Щибаб нухалъ ручка кодобе босарабго, дида ракIалде ккола гьаб нухалъгIаги цIалдолезул ракIал рохизарулеб хабар, яги макъала хъвалилан. Ва щибаб нухалда дие рицуна, дида рагIула пашманал харбал. Абиларо дица нилъеда сверухъ кинабго квеш бугилан – лъикIлъиялъ, бкрцинлъиялъ ккураб дуниялги дунялалда гIумруги буго нилъер.Дихъ ралагьунги, лъицаго абиларо дун къваридай, пашманай гIадан йигилан.
Амма пашманабги рохарабги – кIиялдаго гьоркьоса цояб бищизе тIамуни, бокьулеб буго къварилъиялъул бицине.
Гьелъго батила Наби МухIамадовасул кьисматалъ дие кIудияб асар гьабураб. Дица хъваралъулъ аслияб бакI кколеб буго магIуялъ, пашманлъиялъ -лъикIлъиялда нахъаги бахьун къварилъиги бугелъулха.
Наби МухIамадов. Исана гьес тIубалаан 45 сон.
Ахираб заманалда дица цIалана гьесул хIакъалъулъ «Дагправда», «Дагъистаналъул гIолилал» газетазда хъварал макъалаби. ТIатIала юссун чанго нухалъ цIаларал гьез дир рекIее рохелгун пашманлъи жубараб асар гьабуна Набил къисматалъ. РикIкIада Америкаялда гвангъахъе хутIана нилъер ракьцояв Наби МухIамадовасул гIумруялъул ва гIелмуялъул цIва.
Амма дагьайги чIухIана дун Набил кIудияв эмен Хунзахъ районалъул ГIободаса кколев ватидал (дир эбел ХIалимат ГIободаса кколаан) ТIанусиса ГIабдулхаликъов Хъайтмазица гьебго росуца «Дагсельхозстроялъул» генералияв директорасул заместитель МухIамадов ГъазимухIамадил гIарцулаб кумекаялдалъун, «Поколение» проекталда рекъон Наби МухIамадовасул хIакъалъулъ бахъараб фильм бихьидал, дида ракIалде ккана щайдай гьединаб пагьму-гьунаралъул гIадамазул гIумру цIакъго къокъаб букIунебилан.
Буйнакск шагьаралда №2 гьоркьохъеб школаги лъугIизабун Наби ана Санкт-Петербургалъул университеталда цIализе. Гьесул гьитIинго бижана химиялде кIудияб рокьи, ва, университет лъугIун хадув, гьес химиялъул гIелмуялъул балъголъаби лъазаризе тIаса бищула Америка.
Америкаялъул университетазда цIалулел тIоцересел соназго бихьизабула Набица жиндирго пагьму-гьунар. Америкаялъул профессорал Эванси ва Хартил кIудияб божилъи бижана Дагъистаналдаса гIолохъанав гIалимчиясде.
Гьеб бицунеб буго 36 сон барав Рочестералъул университеталъул профессор Наби МухIамадов автокатастрфаялда чIвараб къоялъ гьесул гьудулзабазул, цадахъ хIалтIаразул магIуялъги къварилъиялъги. Набида цадахъ хвана гьесул лъади Наталья Щербина ва вас Амир.
ЦIакъ ракIкъварилъана ва, кигIан ккуниги, магIуги жибго бачIунеб букIана, Набиги хъизан хванилан рагIарал къояз, америкаялъулаз гьел ракIалдещвеялъул къоял тIоритIулеб куц бихьидал.
Динги, гIадаталги, культураги батIиял гьел гIадамаз дагъистаниязул гьабулеб букIараб адаб, гIодилаго бицунеб букIана гьез Набил хIакъалъулъ.
Набил яц Дагмараца бицунеб буго гьес цо нухалъ, биценго гьечIеб бакIалда абунила жиндие хоб Дагъистаналда бокьилаанилан. Умумуз абухъе, гьаналъго бицараб гIадин, Набида лъалеб букIун буго жиндир цIва свинехъин букIин – ВатIаналде гьесул ахирисеб сапар халатаб батана – нухда 11 къоги бан, гьев щвана гIагараб Буйнакск шагьаралде, ва жиндирго Наталиягун ва Амиргун рукъана Буйнакскиялъул басриял хабзалалъ. Америкаялда кIочон гьечIо нилъер Наби.
Гьениб гIуцIун буго Наби МухIамадовасул цIаралда бугеб Фонд. Щибаб соналъ химиялъул гIелмуялъулъ тIокIлъи бихьизабурал гIалимзабазе гьеб Фондалъ премия кьола. Гьенирго тIоритIула химиялъул цIех-рехал.
ТIанусиса ГъазимухIамад МухIамадовас гьеб Фондалде битIана 1,5.000 доллар.
Дида цо лахIзаталъ Америкаялъул политика кIочана, ва цере рачIунел руго сундухъго халгьабичIого, нилъер ракьцояв Наби МухIамадовасде рокьи загьир гьабурал рикIкIада Америкаялдаса гIадатал гIадамал. Доба кенчIелеб буго Дагъистаналдаса Набил свин гьечIеб цIва: гьев цIаларав ва хIалтIарал Огайо, Гарвардалъул ва Рочестералъул университетазда щибаб санайил ракIалде щвезавула Наби МухIамадов.
Буйнакск шагьаралъул №2 школалда щибаб сонайил тIоцебесеб сентябрялда Наби цIалараб классалда цIалдохъабазе бицуна гьесул. ГIуцIун буго Набил гIумруялъул ва гIелмуялъул бицунеб бокIон.
Шамай Хъазанбиева
|