Автор.Р.Х1амзатов.Декабрь 2014с.
Санайилго г1адин исанаги 3 декабралъ райцентралда к1одо гьабуна инвалидазул къо. Гьеб тадбир т1обит1иялъе х1аракат бахъула районалъул хъизамазе ва лъималазе социалияб кумек гьабиялъул централъул х1алт1ухъабаз. (ЦСПСДялда) байрамалъулаб къаг1идаялъ къач1араб залалда кванил ниг1матаз г1уц1арал столазда нахъа г1одор ч1арал лъимал-инвалидазда ва цогидал данделъабазда байрамги баркун тадбир рагьана ва гьеб бачана централъул х1алт1ухъан Муртазаг1алиева Пайнусатица. К1алъазе вахъарав райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Юсуповас абуна г1ажизал, сакъатал г1адамазде ц1ик1к1араб к1вар кьезе, т1алаб-агъаз, гьезие х1ажатаб кумек гьабизе кколилан.
|
Араб анкьалда райадминистрациялъул данделъабазул залалда Муг1рузул территориалияб округалъул зампред Г1амирхан Мух1амададаевасул, миллияб х1инкъи гьеч1олъиялъул министрасул заместитель Зикрула Ильясовасул, печаталъул министрасул заместитель Зубайру Зубайруевасул ва цойгидалги республикаялъул жавабиял ишазда ругел х1урматиял гьалбадерил г1ахьаллъигун т1обит1ана 17 районалъул вакилзаби жинда г1ахьаллъараб семинар-совещание.
|
Автор.Н.Г1алиева.Декабрь 2014с.
Гьал къоязда районалдасаго лъимал г1емерал улбул, бет1ергьанчиги нахъе гьеч1ого жидецаго лъимал г1езарулел ялгъузал, кумек х1ажатал руччабиги ах1ун райцентралда рохалилаб ах1вал-х1алалда к1одо гьабуна улбузул къо.Байрамалъулаб дандеруссин рагьана руччабазул х1акъалъулъ цояздаса цоял берцинал рек1елъе рортулел раг1абиги абун Дагъистаналъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан Мах1ач Х1асановас, гьединго Дагъистаналъул мустах1икъай артистка ва культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан Г1айшат Тажудиновалъ.
|
Автор.Хъ.Г1амирханов.ветуправлениялъул начальник.Декабрь 2014с.
Исана районалъул маг1ишатазда хасел т1амулеб буго 4500 ч1ег1ерх1айваналъ ва 55 азарго г1и-ц1аназги. Дандекъан босун гьезул г1аммаб къадаралдасан 2100 г1ака ва 39 азарго чахъу ккола, буго гьединго 450 чу-хьваниги. Г1и-боц1уда хасел т1аса ин ккеч1ого т1амизабиялъе маг1ишатазда х1адур гьабун буго 20 азарго тонна хъач1аб раг1и-хералъул. Гьелдасанги 16 азарго тонна харил, 3500 тонна сенажалъул ва 500 тонна соломадулги ккола. Гьединго нахърател гьабун буго 1000 тонна к1алц1улги. Маг1ишатазда хасел т1амизе г1и-боц1уе х1ажалъулеб къадаралъул 80 процент кормовиял единицабазде буссинабуни, цо х1айваналъе 8,5 центнер ккола гьеб. Г1и-боц1уда хасел т1ами унеб буго Кизилюрталъул, Кочубеялъул, Бабаюрталъул, Хасавюрталъул (Аралхъутан) гочинабун г1и-боц1и хьихьулел зонабазда, к1иго маг1ишаталъул г1и буго Калмыкиялъул авлахъаздаги.
|
Автор.Н.Г1алиева.Декабрь 2014с.
Учитель-гьев ккола бищунго т1адег1анаб, бищунго х1урматияб ва бищунго зах1матаб махщалил инсан. Щайгурелъул учителасда цеве ц1алич1ого, гьес лъай кьеч1ого нилъер кинаб бук1аниги махщалил устар вахъунарелъул. Гьанжесеб обществалъ учителасда цере лъолел руго г1езег1ан зах1матал масъалаби. Гьезулъ цо бут1а ккола ц1и-ц1иял инновациялъулал къаг1идаби, тнхнологиял х1алт1изарун, г1ун бач1унеб г1ел кинабго рахъалъ цебет1ураблъун куцай. Гьел масъалабазулъ к1вар бугеб ккола педагогазда гьоркьор конкурсал, бат1и-бат1иял тадбирал т1орит1ун махщел камилал педагогал загьир гьари, гьезул педагогикияб х1албихьи цоцазухъе кьей, гьелъул х1асилалда педагогасул профессионалияб къадру борхизаби.
|
|