алил гуребги, гьаб макъалаялда Атаев Х1усенх1ажилги, 1943 соналъ г1арзаги кьун рагъде ине бокьарал Хунздерил комсомолазул х1аракатчилъиялъулги хъван бугила, гьелда т1адеги макъалаялъул автор мунагьал чураяв Ясулов Х1ажиги рак1алде щвезавизе мустах1икъав тарихчи вук1анилан. Гьелъул гьариялда рекъон бахъулеб буго «Гьазул жеги 18 сон бук1инч1о» абураб заман аниги к1очен, хвел гьеч1еб гьаб макъала.
|
|