Х1урматиял К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1и, т1олалго районцоял!
Рак1-рак1алъ баркула нужеда К1удияб Бергьенлъиялъул къо – 9 май!
Цоги-цоги байрамазде дандеккун Бергьенлъиялъул къоялъул буго жиндирго хаслъи, т1ок1лъи, т1адег1анлъи. Миллионал ч1варалги лъукъаралги г1адамал, аза-азар риххизаруралги ч1унтизаруралги росаби ва шагьарал… Къварилъи, ресукълъи, чиякълъи – гьеле жакъасеб байрамалъул х1акъикъияб багьа. 2600-са ц1ик1к1ун г1олохъанчи ана нилъер районалдаса доб г1асияб рагъде. Гьезул 1407 чи хут1ана абадиялъего кьалул майданалда. Бергьенлъи нилъергун г1ахьал гьабизе т1адруссарал г1олохъабазулги г1емерал рач1ана рагъул кьог1лъиялъул нуг1заллъун хут1арал, сахлъуларел ругъналгун. Нилъеца киназго бут1рул къулун х1урмат жидер гьабулев 8 К1удиб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи вуго жакъа районалъул росабалъ.
70 сон сверана Ват1анияб рагъда совет халкъалъ ц1ар раг1араб бергьенлъи босаралдаса. Гьеб заманалда жаниб чанго бат1ияб г1ел хисана нилъер улкаялда. Амма абадиялъ к1очене гьеч1о нилъерги, нилъер лъималазулги бук1инеселъе г1оло къеркьарал г1олохъаби, гьезул бах1арчиял ишал. Гьезул мисал хадусел г1елазе дарслъун хут1изеги буго.
Хириял К1удияб Ват1инияб рагъул г1ахьалчаг1и ва т1олалго районцоял! Гьаб къимат т1ок1аб байрамги баркулаго, бокьун буго нужер щивасе гьаризе рекъелги, талих1ги, рохелги. Биччанте рагъул кьог1лъиги кьулул гъугъайги нилъедаги, нилъер наслабаздаги киданиги бихьунгут1изе ва раг1унгут1изе!
Районалъул администрациялъул бет1ер С. Юсупов.
Районалъул собраниялъул председатель Х. Хваджаев.
Районалъул рагъул ва зах1маталъул ветераназул советалъул председатель Г1. Г1алих1ажиев.
«Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив.
|
Нилъер районалдаса КIудияб ВатIанияб рагъде ана 2 600-са цIикIкIун чи, тIад вуссинчIо 1407 чи.КIудияб ВатIанияб рагъул фронтазда районалъул 185 офицерас взводазе, ротабазе, батареязе, батальоназе ва полказе командирлъи гьабуна.Гьезда гьоркьор руго полковник Качалов МухIамад, подполковник Мавлиев ХIажидада, Хизроев МухIамад, майор Хизроев НурмухIамад, Хьиниса капитан НурмухIамадов Камалудин, БуцIраса подполковник МухIамадов Зайнудин, ХIариколоса полковник ГIусманов ГIумархIажи, ЛъагIилухъа подполковник ХIусенов Жамалудин ва гIемерал цогидалги.
|
Автор.Фат1имат Мух1амадова.Май 2015с.
Къалъулеб, т1егьалеб май моц1.Киналго рекерахъдилел руго: цоял – рихьдае, цойгидал – рек1ел ах1иялда хадур рилълъун Советияб Армиялъ Фашистазулаб Германиялда т1ад Бергьенлъи босаралдаса 70 сон т1убаялъул байрам к1одо гьабизеян.Дун, цебе лъун рагъул т1оцересел моц1азго ч1варав имг1аласул суратгун, гьесулгун харбида йиго… Нахъвуссинч1ого хут1изе бегьулеблъи лъалаго, кин мун х1инкъич1ого вортарав гьужумалде? Кинал анищал дур г1олохъанаб рек1елъе рач1унел рук1арал къанаг1атал г1одобебиччаялъул лах1затаз, ц1орорал хандакъахъ вегун вук1аго? Кин гьеб бук1унеб – г1олохъанго хвей? Киг1ан к1удияб къуваталъул бук1ине кколеб Ват1аналде рокьи, цо саг1ат – параялъцин нахъе къач1ого, гьелъул эркенлъиялъе г1оло дурго г1умру бичизе? Кинаб кьер рагъул? Щиб мах1 гьелъул? Кин дулъ гьебгонияб бах1арчилъи г1ураб, дуе ахирисеблъун лъугьараб рагъулаб заданиялде иналда цебе, рокъосезде къо-мех лъик1 гьабун кагъат хъвазе?... Данде жаваб гьеч1ел г1емерал «Кин»ал, «щиб»ал , «щай»ял. Заманаялъ бек-бекараб, кьер араб сураталде маг1уги т1инк1улаго, дица къалам кодобе босана…
|
Автор.Г1.Г1алих1ажиев,районалъул ветераназул советалъул председатель.Май 2015с.
Къо бахъанаг1ан мигьлъулел, дагьлъулел руго К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азул кьерал. Нилъер бук1инеселъе г1оло рух1алда барахшич1ого рагъарал, ракълилаб зах1маталъулъги ц1ик1к1арал церет1еял рихьизарурал гьезул жакъа къоялде районалда хут1ун вуго 8 чи. Гьел мустах1икъалги руго нилъер кидагосеб т1алаб-агъазалъе, адаб-хъатиралъе, реццалъе. Районалъул администрациялъ кидагосеб т1алаб-агъаз гьабулаан рагъул г1ахьалчаг1азул ва рагъда росал хут1арал руччабазул.
|
Нижер рокъоб буго басрияб сурат. Гьеб сураталда руго нижер к1одоэбел Саг1адатгун цадахъ к1удияв эмен Г1амиров Мух1амад Хизмух1амадовичги (1916 - 1975).К1удадал каранда бан буго «Баг1араб ц1ва» орден. Нижеда киназдаго лъалаан гьев К1удияб Ват1анияб рагъда вагъулев вук1аравлъи ва нижее лъазе бокьун бук1ана сундухъ гьесие гьеб шапакъат щварабали. Пашманлъизе ккараб жо буго жибго орден нахъе хут1ун гьеч1олъи, гьединго гьеч1о орден кьун бук1ин тасдикъ гьабулел документалги. Гьедин нижеда рак1алде ккана гьелъул х1акъалъулъ щиб бук1аниги ц1ехон Централияб архивалде раккизе. Нижее бит1 ккана. w.w.w. podvignaroda. ru. абулеб сайталда нижеда батана к1удададае «Баг1араб ц1ва» орден кьеялъул х1акъикъат. Гьанже нижеда лъала кив ва кинан нижер к1удада вагъаравали.
|
Автор.П.Гунашева.Май 2015с.
Ракълилаб г1умруялда г1адамал теларилан, ц1огьохъе, хияналъи гьабун гитлерилал т1аде к1анц1идал, гьит1инабго Сивухъ росулъа, улка г1алхулал фашистаздаса эркен гьабизе К1удияб Ват1анияб рагъде ана 106 чи. Гьездаса абадиялъго кьалул байданалда хут1ана 74 чи. Рагъ байбихьаралдаса лъуг1изег1ан х1инкъи-къай гьеч1ого бах1арчилъиялда вагъана политрук Умалов Мух1амад Исмаг1иловичги.
|
|