8 июналда х1алт1улаб сапаргун районалде рач1ун рук1ана Шималияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Лев Кузнецов, «РусГидро» ОАОялъул гендиректор Евгений Дод ва республикаялъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1ипов. Х1урматиял гьалбал щвана Гьоц1алъ ГЭС балеб бак1алде, халгьабуна х1алт1абазул иналъул, ц1ехана х1ажатаб-таралъул. Бихьизабизе ккола, исана рак1алда раг1ула гьеб жиндир къуваталъул рахъалъ республикаялда ункъабилеблъун кколеб гидроэлектростанция х1алт1изе кьезе. «РусГидро» г1уц1иялъул нухмалъулес раг1и кьуна гьеб ишалъулъ жидедасан бач1арабщинаб кумек гьабизе. Рамазан Х1ажимурадовичас жиндирго к1алъаялда бихьизабуна Гьоц1алъ ГЭС х1алт1изе биччай Дагъистаналъе «бец1лъудасан баккараб канлъи г1адаб жо бугилан» ва республикаялда 3000 г1ан специалист вугин, гьединал объектазда х1алт1изе махщелги лъайги жидер бугеван. Гьединго гьеб къоялъ т1алъиялъул вакилзаби щвана «Ч1алда - Къорода» автомобилияб нухалъул лъеца кьват1изабун хвараб участкаялде. Гьаниб бихьизабизе ккола, гьеб нухалъул к1вар ункъго районалъе бугеблъи ва пихъ барщулеб сезоналъ гьеб къан бук1иналъул сверухъ ругел росабазул г1адамазе зарал гурого гьеч1еблъи. Федералияв министрас т1адехун рехсарал к1вар бугел х1ужабиги х1исабалде росун, лъазабуна нух къач1аялъул проекталъулаб бут1аг1аги исана лъуг1изабизе ккеялда. Гьеб масъала т1убазабизе х1ажалъулеб раг1ула 354, 388 млн. гъурущ г1арац. Рак1алде ккола т1алъиялъул вакилзабазул сапаралдаса хадуб ч1ванкъот1арал ишазухъ г1емер мехалъ балагьун ч1езе ккеларилан. Амин.
Ф. Мух1амадова.
|