Воскресенье, 19.05.2024, 17:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Май » 7 » ХУНЗ КIУДИЯБ ВАТ1АНИЯБ РАГЪДА.
18:24
ХУНЗ КIУДИЯБ ВАТ1АНИЯБ РАГЪДА.

Фронталда

Нилъер районалдаса КIудияб ВатIанияб рагъде ана 2 600-са цIикIкIун чи, тIад вуссинчIо 1407 чи.

 

КIудияб ВатIанияб рагъул фронтазда районалъул 185 офицерас взводазе, ротабазе, батареязе, батальоназе ва полказе командирлъи гьабуна.

Гьезда гьоркьор руго  полковник Качалов МухIамад, подполковник Мавлиев ХIажидада, Хизроев МухIамад, майор Хизроев НурмухIамад, Хьиниса капитан НурмухIамадов Камалудин, БуцIраса подполковник МухIамадов Зайнудин, ХIариколоса полковник ГIусманов ГIумархIажи, ЛъагIилухъа подполковник ХIусенов Жамалудин ва гIемерал цогидалги.

 

76 офицер хутIана рагъул майданалда.

 

Партизаназул отрядалъул радисткалъун йикIана нилъер районалдаса ШототIа росулъа Дибирова Разият, рагъда гIахьаллъана медицинаялъул хъулухъалъул лейтенант ХIажиева Жамиля, медицинаялъул хъулухъалъул майор Умалхайир ХIажимурат.

 

Немцазул фашистазул «Центр» группировкаялъул тIоцебесеб кьаби къабул гьабураздасан цояблъун букIана, жиндир командирлъун лейтенант МухIамад ГIумаров вукIараб, гIорхъабазул гьитIинабго гарнизон.

 

Ленинград цIунаразул гIумру хвасар гьабула-го бахIарчилъиялда хвана медицинаялъул хъулухъалъул капитан, рагъулав врач ХIамид Эльдаров, Ленинградалда гIагарлъухъ ВатIанияб рагъул орденалъул кавалер, 80 аб. кьвагьдохъабазул дивизиялъул батальоналъул командирасул политикияб часталъул заместитель, майор МухIамад Зубаиров.

 

Москваялда гIагарлъухъ ккарал рагъазулъ гIахьаллъана полкалъул командир, граждан рагъул БахIарчи, 6 орденалъул ва гIемерал медалазул кавалер НурмухIамад Хизроев. Москваялъе гIоло жиндирго рухI кьуна 9 хунзахъес. Гьезда гьоркьосан разведчик Г. Мавлиевас, багIарармиялъулав З. ТIалхIатовас, Ш. Ахкубековас.

 

БахIарчилъиялъе гIоло районалъул 750 багьадурасда рана батIи-батIиял орденал, цIикIкIараб къадаралъе щвана медалал ва гь.ц. шапакъатал-кинавниги 1035 чиясе.

 

Районалдаса КIудияб ВатIанияб рагъда бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ «БагIараб ЦIва» орденалъе мустахIикълъана 117 чи.

 

«Слава» орден щвана 28 чиясе.

 

«Рагъулаб БагIараб Байрахъалъул» орденалъе мустахIикълъана 20 рагъухъан. Гьеб орден МухIамад Качаловасе щвана 3 нухалъ, Хизроев МухIуе, Хизроев НурмухIамадие ва Гиничукьа МухIамадов Абакарие-кIиго нухалъ.

 

ЦIоб гьечIеб рагъулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъе ва къо хIехьеялъе гIоло 8 аб. армиялъул «Смерш» абулеб контрразведкаялъул кIудияв следовательлъун вукIарав полковник Халидов Расул чанцIулго мустахIикълъана «БагIараб ЦIва» орденалъе.

 

КIудияб ВатIанияб рагъул I, II даражабазул орденалъул кавалераллъун рахъана 43-ялдаса цIикIкIун чи.

 

3287 районцоясе щвана тылалда хIалтIаралъухъ орденал ва медалал, 83 чиясе-ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул ХIурматалъул грамотаби.

