Воскресенье, 19.05.2024, 17:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Май » 7 » ГЬАВ ВАГЪАНА РАГЪ БАЙБИХЬАРАЛДАСА ЛЪУГ1ИЗЕГ1АН.
14:41
ГЬАВ ВАГЪАНА РАГЪ БАЙБИХЬАРАЛДАСА ЛЪУГ1ИЗЕГ1АН.

Ракълилаб г1умруялда г1адамал теларилан, ц1огьохъе, хияналъи гьабун гитлерилал т1аде  к1анц1идал, гьит1инабго Сивухъ росулъа, улка г1алхулал фашистаздаса эркен гьабизе К1удияб Ват1анияб рагъде ана 106 чи. Гьездаса абадиялъго кьалул байданалда хут1ана 74 чи. Рагъ байбихьаралдаса лъуг1изег1ан х1инкъи-къай гьеч1ого  бах1арчилъиялда вагъана политрук Умалов  Мух1амад Исмаг1иловичги.

Мух1амад Исмаг1илович гьавуна 1903 соналъ векьарухъанасул хъизамалда. Мух1амад г1овул  г1ужде  вахунел сонал рук1ана улкаялъулго г1уц1и, гьелъул нухда ин кьуч1дасанго хисулеб заман. Мискинхалкъалъ рохалида къабул гьабуна х1уригат. Инкъилабалъул  ц1ик1к1араб гъира-шавкъалда, жигарчилъиялда рахъ ккуна Мух1амадицаги. Гьелда хурхун, гьесул  г1умруялда ккана г1езег1ан интересал лъугьа-бахъиналги. 1919 соналъ Хунзахъ хъалаги ккун, инкъилабалде дандеч1арал рагъал гьарулел рук1уна хъах1аз. Гьез партизанал т1аде  к1анц1иялдаса хъала ц1унизелъун рахъинарун рук1ана г1олохъаби. Гьезда гъорлъе ккун вук1ана 16 сон барав Мух1амадги. Хъах1азул кьеразулъ хъулухъ гьабизе инкар  гьабиялъ, гьев вухизеги вухун, 10 къоялъ хъалаялъув жанив т1амула. Къват1иве виччайдал, Умалов хъах1аздаса т1урула, къадахъа гъоркье к1анц1улаго гьесул бохги бекула. Хъалаялъуса ворч1идал, Мух1амадица байбихьула ц1ик1к1араб жигарчилъиялда ц1ияб г1умру цебет1езабизе. 19 сон барав чи лъугьуна большевиказул  партиялъул членлъун.

Г1умруялъго Мух1амад х1алт1ана  жавабчилъи ц1ик1к1араб партийнияб хъулухъалда. Лъабго соналъ Умалов  х1алт1ана Гумбет районалда партиялъул райкомалъул инструкторлъун. Хадуб гьев х1алт1изе вачана г1агараб районалде-партиялъул райкомалъул агитациялъул ва пропагандаялъул отделалъул заведующийлъун.

К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьидал, вах1шиял тушбабаздаса улка эркен гьабизе, т1оцересел къоязго фронталде ана Мух1амадги. 1941 соналъул ахиралда гьесие кьола взводалъул старшинаясул  ц1ар. Х1инкъи-къай гьеч1ев, мисалияв, бах1арчияв рагъухъанлъун вихьизавула Мух1амадица живго. Мух1амадил рагъулаб нух г1езег1ан г1ат1идаб ва бечедаб буго: гьев г1ахьаллъун вуго  фашистаздаса Кавказ, Варшава ва  цогидалги бак1ал эркен гьариялъулъ.

Вагъун вуго ц1а боркьарал рагъал рук1араб Курскалъул дугаялда, г1ахьаллъун вуго Берлин босиялъулъги. Берлин босулаго бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ Мух1амад мустах1икълъула Баг1араб Ц1ва орденалъе. Рагъ байбихьаралдаса лъуг1изег1ан фашистазде данде вагъана Умалов. Рагъдаса гьев вуссана орден гуребги, «За освобождение Варшавы», «За оборону Кавказа», «За оборону Сталинграда», «За взятие Берлина» медалал ва цогидалги шапакъаталгун.

Ват1аналда цебе рак1бац1ц1адго т1адаб налъиги т1убазабун, г1агараб росулъе Мух1амад  Исмаг1илович т1ад вуссана 1946 соналъ. Г1емер мехго иналде, гьебго соналъ, гьев т1амула  Болъихъ райкомалъул пропагандистлъун. 1947 соналъ М. Умалов т1ад вуссана г1агараб росулъе ва г1емерал соназ х1алт1ана  колхозалда  агрономлъун. Партийнияб х1алт1иго г1адин, агрономлъиги Мух1амадица гьабун буго т1аде к1вар кьун, ц1ик1к1араб жавабчилъиялда. Сахъадерил Ч1ч1идат1а бак1алда г1емерал гъут1би ч1ун руго гьес. «Умаловасул ахилан» абулеб бук1ун буго  росуцояз гьес  ч1арал гъут1бузде. Гьабсаг1атги лъик1аб пихъ кьолила гьел гъут1бузилан бицуна г1адамаз. Сивухъе-Ч1ч1идат1е хьвадизе  к1олареб, ц1ик1к1араб ригьалде вахиндал, Мух1амад Исмаг1илович вахъун вуго ясалда аск1ове хъутаналде ва  складалда сторожлъун х1алт1ун вуго.

К1удияб Ват1анияб рагъул жигарав г1ахьалчи Мух1амад Умалов нилъедаса ват1алъана 1975  соналъул 17 февралалда. Алжаналда ватаги гьев.

P.S. Жакъа эркенаб г1умруялда нилъ рук1инелъун, Бергьенлъиялъе г1оло жидедего рач1инч1ого рагъарал, амма жидер ц1арал г1адамазда лъаларел, цебеккун цониги нухалъ жидер  х1акъалъулъ газеталда хъвач1ел  бах1арзал г1емерал руго нилъер. Журналистазул росабалъе  ине г1емерго рес гьеч1олъиялъ, киналдего квер-бер щунгут1иялъги, киг1ан бокьаниги, мустах1икъал г1адамазул хъвач1ого хут1улеб буго.

Нижее ц1акъ бокьилаан бищунго вах1шияб – К1удияб Ват1анияб рагъда рук1арал нужерго умумузул г1ага-божаразул нижехъе хъван бач1ани.

Цойгиги. Бокьун буго к1удияб баркала кьезе гьаб макъала хъвазе дие бажарараб кумек гьабуралъухъ Сивухъ библиотекаялъул заведующая Х1айдарова Загьрае ва Хунзахъ тарихалъулгун ракь лъазабулезул музеялъул х1алт1ухъабазе.

 

П. Гунашева. 

Просмотров: 876 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz