Нижер рокъоб буго басрияб сурат. Гьеб сураталда руго нижер к1одоэбел Саг1адатгун цадахъ к1удияв эмен Г1амиров Мух1амад Хизмух1амадовичги (1916 - 1975).
К1удадал каранда бан буго «Баг1араб ц1ва» орден. Нижеда киназдаго лъалаан гьев К1удияб Ват1анияб рагъда вагъулев вук1аравлъи ва нижее лъазе бокьун бук1ана сундухъ гьесие гьеб шапакъат щварабали. Пашманлъизе ккараб жо буго жибго орден нахъе хут1ун гьеч1олъи, гьединго гьеч1о орден кьун бук1ин тасдикъ гьабулел документалги. Гьедин нижеда рак1алде ккана гьелъул х1акъалъулъ щиб бук1аниги ц1ехон Централияб архивалде раккизе. Нижее бит1 ккана. w.w.w. podvignaroda. ru. абулеб сайталда нижеда батана к1удададае «Баг1араб ц1ва» орден кьеялъул х1акъикъат. Гьанже нижеда лъала кив ва кинан нижер к1удада вагъаравали.
Гьеб бук1ана х1акъикъаталдаги К1удияб Ват1анияб рагъ. Жидерго союзникал - сателлитал Венгрия, Румыния, Финляндия ва Италиягун цадахъ нилъер улкаялде т1аде к1анц1ана фашистазулаб Германия. Нилъер г1урхъабазда аск1ор данделъана г1емерал немцазул, финназул, румыназул ва венгразул дивизиял. Тушманасе къвариг1ун бук1ана Советияб армия к1иго моц1ида жаниб гъуризе. Амма рагъул байбихьудаго гьел мекъи ккана. Байбихьудаго фашистал рук1ана Ленинградалде щолеб бак1алда. Гьенир унтел рук1ана вах1шиял рагъал. Гьел къеркьеязда тушманасдаса жиндирго Ват1анги ц1унун бах1арчиго вагъана 22 сон барав нижер к1удада Г1амиров Мух1амадги. Гьадин хъвалеб буго г1олохъанав рагъухъан шапакъаталъе вихьизавурав полковник Калашниковас : «1941 соналъул 18 июлалъ белофинназ ккуна 100,7 борхалъи . 1941 соналъул 28 июлалъ гьеб борхалъиялде гьужум гьабулаго ефрейтор Г1амировги къеркьана кверзул пулеметалъ г1ужилго белофинналги гъурулаго. Вахча-хьван ва ч1еч1ого бак1ги хисулаго гьесул пулеметалъ гулил ц1ад базабун гъурана отделениялъе гьужум гьабизе квалквал гьабулеб бук1араб тушманасул кверзул пулемет. Г1амировас взводалъул гьужумалъе кумекги гьабулаго гьоркьоса къот1ич1ого ц1аги лъун гъурана анц1го белофинн. Иргадулаб гьужумалда Г1амировасул квег1аб квералда ругъун лъола, амма гьелдаса хадубги гьес жиндирго пулеметалдасан чанго гулбузул ц1ад базабуна белофинназул бут1рузда т1аде.
Квер лъукъун хадубги, гьеб бигьаяб ругъун бугинги абун, бокьун бук1инч1о рагъул майданалдаса нахъе вилълъине».
Немцазул хъамалчаг1игун вагъулаго бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ мисалияб куцалда рагъулал т1адкъаял т1уразаруралъухъ ефрейтор Г1амиров Мух1амадие кьуна «Баг1араб ц1ва» орден.
Лъукъун хадув к1удада вит1ун вуго Ленинградалъул госпиталалде. Амма тушман шагьаралде г1агарлъаравго киналго лъукъарал гьениса хвасар гьаруна ва сержантасул чиналда Г1амиров рагъулаб хъулухъалъе ярагьунаревлъун рик1к1ана.
Гьев Дагъистаналде т1ад вуссана, амма ярагъги г1одоб лъеч1ого байбихьана жаниса тушбаби – хъачагъалгун къеркьезе. 1943 соналъул 16 августалда ДАССРалъул Жанисел ишазул халкъияв комиссарасул № 0306 приказалда рекъон гьев т1амуна Хунзахъ хъачагъалгун къеркьезе г1уц1араб истребительнияб батальоналъул штабалъул начальниклъун. 15 августалъ Чачаназул рохьахъ рахчарал хъачагъал т1аг1инаризелъун, Ц1умада истребительнияб батальоназул штабалде гьебго хъулухъалде т1амула.
Фронталдаго г1адин тылалдаги гьес бихьинчилъиги х1инкъи гьеч1олъиги бихьизабуна.
Нахъе ц1унун хут1ун руго цо бец1аб сордоялъ Г1амировасул штабалде лъабго яргъид г1уц1арав вач1иналъул х1акъалъулъ бицунел рак1алдещвеял. Гьеб лах1заталда гьеб рокъор рук1анщинал, хасго лъимал х1инкъиялъ къадазде кьерун ч1ун руго. Начальникас таманчаги кодоб ккун , х1инкъун ч1арал ч1ах1иялгун г1исиналги ц1унулаго, кьварун гьикъун буго гьезда нуж щалин ва щиб х1ажаталъ рач1аралилан. Гьезул ц1ех-рех гьабун хадуб, гьес гьезда абун буго, бокьани сордо базегицин ч1езе бегьулилан, гьелдалъун гьес бихьизабуна киг1ан дагьавниги хъачагъаздаса жив х1инкъуларевлъи.
Нижеда лъала нижер к1удияв эмен лъай бугев инсанлъунги, жавабияв нухмалъулевлъунги ва бажари бугев г1уц1арухъанлъунги вук1аравлъи. Рокъор ц1унун хут1арал документазда гьоркьор руго гьес жинцаго квералъ хъварал пьесаби. Хундерил харабаз бицуна гьев т1оцебе росулъ Авар театр г1уц1изе кьуч1 лъолезул кьералъ вук1анилан. К1удадаца хъвалел рук1ун руго сценариял, гьединго г1урусалдаса маг1арулалде таржамаги гьабулеб бук1ун буго. К1удияб Октябралъул революциялъ 50 сон т1убаялде ва республикаялда физическияб культурагун спорт цебет1езабиялъулъ лъураб к1удияб бут1аялъухъ потребкооперациялъул х1алт1ухъабазул профсоюзалъул Центросоюзалъул ва ЦКялъул, ДСО «Урожаялъул» ва гьев х1алт1арал бат1и-бат1иял г1уц1абазул г1емерал Х1урматалъул грамотаби, баркиялъул адресал.
Ниж Мух1амадил лъималги лъималазул лъималги ц1акъ ч1ух1арал руго гьесдасаги ва гьесул бах1арчилъиялдасаги ва х1аракат бахъула гьесда релълъараллъун рук1ине.
|