 

 

 

Тылалъ фронталъе

 

Г1орут1а Дмитровасул ц1аралда бугеб колхозалъул колхозчаг1азда  гьоркьоб оборонаялъул фондалде жидерго бечелъи кьеялъул рахъалъ к1удияб х1алт1и гьабулеб буго. Колхозч1ужу Багьадурова Пат1иматица оборонаялъул фондалде кьуна пахьул к1удияб саргъас, цо хъаба ва 140 гъурущ заемазул облигацияби.

(«Маг1арул колхозчи» 31 август 1941 сон.)

 

Оборонаялъул фонд бечед гьабиялъе хунзахъ районалъул зах1матчаг1аз ц1ик1к1араб жигар бахъулеб буго.

Т1оцебе гьеб фондалде г1арац босун яч1ана врач Сенкеевич. Гьелъ кьуна 700 гъурущ.

Гьединго оборонаялъул фондалде 12 августалде щвезег1ан  бач1ана районалъул зах1матчаг1аз кьураб 31 азаралда 110 гъурущалде заемазул облигациябиги

 

Г1обода «1 май» колхозалъул колхозниказ оборонаялъул фондалъе кьуна 840 гъ, 4355 гъурущалде заемал, 2 лемаг, 3 бече, 2 килограмм г1исинаб г1арац, 3 хвалчен, 130 килограмм  пахьул ва резил т1аг1алабазулги.

Красная Армиялда васал, ваццал ва россал ругел колхозруччабаз собрание  лъуг1изег1анго ч1еч1ого оборонаялъул фондалъе кьезе г1емерал пахьул, резил т1аг1елал гурелги г1арцул т1аг1алабиги рач1ана. Боецасул эбел Х1. Г1умаровалъ, Мух1амадова Нуцалалъ кьуна г1арцул къадираби, Шуг1айбова Умагьаница 350 грамм ц1айи  бугеб г1арцул рачел.

 

 

Гьамишт1а «Комсомол» колхозалъул  колхозниказ оборонаялъул фондалде кьуна 1920 гъурущалде заемал, 100 гъурущ г1арац, 160 килограмм пахь, рез, 1 найил  т1ала, 1 г1ач1ар.

 

 

Гиничукь Ленинил ц1аралда бугеб колхозалъ оборонаялъул фондалде 30 г1иялъажо, 2 чу, 2 ч1ег1ер х1айван, гьединго колхозчаг1аз 250 гъурущ г1арац, 2610 гъурущалде заемал, 2 лемаг ва 53 пахьул т1аг1елги кьуна.

 

 

Харахьи «8 март» колхозалъ оборонаялъе 1 тонна гьан, 1000 гъурущ г1арац, цо чу кьуна.

 

 

Мущули «Красный октябрь» колхозалъ  оборонаялъул фондалде 1000 гъурущ, цо чу ва цо ч1ег1ер х1аван кьуна.

(«Маг1арул колхозчи» 1941 соналъул 14 август.)

 

 

1941 соналъул 2 августалда Хунзахъ клубалда данделъун рук1арал районалъул киналго хъулухъчаг1аз ва х1алт1ухъабаз оборонаялъул фондалъе г1емераб г1арац кьезе х1укму гьабуна. К1алъазе вахъарав  Гьит1иновасов Мух1амадица оборонаялъул фондалде 500 гъурущ ва  1000 гъурущалде  облигациял кьуна. Гьесдаго хадуб рахъун Шайхиловас 1000 гъурущ, Сенкеевичалъ 700 гъурущ г1арац ва 400 гъурущалде облигациялги кьуна.

Гьедин со саг1аталда жаниб 85 чияс оборонаялъул фондалде хъвана 22 азаралда 730 гъурущ г1арац, 37 азаралда 180 гъурущалде облигация, 8 куй, 1 найил т1ала ва цо  дурнавалги.

(«Маг1арул колхозчи» 1941 соналъул 6 август.)

 

 

 

Хунзахъ колхозалъул колхозчаг1аз оборона щула гьаби мурадалда пачалихъалъе кьезе кколел поставкаби заман щвелалдего кьун лъуг1изарулел руго. Гьелде т1адеги  колхозчаг1аз жидеца оборонаялъул фонндалде  хъвараб 36555 гъурщиде заемалъул бак1алда дагьабги т1адеги ц1ик1инабун 36681 гъурущ сберкассалде кьун т1убазабуна.

16 августалда къаси авиациялъул къоялъул х1урматалда хундерил колхозчаг1аз оборонаялъе 2 х1айван, 2 г1иялъажо, 15750 гъурущалде заемал, 220 килограмм пахь, 72 килограмм рез, 310 килограмм махх-чаран кьуна.

 

Хьухьарулеб артелалъул председатель гьал. Г1алибегов Г1абдулмаликица оборонаялъул фондалде кьуна 1 г1ака, 5000 гъурущалде заемал, 4 пахьул т1аг1ел, Мух1уева Анисатица

2 г1ерет1, 2 т1арс, Шуг1айбова Бахуца  г1арцул к1удиял к1илк1ал, къадираби, Г1умаров Х1амидица цо найил т1ала кьуна. Цебе жинца кьун бук1аралда т1адеги Сулейманов Къасумица кьуна цо моц1рол  зах1маткъоязде кколеб доход, 1000 гъурущалде заемал, Г1умаров Мух1амадрасулица 1000 гъурущалде заемал.

(«Маг1арул кохозчи» 1941 соналъул 21 август.)

 

 

 

Нак1к1икь Кировасул ц1аралда бугеб  колхозалъул колхозниказ оборонаялъул фонд щула гьабиялъул суалги гьоркьоб лъун къокъаб заманалда  3130 гъурущалде заемал, 244 зах1мат къо, 200 килограмм рахь оборонаялъе  кьуна. Парторганизациялъул секретарь Къ. Г1алиевас 600 гъурущалде  облигациял, 100 гъурущ г1арац, школалъул заведующий Мух1амадовас 500 гъурущалде облигациял 20 зах1маткъо, мутаг1иловас 300 гъурущалде облигациял ва 300 гъурущ г1арац кьуна.

(«Маг1арул колхозчи» 1941 соналъул 24 август.)

 

 

Ват1аналъул рагъул арал соназда  районалъул  колхозаз ва колхозчаг1аз оборонаялъе кумек гьабун улкаялъе кьуна цого г1и-боц1ул  продукциялъул 2102 тонна гьан, 45 тонна нах, 44 тонна х1ан, 165 тонна квас, 75639 т1ом-т1ехь ва г1емераб цогидабги.

Районалъул зах1матчаг1аз босун буго рагъулал къоязда фронталъе биччараб рагъулаб заем 5 миллионги 456 азарго гъурущалде. Оборонаялъул фондалде кьун буго 356 азаралда 20- гъурущалде облигация. Г1арцулгун къайидул лотереялъул белтал росун руго 1.202.000 гъурущалде.

(«Маг1арул колхозчи» 1945 соналъул 13 ноябрь.)

 

Октябралъ 25 сон т1убаялъул къоялде фронталъе кумек гьабулеб буго Бакьагьеч1и колхозалъул колхозчаг1аз. Гьал къоязда гьез кьун буго: 150 г1иял т1ехь, 20 килограмм квас, 21,8 килограмм нах, 9 килограмм х1ан ва 1117 гъурущги.

(«Маг1арул колхозчи» 1942 соналъул 11 ноябрь.)

 

Гьал къоязда Гъоркьколо колхозалъул  колхозчаг1аз фронталъе кумек гьабун 63 килограмм квас, 52 г1иял т1ехь, 250 гъурущ г1арац, 1 килограмм нах, 8 килограмм бакъвараб гьан кьуна.

(«Маг1арул колхозчи» 1942 соналъул 31 октябрь.)

 

Шотот1а колхозалъ Октябралъул праздникалде рагъухъабазе бит1изе 20 килограмм нах кьуна.

(«Маг1арул колхозчи» 1942 соналъул 14 октябрь.)

 

 

Просмотров: 545 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz