25 соналъ цебе – 1990 соналъул 7 маялъ къват1ибе бач1араб «Росдал зах1матчиги» босун редакциялде яч1арай Махулова Сидратица бицана жиндир дах1адада Мух1умаг1алил гуребги, гьаб макъалаялда Атаев Х1усенх1ажилги, 1943 соналъ г1арзаги кьун рагъде ине бокьарал Хунздерил комсомолазул х1аракатчилъиялъулги хъван бугила, гьелда т1адеги макъалаялъул автор мунагьал чураяв Ясулов Х1ажиги рак1алде щвезавизе мустах1икъав тарихчи вук1анилан. Гьелъул гьариялда рекъон бахъулеб буго «Гьазул жеги 18 сон бук1инч1о» абураб заман аниги к1очен, хвел гьеч1еб гьаб макъала.
Исана 70 сон т1убала гитлерилаб Германиялда т1ад Советияб халкъалъ ц1ар paг1араб бергьенлъи босун. Гьеб к1удияб лъугьа-бахъиналда бан мустах1икъаблъун бихьула 1941-45 соназул К1удияб Ват1анияб рагъулъ г1ахьаллъаразул ц1арал ва гьезул бахlapчиял ишал цоги нухалъ ц1ик1к1араб адабгун рак1алде швезаризе. «Шивго к1очон гьеч1о, щибго к1очон гьеч1о» абурал раг1аби х1ажат буго х1акъикъияллъун лъугьинаризе.
Гьеб мурад бук1ана Хунзахъ т1убач1еб гьоркьохъеб школалда рагъул ва зах1маталъул ветеранал Махулов Мух1амадг1али Махуловичасулгун ва Атаев X1осенхIажи КъурамухIамадовичасулгун ц1алдохъабазул ва учительзабазул бук1араб дандч1ваялъул.
Т1адехун рехсарав к1иявго гьалмагъ 1943 соналъ жидеегo бокьун армиялде ана.
Иш бук1ана гьадин. Бах1арчияб Баг1араб Армиялъ гьеб заманалде тушманасда г1езаг1анго х1унсарал кьабиял щвезарун рук1аниги, гьев жеги къуваталда вук1ана, гьесул кверзукь Северияб Кавказалде г1унт1ун Советияб Ват1аналъул к1удияб бут1а бук1ана. X1ажат бук1ана т1олабго улка эркен гьабизе ва тушман щущахь виххизавизе. Гьеб бах1арчияб ишалъулъ жидерго бут1а лъезе бокьарал Хунзахъ росдал Сталинил (гьанже Хизроевасул) ц1аралда бугеб колхозалъул комсомольцал данделъана 1943 соналъул 8 февралалда. Данделъиялда раг1и босаразул к1алъаял рук1ана рагъул заманалда рекъарал, къокъал ва ч1ванкъот1арал. Росулел руго гьеб данделъиялъул протоколалдаса к1алъаял.
- М. Г1алибеков: «Жакъа Ват1аналде къо ккун буго. Фашистазе кьварараб жаваб кьезе армиялде ине дицаги гlaрза кьола, нужги гьелде axlyла».
- M-ГI. Махулов: «Гьанже нилъехъан армиялде бокьарал гурони рачунел гьеч1елъул, Ват1ан ц1унизе рекъараб буго бокьун. Дицаги г1арза кьола».
- XI-XI. Атаев: «Мобилизовать гьарун иналдаса рак1алъ ах1ун ине мустах1икъаб буго т1аде вач1арав тушмангун рагъде. Дицаги г1арза кьола».
- З. Абакаров: «Дир ц1ик1к1арав вац вуго рагъда. К1удиял чаг1аздаги жидеего бет1ербахъи гьабизе к1велеб батила. Дицаги кьола г1арза фронталде ине».
- Г1. Г1алибеков. «Халат гьабич1ого, дир предложение буго к1алъай къазе ва киназго рагъде рит1еян г1арзал кьезе».
Данделъиялда гьабураб х1укму:
1. 1924-25 соназ гьарурал комсомольцаз бокьун армиялде ине г1арзал кьезе.
2. Райвоенкоматалда гьаризе, г1арзалги къабул гьарун, ниж армиялде рит1еян.
Гьедин, доб заманаялда жеги балугълъиялде рахинч1ел Хунзахъ росулъа М. Х1асанов (Тутуев), А. Бац1алов, М-Г1. Махулов, XI-XI. Атаев. XI. Мух1амадов, М. Г1алибеков, XI. Г1умаров, М -Р. Гьиматов, 3. Абакаров, TI. Исбагьиев, 3. Дибирчуев, Г1. Г1алибеков, М. Абакаров, TI. Х1усенов жидеего бокьун Ват1ан ц1унизе ана.
Цо макъалаялда жаниб киназулго х1акъалъулъ хъвазе рес бук1унгут1иялъ, т1ад руссинин XI-XI. Атаевас ва М-Г1. Махуловас нахъа тараб рагъул нухде.
Х1осенх1ажица рагъда т1оцебесеб г1ахьаллъи гьабула тушманасдаса Таганрог эркен гьабулаго, Ворошиловградалда гъоркь лъукъула. Госпиталалдаса вуссун хадуб г1ахьаллъи гьабула Украина, Бессарабия, Трансильвания, Румыния, Венгрия гитлерилаб армиялдаса эркен гьариялда. 1944 соналъ щола т1оцебесеб рагъулаб шапакъат. Гьеб соналъул август моц1алда Яссиялда, Кишиневалда сверухъ ккарал рагъал ц1акъ кьварарал ва жавабиял рук1ана. Х1осенх1ажи гъорлъе кколеб разведвзводалда цебе лъола тушманасул армиялъе кумек, ярагъ, сурсат рехулеб маххул нух т1асан унеб кьо кьагьизабизе масъала. Гьеб т1адкъай т1убаялъ квербакъи гьабула тушманасул 22 дивизия сверун кквеялъе ва гьел щущахъ риххизариялъе. Гьелъие г1оло Xloceнxlaжил каранда бала «Рагъулал гьунаразе г1оло» медаль.
Румыниялъул тахшагьар Бухарест босизелъун гьарурал рагъазулъ нилъер Армиялъе нух къот1ула тушманасул танказ. Х1осенх1ажица т1аде рач1унел танказул цояб жинцаго хвезабула ва гьесул каранда кенч1ола цоги рагъулаб шапакъат «Ват1аналъул рагъул к1иабилеб даражаялъул» орден.
Венгрия эркен гьабулаго 1945 соналъ Мишкольц шагьаралда аск1ов к1иабилеб нухалъ лъукъарав Х1осенх1ажи нахъойги госпиталалде ккола ва гьениб раг1ула Германиялда т1ад бергьенлъи босиялъул рохалилаб хабар.
1942 соналъул ахиралда 1943 соналъул авалалда Сталинградалда тушман щущахъ виххизавиялъ лъола байбихьи рагъул ин кьуч1дасанго хисизибиялъе, ай Советияб Армиялъухъе кинабго рахъалъ рагъулъ т1ок1лъи щвеялъе. Гьеб т1ок1лъи axиралде щун щула гьабула 1943 соналъул июль август моц1аз Курск шагьаралда сверухъ ккарал ч1ах1иял рагъаз. Гьеб ц1адулъ щола Махулов Мух1амадг1алие унго-унгояб рагъулаб махщел, гьенибго бихьула рагъул кьог1лъиги, 17 соналъул г1умруялда цадахъ бокьун рагъде вилълъарав М. Х1асанов (Тутуев) ва т1алъиялъ.
1944 соналъул риидал гитлерил фашистазухъа хвасар гьабула Белоруссия. «Багратион» абулеб операциялъул х1асилалда Витебск-Бобруйскалда сверун ккола ва кверде босула тушманасул 10 дивизия, Минск эркен гьабулаго сверун ккола ва щущахъ риххизарула гитлерил армиялъул 100 азарго солдат ва офицер. Гьеб к1иябго рагъулъ г1ахьаллъаразул цояв ккола Мух1амадг1алиги. Хадуб гьес жигараб г1ахьаллъи гьабула Пруссия ва Польша тушманасдаса рац1ц1ад гьариялъе унел рагъазулъ ва Висла-Одералда тушман щущахъ виххизавиялъулъ. МухIамадг1алил гьайбатаб рагъулаб нух лъуг1ула рейхстагалъул къадазда аск1об, Берлин босиялдалъун.
М-Г1. Махулов рагъул зах1матал къояз тушманасде гьужумалъ иналде цебе окопалъув Коммунист партиялъул кьеразулъе лъугьуна. Рагъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло гьев мустах1икълъула «Бах1арчилъиялъе г1оло», «Рагъулал гьунаразе г1оло», «Берлин босиялъе г1оло» ва цогидалги медалазе.
Х1. Ясулов, Хунзахъ росу.
|