Т1адаб медицинаялъул страхованиялъул фондалъул Хунзахъ бугеб филиалалъ цо къадаралъул х1алт1и гьабула районалъул сахгьариялъул г1уц1абаз г1адамазе гьабулеб хъулухъ лъик1лъизабиялъул мурадалда. Гьедин зама-заманалдасан т1орит1ула районалъул ва участкаялъулал больницабазда халгьабиял. Гьелда г1ахьал гьарула больницаялъул администрациялъул районалъул газеталъул, бак1алъулаб телевидениялъул вакилзаби.
Дагьаб цебе т1обит1араб гьединаб халгьабиялъ гъорлъе бачана райбольницаялда г1адамазе гьабулеб медицинаялъул хъулухъ ва гьелъул качество. Гьениб аслияб к1вар буссинабун бук1ана унтарал дарабаздалъун кванидалъун хьезариялде.
Палатабахъе раккун унтаразулгун гьабураб гара-ч1вариялдасан бихьулеб бук1ана г1аммаб куцалъ ОМСалъул т1алабазде данде кколеб бук1аниги гьеб ишалъулъ цо-цо г1оларел рахъалги камун гьеч1олъи. Хасгьабун босани терапиялъул ва лъимал гьарулеб отделениязда г1олел рат1ич1о цо-цо дараби. Жалго унтаразги нуг1лъи гьабулеб бук1ана гьеб х1ужаялъе. Ратарал г1унгут1аби лъуг1изариялъе заманги ц1ан, гьел рихьизарун руго больницаялъул администрациялъул обходалъул журналалда. Разилъизе бач1ана унтаразда жидерго ихтиярал ва т1адал ишал ц1ик1к1ун лъалел ратиялдаса.
Халгьаби т1обит1ана больницаялъул киналго отделениязда ва дарабазул складалда. Хъвай-хъваг1аяздасан бихьулеб буго складалда цо-цо дараби дагьлъун рук1ин. Больницаялъул кухнялда халгьабидал, квен х1адургьабиялъулъ ва ниг1матал ц1униялъулъ г1олареб жо гьеч1оан.
Т1адаб медицинаялъул страхованиялъул х1алт1улъ ц1ияб-т1ок1аб щибилан ц1ехани, абизе бегьула ОМСалдасан сахлъи ц1униялъул учреждениял г1арцудалъун хьезари (финансирование) т1убанго раг1алде бахъанилан. Цебе больницабазе тохтурзабазул х1алт1ухъ мухь, дараби, кванихъгун босен-къаялъухъ г1арац ОМСалдасан бач1унеб бук1араб батани, абизе бегьула гьанжеялдаса т1олабго г1арцудалъун хьезари рехсараб г1уц1иялдасан бук1ине бугилан. Гьединго щулалъулел руго ОМСалдаги сахгьариялъул г1уц1абаздаги гьоркьосел цогидал бухьенал. Т1адег1анаб технологиялъул медицинаялъул хъулухъазул цо бут1аялъеги г1арац бичалеб буго ОМСалдасан. Гьединал хъулухъазул сиях1 х1адурги гьабун ТФОМСалъул ва ДРялъул Сахлъи ц1униялъул министерствалъул сайтазда лъунги руго. Цоги, унтаразул ихтияр буго сахлъун больницаялдаса къват1иве вичалаго, медосмотр гьабун хадуб яги поликлиникаялда сах гьавун хадуб жиндие гьабураб хъулухъалда, сахгьавиялда т1ад арал харжал ц1ехезеги. Гьединал баянал кьезе (справка х1исабалда) т1адаблъун гьабун буго больницабазда. Нагагьлъун гьеб кьезе инкар гьабулеб бугони (рак1алде ккола гьединаб х1ужа къанаг1атги бук1инарилан) ниж х1адурал руго нужер ихтиярал ц1унизе, ах1е районалъул ФОМСалде телефоналъул гьаб номералдасан, нуж мурадалде щвезаризе х1адурал руго.
Х1. Х1асанов, ФОМСалъул Хунзахъ филиалалъул директор.
|