Къалъулеб, т1егьалеб май моц1.
Киналго рекерахъдилел руго: цоял – рихьдае, цойгидал – рек1ел ах1иялда хадур рилълъун Советияб Армиялъ Фашистазулаб Германиялда т1ад Бергьенлъи босаралдаса 70 сон т1убаялъул байрам к1одо гьабизеян.
Дун, цебе лъун рагъул т1оцересел моц1азго ч1варав имг1аласул суратгун, гьесулгун харбида йиго… Нахъвуссинч1ого хут1изе бегьулеблъи лъалаго, кин мун х1инкъич1ого вортарав гьужумалде? Кинал анищал дур г1олохъанаб рек1елъе рач1унел рук1арал къанаг1атал г1одобебиччаялъул лах1затаз, ц1орорал хандакъахъ вегун вук1аго? Кин гьеб бук1унеб – г1олохъанго хвей? Киг1ан к1удияб къуваталъул бук1ине кколеб Ват1аналде рокьи, цо саг1ат – параялъцин нахъе къач1ого, гьелъул эркенлъиялъе г1оло дурго г1умру бичизе? Кинаб кьер рагъул? Щиб мах1 гьелъул? Кин дулъ гьебгонияб бах1арчилъи г1ураб, дуе ахирисеблъун лъугьараб рагъулаб заданиялде иналда цебе, рокъосезде къо-мех лъик1 гьабун кагъат хъвазе?... Данде жаваб гьеч1ел г1емерал «Кин»ал, «щиб»ал , «щай»ял. Заманаялъ бек-бекараб, кьер араб сураталде маг1уги т1инк1улаго, дица къалам кодобе босана…
Г1умруялъухъ хисун босараб жакъасеб эркенлъиялъулги Бергьенлъиялъулги вах1шияб нуг1. К1удияб Ват1анияб рагъ. Лъида гьеб хъат1ич1еб, кинаб хъизамалда гьелъ сахлъуларел ругънал лъун теч1ел? Дозиеги бук1ана рагъ байбихьун т1оцересел къояз 15-20 сон. Дозулги рук1ана анищалги, берцинаб яшав гьабизе гъираги, рокьиги, гьудул-гьалмагълъиги, берцинлъи-сахлъиги. Рагъде арал нусгоязул нахъвуссун гьеч1о - 97 ! Гьеле доб рагъ! 1725 кьуч1дасанго биххизабураб шагьар, 70 азаргоялдасаги ц1ик1к1ун росу, 32 азарго кьвагьизабураб фабрик-завод. Сордо-къоялда жаниб 125 гр. чадил. Тоннабаз г1адатаб халкъалде рараб бомбаби. 20 саг1аталъ станокалда нахъа х1алт1и. Г1ет1алъ лъалъараб ракьалдаса бак1арараб бач1ин. Гьеле доб рагъ! Цебе ч1езабизе к1оларо халкъалда, армиялда бук1араб г1акъуба-г1азаб! Жакъа умумузда бихьаралъул анц1ил бут1ацин х1ехьоларо Америкаялъул «цивилизациялъ» гогьдаризарурал г1оркьилаз. Рортуларо гьел танказде гъоркье наслабазе роц1араб зоб бук1иналъе г1оло, х1ехьоларо тушманас кьолеб г1азаб. Бергьенлъиялъул ирсилал. Бат1ияб рух1ияб рахъалъул г1адамал. Цебеса унаро централиял каналаздасан цо ветеранас гьанир хут1улел ругездехун гьал маялъул къоязда гьабураб хит1аб: « Ниж унел руго… Ракьалда толеб буго нижеца г1езаг1ан зах1матго бахъараб рекъел. Ц1уне гьеб!». Цебе т1амуна гьев бах1арчиясул аманаталъе дандерижилъун цок1алго г1адин «Ц1уне рекъел! Ц1уне эркенлъи!» ян ах1улел, кьалда шапарал рагъухъабазул берзуца росуларелг1ан халатал кьерал, гьезда гъорлъ 1407 хунзахъев, гьездаги гъорлъ дирго имг1ал… Бергьенлъиялъул солдатал… Баг1араб майданалъул парадалда жал г1ахьаллъич1ел, баркиялгун сайгъатал жидее щвеч1ел, пачалихъалъ к1одо гьарич1ел, амма Аллагьас т1адег1ан гьарурал шагьидал, иншаАллагь. В. Шурыгинил рагъул бицун хъвараб т1ехьалдасан дица гьал къоязда ц1алана ч1варалщинал солдатал рахъинеги гьарун Бергьенлъиялъул парадалда кьерда ч1езаруни, гьезул киналго кьерал ун рахъинег1ан балагьун ч1езе кколин, пикру гьабе, анц1ила ич1го (!) сордо-къоялъан. Унго, к1веладай дир заманцоязда рагъуца чурхдул рас-расун нахъруссал, кьалул майданалда хоб щвеч1ого кьижун хут1арал нужер аманат т1убазе?!
Украинаялда ругел зулмучаг1азги, рокьукъав Гитлерил идеологиялда нахърилълъарал нацисталгун бандеровцазги мигьлъизабураб рекъел ц1унизе?
Ц1игьабун къач1азеги къач1ан райцентралда памятник рагьулеб тадбиралда «На позиции девушка провожала бойца» кеч1алъухъ г1енеккарав ветеранас маг1у бац1унеб бихьидал, релъулел ругоан цо-цо школлъимал. Унго бич1ч1улебдай гьел агъаз гьеч1езда жидер гьеб релъиги, гьагу-ч1вай гьабиги миллионазул бица лъалъан г1езабураб бук1ин ?! Гьединал х1ужаби рак1алдеги щун гьалдолеб ццимгун, рагъда г1ахьаллъарав щивав ват1аналъул солдатасде г1орхъи гьеч1еб рокьигун ва адабгун дун нахъойги балагьана сураталдасан дихъ валагьарав къоло анкьго соналъул ригьалдаго шапарав лейтенантасухъ. Бец1ун лъуг1улареб налъукь руго ниж, ч1аго ругел, эркенго ругел, нужеда цере, Бергьенлъиялъул солдатал! Нужер бах1арчилъиги къох1ехьейги наслабаз хут1ила патриотизмалъул бищунго гвангъараб мисаллъун. Кин, щиб кканиги, гьит1инлъиларо к1удияблъун бук1арабги, гьединаблъун хут1изеги бугебги. Аллагьас к1одо гьареги нуж. Амин.
Фат1имат Мух1амадова.
|