Понедельник, 13.05.2024, 19:57 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Декабрь » 19 » Х1АМЗАТИЦА РЕЦЦАРАЛ, МАХ1МУДИЦА АХ1АРАЛ…
20:20
Х1АМЗАТИЦА РЕЦЦАРАЛ, МАХ1МУДИЦА АХ1АРАЛ…

Гьал къоязда районалдасаго лъимал г1емерал улбул, бет1ергьанчиги нахъе гьеч1ого  жидецаго лъимал г1езарулел ялгъузал, кумек х1ажатал руччабиги ах1ун райцентралда рохалилаб ах1вал-х1алалда к1одо гьабуна улбузул къо.

Байрамалъулаб дандеруссин рагьана руччабазул х1акъалъулъ цояздаса цоял берцинал рек1елъе рортулел раг1абиги абун Дагъистаналъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан Мах1ач Х1асановас, гьединго  Дагъистаналъул мустах1икъай артистка ва культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан Г1айшат Тажудиновалъ.

К1алъазе яхъарай районалъул руччабазул комитеталъул председатель Пат1имат Набиевалъ киналго г1одорч1арал руччабазда рак1-рак1алъ баркана улбузул гьайбатаб байрам. Пат1иматица къадруял, къиматал, къо ккаралъур ратулел нилъер  гьайбатал руччабазул х1акъалъулъ х1еренал, гьезие къимат кьурал раг1абаздаса хадуб балагьаразе баян гьабуна жакъа районалда 9 азаргоялдаса ц1ик1к1ун ч1ужуг1адан-эбел йигилан. Киналго гьел реццалъеги адабалъеги, гьадинал г1одорч1еязда к1одо гьаризеги мустах1икъал ругилан. Жакъа кинаб г1уц1иялда босаниги, ч1ужуг1адан камураб, гьелъ хъулухъ гьабулареб бак1 хут1ун гьеч1илан, амма кин бугониги, киналго цадахъ байрамалда г1одор ч1езарун бажаруларелъул, жакъасеб сух1мат-кепалде ах1ун ругила бесдал лъимал, инвалидал хьихьарал, жидерго лъималазде т1аде  яцалъул, росабазул, г1агарлъиялъул бесдаллъун хут1арал лъимал, жидерго г1адин хьихьарал руччаби. Памятник базе мустах1икъал ругилан, рехсана гьелъ-Уздалросулъа 10 лъимал хьихьарай Гераева Аминат, 8 ялдаса ц1ик1к1ун хьихьарай Г1абдусаламова Пат1имат ва цогидалги бах1арчиял  руччаби.

Руччабазул, улбузул х1акъалъулъ ц1акъго рек1елъе рортулел раг1абиги абун, баркиялъулал  к1алъаял гьаруна райадминистрациялъул нухмалъулев Саг1ид Камилевич Юсуповас, районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Г1умаровас, районалъул культураялъул рукъалъул директор Мух1амад Гьит1иновас, Г1обода ясли-ахалъул заведующая  Сабигат Хочбаровалъ, районалъул финансазул отделалъул начальник Мадина Г1алибеговалъ, г1емерал соназ Т1анусдерил сельсоветлъун йик1арай, гьабсаг1аталда мустах1икъаб х1алхьиялда йигей Хъандулай Хъазанбиевалъ, г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул централъул х1алт1ухъан Аминат Х1усеновалъ, Хунзахъа лъимер-инвалидалъул эбел Х1ажиева Пат1иматица.

Реццалъе ва баркалаялъе мустах1икъаб х1алт1и гьабуна нилъер районалде хъулухъалъулаб сапаралъ вач1ун вук1арав Дагъистан Республикаялъул пачалихъияб финансовыяб хъаравуллъиялъул хъулухъалъул бет1ерав инспектор Хаттаев Рамазан Мух1амадовичас. Киналго г1одорч1арал руччабазда эбелалъул байрамги баркун, гьес бесдалал хьихьарай эбел х1исабалда, Уздалросулъа Г1абдусаламова Пат1иматие гьабуна г1арцулаб сайгъат ва кидал щиб х1ажалъаниги кумекалъе ватизе жив гьеб хъизаналъул гьудуллъун ч1елилан лъазабуна.

Киналго г1ахьаллъаразе куч1дул ах1ун, ихтилат-кеп гьабун балагьаразул рак1ал рохизаруна районалъул культураялъул х1алт1ухъаби Парихан Мусаевалъ, Г1айшат Тажудиновалъ, Хадижат Г1абдулкъадировалъ, Чаран Султ1анбеговас, Мух1амад Г1умаровас ва гьел гурел  г1емерал цогидазги.

Ахиралда улбузул ц1аралдасан к1алъарал руччабаз рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабуна кванил ниг1матаздалъун бечедал столал г1уц1арал хъизаназе ва лъималазе социалияб кумек гьабиялъул централъул ясазе, г1уц1иялъулаб кумек гьабурай       районалъул руччабазул комитеталъул председатель П. Набиевалъе, балагьаразул рак1ал авадан гьарурал культураялъул х1алт1ухъабазе ва мажлис г1уц1иялъе кумек ва сурсатал риччарав райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Камилевичасе.

Улбул т1ад руссана лъик1аб х1ухьбахъиги гьабун, жидее кьурал сайгъатаздаса рази-ракиго.

Н. Г1алиева.

Просмотров: 466 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz