Понедельник, 13.05.2024, 21:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Декабрь » 19 » ХАСЕЛ Г1ОРЦ1АДГО ИНАЛЪЕ ШАРТ1АЛ РУГО.
20:16
ХАСЕЛ Г1ОРЦ1АДГО ИНАЛЪЕ ШАРТ1АЛ РУГО.

Исана районалъул маг1ишатазда хасел т1амулеб буго 4500 ч1ег1ерх1айваналъ ва 55 азарго г1и-ц1аназги. Дандекъан босун гьезул г1аммаб къадаралдасан 2100 г1ака ва 39 азарго чахъу ккола, буго гьединго 450 чу-хьваниги. Г1и-боц1уда хасел т1аса ин ккеч1ого т1амизабиялъе маг1ишатазда х1адур гьабун буго 20 азарго тонна хъач1аб раг1и-хералъул. Гьелдасанги 16 азарго тонна харил, 3500 тонна сенажалъул ва 500 тонна соломадулги ккола. Гьединго нахърател гьабун буго 1000 тонна к1алц1улги. Маг1ишатазда хасел т1амизе г1и-боц1уе х1ажалъулеб  къадаралъул 80 процент кормовиял единицабазде буссинабуни, цо х1айваналъе 8,5 центнер ккола гьеб. Г1и-боц1уда хасел т1ами унеб буго Кизилюрталъул, Кочубеялъул, Бабаюрталъул, Хасавюрталъул (Аралхъутан) гочинабун г1и-боц1и хьихьулел зонабазда, к1иго маг1ишаталъул г1и буго Калмыкиялъул авлахъаздаги.

Кочубеялъул зонаялда хасел т1амулеб буго 7 маг1ишаталъул 21050 г1и-ц1аназ. Гьездасанги 13800 чахъдаца. Гьел ккола Хизроевасул ц1аралда бугеб, «Буц1ра», «Г1ебут1а», «Гьамишт1а», «Машгьурал г1адамал» ва «Кочубей» СПКял. Анкьабго маг1ишаталда сундуего къварилъи, квал-квал гьеч1о жакъа къоялде, г1одоб г1азуги гьеч1о. Нагагьлъун г1азу бан ц1орой ккани, щибаб маг1ишаталъул къавабазда буго 4-5 къоялъе г1ураб нахърателги. Унтабаздаса г1и ц1униялъул иш гьениб т1аде ккола лъик1аб лъайги, бажари-х1албихьиги бугев ветеринарияв врач Мух1амадов Пирбудагъиде. Сордо-къоялъ бокьараб г1ужалъ х1адурав вуго гьев кумекалъе вахъине. «Гьамишт1а» колхозалъул нухмалъулев Мух1амадов Г1абдусаламица г1ияхъабазе ч1езарун руго г1умру гьабиялъе киналго шарт1ал, къавут1а телевизор-радиоги, г1ияе сараял-чалалги гьури, квачалдаса ц1унарал руго, буго гьезул г1ураб къадаралда раг1и-херги.

Бабаюрталъул зонаялде кколел Энгельсил, Ленинил ц1аразда ругел, «Гьамишт1а», «Гьац1алухъ», «Гъоркьколо», «Машгьурал г1адамал» колхозаздаги хасел т1ами лъик1 унеб буго, гьеч1о гьезулги сундуего х1ажалъи. Жаниб дезинфекция гьабурал хинал бокьалги, раг1и-хералъул нахърателги, г1ияхъабазе лъик1ал шарт1алги-кинабго ч1езабун буго гьениб.

Ленинил ц1аралда бугеб колхозалъул рахьдал ферма бук1ана араб г1асруялъул лъабкъоабилел соназго бараб, ц1акъго басрияб бак1. Исана  председатель Расулов Х1усенил х1аракаталдалъун гьеб ц1и гьабизе к1вана, райналъул бет1ер Юсупов Саг1идил кумекалдалъун. Басриялъул бак1алда бан лъуг1улеб буго 100 г1акдае бак1 бугеб гьанжесел т1алабазде данде кколеб жаниб киналниги х1алт1аби механизмабаз т1уралел ц1ияб бокь.

Бецциледухъ гьеч1о «Г1орут1а» маг1ишаталда  г1и-боц1ул ах1вал-х1ал. Бугизего гьениб 22 ч1ег1ерх1айванги 250 г1иялъажоги буго, гьезиегицин г1ураб раг1и-хер гьеч1о, гьабулеб х1алт1иги бичча-бихъан тун буго  колхозалъул председатель Г1умаров Г1умарасх1абица.

Кизилюрталъул зонаялде ккола Хизроевасул, Дудар Г1алиевичасул, Ленинил, Энгельсил ц1аразда ругел, «Баг1арав партизан», «Гьамущи», «Мущули», «К1ахъ», «Байикь» ва цогидалги маг1ишатал. Бищунго лъик1 хасел т1ами унеб буго Бакьагьеч1и Дудар Г1алиевичасул  ц1аралда бугеб колхозалда. 15 октябралдасанго байбихьана гьениб боц1уе к1алц1и кьезе, буго х1ажаталдаса ц1ик1к1унги раг1и-хер. Бакьагьеч1и, Х1ариколо, Г1ахьалч1и колхозазул руго салома, хер бусулел (ИГК) машинаби. Гьедин бусараб хер русснахъе бай гурони ц1ик1к1араб х1алт1и кколаро. Хут1елги гьелъул ц1акъго дагьаб гурого бук1унаро. Х1алт1и бигьа гьабизе киналго шарт1ал ругеб, гьанжесел т1алабазде  данде кколеб ферма буго г1ехьелдерил.

Колхозалъул председатель Мух1амадов Г1абдулагьица х1аракат бахъулеб буго маг1ишаталда рахьдалаб боц1ухъанлъи цебет1езабиялъе.

Хизроевасул ц1аралда бугеб колохозалъул рахьдал  комплексалда ц1ияб артезиан гьабулеб буго. Кват1иларо гьелъул башняги бахъун ч1езабун  бокьахъе лъим бач1унеб заман. Гьенибго х1алт1улеб буго сверухъ ругел маг1ишатаздаса рахь босулеб пунктги.

Гочинабун г1и-боц1и хьихьулеб Хасавюрталъул (Аралхъутан) зонаялде кколел анкьго маг1ишатаздасан Сивухъ «Ц1ияб г1умру» колхозалда хасел т1ами лъик1 гьеч1о, щайин абуни гьеб маг1ишаталъул нухмалъулев  Пайзулаев Дибирица т1алабцин гьабич1о араб хасало фермаялъул т1охдаса гьороца бахъун араб шифер хисизе, гьабсаг1атги гордазда кленкабиги ригъун руго гьенир бокьал. Бихун иналде ккун буго Харахьи совхоз рух1алда бугеб 1960 лел соназго бараб фермаги. Гьоц1дерилин абуни г1и-боц1и т1убанго лъуг1ана.

«Мосотряд» г1уц1иялъ балеб буго гьеб зонаялда ц1ияб рахьдал ферма 200 г1акдае. Араб соналъ фермеразул к1иго маг1ишаталъе щвана президентасул грантал. Маг1арухъги  х1алт1улеб буго «Белая речка» абураб гьединабго ферма.  Г1еч1ендерил хъутаналда бараб «Заря» рахьдал фермаялдаса ниг1матал Хунзахъ ва цогидалги росабалъ тукабаздаги ричула. Сивухъа Мух1амадаминов Шагьидасул «Гъванк» СПКялда х1алт1изе бичана рахь къабул гьабулеб пункт киналго лабораториялъулал анализал рахьдал гьаризе рес бугеб, гьенибго лъуна рахь ц1орозабулеб установкаги.

Гьеб кинабго, маг1ишатазул г1и-боц1и рахунел унтабаздаса  ц1унизеги, гьездаса бахъулеб продукцияги г1адамасе зарал  гьеч1еб сахаб качествалъул бук1иналъе бихьулеб къоялде рач1инч1ого х1алт1улел руго районалъул ветуправлениялъул х1алт1ухъабиги.

Хъ. Г1амирханов, ветуправлениялъул начальник.

Просмотров: 413 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz