Санайилго г1адин исанаги 3 декабралъ райцентралда к1одо гьабуна инвалидазул къо. Гьеб тадбир т1обит1иялъе х1аракат бахъула районалъул хъизамазе ва лъималазе социалияб кумек гьабиялъул централъул х1алт1ухъабаз. (ЦСПСДялда) байрамалъулаб къаг1идаялъ къач1араб залалда кванил ниг1матаз г1уц1арал столазда нахъа г1одор ч1арал лъимал-инвалидазда ва цогидал данделъабазда байрамги баркун тадбир рагьана ва гьеб бачана централъул х1алт1ухъан Муртазаг1алиева Пайнусатица. К1алъазе вахъарав райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Юсуповас абуна г1ажизал, сакъатал г1адамазде ц1ик1к1араб к1вар кьезе, т1алаб-агъаз, гьезие х1ажатаб кумек гьабизе кколилан. Жиндирго рахъалдасан Саг1ид Камиловичас тадбиралде ах1ун рук1арал 15 лъимал-инвалидазе бусадул къайи кьуна. Централъ лъимал-инвалидазе гьабулеб рес рекъараб кумекалъул, жакъа къоялде гьезул бугеб ах1вал-х1алалъул бицун к1алъана гьеб идараялъул нухмалъулев Г1абдулмалик Г1абдулмаликов. К1алъазе рахъана лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Г1умаров Залумхан ва цогидалги.
Г1ажизал, сакъатлъиялде ккарал г1адамазе гьабураб кумек дунялалдаги ахираталъул рокъобги батулеб даража к1удияб садакъа кколелъул инвалидазул къо т1обит1изе жидеего сахаватаб кумек гьабурал райадминистрациялъул бет1ер С. Юсуповасе, казначействоялъул, судалъул приставазул хъулухъалъул, следственнияб комитеталъул нухмалъулел Х1. Х1ажиева, С. Рах1матулаевасе, Т. Закаригаевасе, прокурорасул заместитель Х1. Г1онжолаевасе, предпринимателал Гъ. Мух1умаевасе, Г1. Пирбудагъовасе, рагъулал хъулухъчаг1и М. Мух1амадовасе ва Х1. Т1агьировасе рак1-рак1алъулаб баркала кьолеб буго централъул х1алт1ухъабаз.
Тадбир т1обит1улаго гьелда г1ахьаллъаразе кеч1 ах1ун, викторинаби, конкурсал гьарун рек1елгъей г1уц1ун бук1ана централде хьвадулел ва искусствалъул школалъул г1исинал х1аракатчаг1аз. Киназего рокьана П. Мух1идиновалъ, Х. Г1абдулх1амидовалъ ва Г. Г1абдулх1амидовас ах1арал куч1дул, Г1арцул Хъаничаца скрипкаялда рачарал бакънал. Лъимал-инвалидал рази хут1ана жидер х1урматалда т1обит1араб тадбиралдаса. Аваданал рак1алгун, рак1азулъ разилъиялъул асаргун русана гьел рокъоре.
Р. Х1амзатов.
|