Воскресенье, 19.05.2024, 17:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Июнь » 11 » ШАГ1ИРАСУХЪ ГЬОБОЛЛЪУХЪ.
11:20
ШАГ1ИРАСУХЪ ГЬОБОЛЛЪУХЪ.

Гьеб бук1ана араб соналъул августалъул байбихьи. Ниж маг1арухъе унел рук1ана. Буйнакскиялде щолаго, Лат1ипил Мух1амадица абуна: «Г1абасил Мах1амад вихьизе Лъаг1илухъе сверилищ»,-ян. Гьай-гьай, дица гьеб пикруялъул рахъккуна. Нижеца Савдатихъеги ах1ана кват1ич1ого т1аде щвезе ругилан.

Г1абасилавги Лат1ипги вацаллъун гьарарал чаг1и рук1ана. Эмен цевеса индал, шаг1ирасул рукъалъулгун щулияб бухьен ч1езабун бук1ана Мух1амадица. Диегоги гьунар т1ок1ав раг1ул устар рик1к1адаса чи вук1инч1о. Дие,лъабабилеб классапъул ц1алдохъанасе, муг1алимлъи гьабуна гьес.

Ниж т1аде щведал, Мах1амад ватана гъоркьияб т1алаялда нуц1ил к1алт1а лъураб кроваталда хьибилч1ван. Гьев,Савдатица бицахъе, нижеда дандч1вазе вахъун вук1ун вуго ва гьениб к1игог1ан саг1ат бан буго. Шаг1ир лъик1 гьеч1ого вук1ана, амма лъалаго лъинанин ккана ниж т1аде рач1индал. Беразулъ г1ажаибаб кунч1иги халлъана.Ниж т1амуна ц1ик1к1ун бицине ва к1варкьун г1енеккана.

Савдатица цебе босун бач1ана х1ухьлахинаго бугеб чахъдал бет1ерги, ц1оросаролъил хинк1алги, чанго бат1ияб ниг1матги. Гьадинаб бечедаб ва т1аг1амаб тепси гьаб гъаст1а кидаго бук1ана.

Ниж рачана живго шаг1ирас г1уц1араб адабияталъул музеялде. Аралъулги бач1унелъулги суалазе жавабал ругоан гьенир.

 

ДИР МУГ1АЛИМ

Гьеб бук1анин ккола 1960 сон. Дун ц1алулев вук1ана лъабабилеб классалда. Нижер Сагьада росдал байбихьул школалда ункъо муг1алим х1алт1улев вук1ана Г1абасил Мах1амадги рик1к1ун. Школалъе нухмалъи гьабулеб бук1ана Мух1амадов Лат1ипица. Авар мац1алъул дарсал Г1абасилас кьолел рук1ана. Щаяли лъаларо, гьесул бухьен дидехун ц1ик1к1ун бук1унаан. Гьес дун т1амулаан бат1и-бат1иял алатазда, гъвет1-хералда ц1унт1адерил мац1алда ц1арал рицине ва таржама гьабизе. Дица доб мехалдаго ц1алун рук1ана «Авар халкъалъул маргьаби», М. Сулимановасул «Лъабго къиса» асарал. Гьелъ ниж цоцада ц1ик1к1ун рич1ч1улел рук1ун ратизеги бегьула. Шаг1ирасул асаразулъ дандч1вала нижер диалекталъул раг1абиги. Масала: «…заман баялъ зози т1ад къарал» г1адал ва цогидалги. Зози ккола тамалоялъул цо тайпа.

Цо нухалъ дица къадарго бицана ц1арубак1алда хурхараб дарс. Дир тохлъиялъул Мах1амадица бицана росдал фельдшерлъунги гьелдаго цадахъ муг1алимлъунги х1алт1улев вук1арав дирго вацг1ал Мусада. Гьев лъугьана дир г1ундул ц1ац1азе. Гьеб мехалъ Г1абасилас, гьесул квач1акьа дунги вахъун,  мун вагъдезе гурин, дуца кумек гьабизейин г1арз бахъун бук1анилан абуна.

Перерывалъул заманалдаги экскурсиялда г1алахалдаги дир муг1алимасухъ рук1унаан машинкаялъ хъварал т1анчал. Гьел рук1унаан рит1изариязги х1учазги чарлъизарун.Байбихьудаго гьедин х1алт1улаан г1олохъанав шаг1ир.

Цо лъаг1алидасан дир муг1алим нижехъа нахъе ана. Басмаялде рахъарал т1ахьал гурони живго шаг1ир г1емерал соназ дида вихьич1о. Къоло ункъо сон барав дун, хъварал куч1дузул бицатаб тетрадги босун, Дагъистаналъул издатедтельствоялде щвана. Нечадго лъугьана жаниве. Столазда нахъа г1одов ч1ун вук1ана чамалиго чи.Саламги кьун, Г1абасил Мах1амад къвариг1ун вугин абуна. Шаг1ирас, т1адеги вахъун, дир квер бачана. Гьесда дун лъана, гьикъарана, росдал щибав чи рак1алде щвезавуна. Цадахъ ругезда жиндир ц1алдохъан вук1анилан абуна.   Жиндирго муг1алим ват1а вахъизе лъаларев ц1алдохъан кинавилан гьел г1аг1аялда релъанхъана. Мах1амадица гьезде квер хьваг1ун тана.

Хадусеб соналъ дун гочана маг1арухъа шагьаралде. Г1абасилас, малъа-хъваялги гьарун, дир куч1дул т1адруссинаруна. Кват1ич1ого гьезул цо бут1а г1ахьалаб мажмуг1алдаги лъуна.

Дида рак1алде ккана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул мац1азул факультеталде ц1ализе лъугьине. Гьеб лъарав Мах1амад, гъеж ккун дунги вачун, хъвадарухъабузул союзалде вилъана. Гьес Рпсул Х1амзатовасда бицана дун ц1ализе лъугьунев вугилан ва киндай бук1ина М. Горькил ц1аралда бугеб институталде вит1анийилан. К1удияв шаг1ирас дун т1амуна т1оцебе хъвараб кеч1 ц1ализе. Гьеб бук1ана анц1ила цо сонил г1умруялда дица Ю. Гагариниде гьабураб ункъо мухъ:

Ана мун гьавадул гамида рек1ун,

Рак1алда бук1инч1еб космос квегъизе

Т1адвуссун вач1ана, дунялги сверун,

Сурат бахъун моц1рол формаги босун.

Расулица абуна «Рак1алда бук1инч1еб…» раг1аби хисани лъик1 бук1инилан. Гьеб параялъ дица «Рик1к1адал ц1вабзахъе…» абун хисана. Гьев гьимана ва абуна: «Мах1амадида лъик1аблъунги бихьидал, ц1унт1адерил вакилги вугелъул, хъвазеги лъалелъул хъвадарухъабазул союз х1адураб буго дуе кумек гьабизе», -ян.

Литинституталда экзаменал кьезе кколаан сентябралда. Нилъер университеталда дица гьел кьуна июналда ва лъуг1изабуна. Дипломалъулаб х1алт1и хъвана Г1абасиласул шаг1ирлъиялдаса.

Гьелъие рецензия Сиражудин Х1айбулаевас хъвана ва абуна: «Г1абасиласул шпг1ирлъиялъул х1акъалъулъ жеги г1ат1идго лъицаниги хъван бук1инч1о. Дица х1алт1и ц1алана т1арадаса ахаде щвезег1ан. Ц1ияб жо г1емер батана, шаг1ир гъваридго лъана»,-ян. Ахиралда хъван бук1ана авторасе лъик1 бук1инаанин хадубккун жиндирго лъай дагьабги каллъизабуниян. Г1абасиласги х1албахъун бук1аниги, т1ок1аб цебехун гали лъеч1о дица.        

 

НУХ ХАЛАЛЪАРАБАНИ…

Гьоболлъухъ шаг1ирасухъ ниж рук1аралдаса нахъе к1иго моц1 г1еч1еб заман ун бук1ана. Октябралъул къоабилеб къоялъ Лат1ипил Мух1амадица ах1ун бач1ана Г1абасилав къадаралде щун раг1улилан. Ниж к1иялгоги цадахъ бакъназул устар Абакаров Г1алиги Лъаг1илухъе сапаралъ рахъана. Къо бук1ана роц1араб. Хаслихълъиялъул т1абиг1ат гвангъун щвараб бакъуда данде х1екун, тамахлъун, рагьун ч1ун бук1ана;нахъойги цеве т1амун вач1ана г1адамалги хирияв,г1адамазеги хирияв, сундулъго лъиего х1алае ватулев Г1абасилав. Лах1зат ч1ун хут1ун бугин кколеб бук1ана. Шаг1ирасул ват1аналде г1агарлъанаг1ан, нух дагьабги халалъулебани, щолареланиян рак1 х1алаккун к1ет1езе лъугьана. Лъалеб бук1ана, г1ансаги къададехун базабун, къвалакье ниж рачине данде Мах1амад вахъине гьеч1еблъи.

Кверкьеялдаса хадур ниж шаг1ирасул хабат1е рахана. Нахъойги Савдатилгун накъиталда ч1ана. Г1абасиласе кваранаб кверлъун йик1арай гьелъ гьаб ками сабруялда бачунеб бук1иналъ, дида рак1алде рач1ана живго шаг1ирасул раг1аби:

Т1ей гьеч1еб ирга буго дуниялалда г1умру.

Иргаялда ч1ун буго г1асруялъеги г1асру.                  

Мух1амад Рамазанов.

Сураталда:Дагъистаналъул халкъияв поэт Г1абасил Мах1амад, Лат1ипов Мух1амад, Рамазанов Мух1амад. 2014 сон, 7 август.

 

Просмотров: 677 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz