Понедельник, 13.05.2024, 21:59 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Декабрь » 19 » «ЛЪАГ1АЛИЛ УЧИТЕЛЬ-2014»
20:11
«ЛЪАГ1АЛИЛ УЧИТЕЛЬ-2014»

Учитель-гьев ккола бищунго т1адег1анаб, бищунго х1урматияб ва бищунго зах1матаб махщалил инсан. Щайгурелъул учителасда цеве ц1алич1ого, гьес лъай кьеч1ого нилъер кинаб бук1аниги махщалил устар вахъунарелъул. Гьанжесеб обществалъ учителасда цере лъолел руго г1езег1ан зах1матал масъалаби. Гьезулъ цо бут1а ккола ц1и-ц1иял инновациялъулал къаг1идаби, тнхнологиял х1алт1изарун, г1ун бач1унеб г1ел кинабго рахъалъ цебет1ураблъун куцай. Гьел масъалабазулъ к1вар бугеб ккола педагогазда гьоркьор конкурсал, бат1и-бат1иял тадбирал т1орит1ун махщел камилал педагогал загьир гьари, гьезул педагогикияб х1албихьи цоцазухъе кьей, гьелъул х1асилалда педагогасул профессионалияб къадру борхизаби.

Ахиралде щвана гьеб мурадалда Дагъистаналъул муг1рузул районазда гьоркьоб т1оцебе, нилъер районалда г1уц1ун бук1араб «Лъаг1алил учитель-2014» зоналияб конкурс. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна 7 бат1ияб районалдаса вакилзабаз. Гьеле гьел: Г1абдурах1манова Асият Ибрагьимхалиловна-Шамилский, Г1алисултанова Меседу Ах1маднабиевна-Болъихъ, Шахова Мадина Шаховна-Гъуниб, Маликова Мадина Билаловна-Хунзахъ, Г1умаров Къурбан Мух1амадович-Лъарат1а, Г1абасова Загьра Г1абасовна-Ц1умада, Асадулаева Суайбат Ах1мадовна-Г1ахьвахъ.

Муг1алимзабазул махщалие къимат кьезе районалде рач1ун рук1ана Дагъистаналъул педагогикиял кадрабазул махщел камил гьабиялъул институталъул  (ДИПКПК) х1алт1ухъаби: Асильдерова Руманият Г1умаровна, ДИПКПК-ялъул филологиялъулаб лъай кьеялъул кафедраялъул доцент; Айтберова Наида Г1алиевна, педагогикаялъул ва психологиялъул кафедраялъул доцент; Исаева Джамиля Асадулаевна, школалда цебесеб ва байбихьул классазе лъай кьеялъул кафедраялъул доцент, Гъазимух1амадова А       физикаялъулгин математикаялъул кафедраялъул к1удияй преподаватель; Мух1амадова Пат1имат Зубаировна, г1елмиябгин методикияб отделалъул методист.

Конкурсалда г1ахьаллъулезда баркиялъулаб к1алъай гьабизе, живго районалда гьеч1ониги, видеобухьеналдасан цеве вахъарав райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Камилевич Юсуповас, гьесул заместитель Саг1адула Мух1амадович Батировас Дагъистаналъул лъай кьеялъул ва г1елмуялъул Министерствоялъе баркала кьуна конкурс т1обит1иялъе Хунзахъ район т1аса бищаралъухъ ва гьелда г1ахьаллъъулезе гьарана бергьенлъаби, цоцазда рич1ч1и, жюриялъе рит1ухъаб къаг1идаялда къимат кьезе бажариги, тавфикъги.

К1алъазе вахъарав лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Х1асанович Г1умаровас г1одорч1аразе баян гьабуна Дагъистаналъул муг1рузул районазда гьоркьоб, Хунзахъ зоналияб «Учитель года 2014» конкурс т1обит1и, гьеб нилъер к1удияб къадру-къимат гьабилъун кколилан. Гьелъие г1иллалъун батизе кколин, нилъкер районалъул лъай кьеялда церет1еял ва конкурсал т1орит1иялъе х1албихьи бук1ин. Гьес конкурсантазде божилъи гьабуна жиде-жидер район мустах1икъаб къаг1идаялда бихьизабизе бук1иналда.

К1иго къоялъ халат бахъараб конкурсалда гьелъул г1ахьалчаг1аз т1оцебесеб къоялъ «Самопрезентация» номинациялда бицана жидецаго гьабулеб х1алт1ул, лъай ва тарбия кьеялда х1алт1изарулел ц1и-ц1иял технологиязул, лъай рахъи кьоледухъ бачиналъе, ц1алуде гъира базабизе х1алт1изарулел церет1урал къаг1идабазул.

К1иабилеб къоялъ Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалда муг1алимзабаз бихьизабуна дарс кьезе, лъималазул дарсиде гъира баледухъ гьеб бачине жидерго бугеб махщел ва гьунар. Щивасул бук1ана жиндирго хаслъи ва къаг1ида. Мисалалъе босани, Харахьи гьоркьохъеб школалъул учительница М. Б. Маликовалъ 5 классалъул ц1алдохъабазул А. К. Толстоясул  г1умруялъул ва творческияб нухалъулгун лъай-хъвай гьабулелъул, дарс бачана г1адатияб гуреб къаг1идаялда расанди-х1ай х1исабалда. Мадинаца хаслихълъиялъул х1акъалъулъ хъвараб коч1ол кумекалдалъун, ц1алдохъаби чанго группаялдеги рикьун, цоял поэтал, цогидал художникал, лъабабилел композиторал х1исабалда, т1амуна хаслихълъиялъул берцинлъи бихьизе, гьелде бугеб рокьи загьир гьабизе, инсанасулги т1абиг1аталъулги бухьен лъазабизе. Ц1алдохъабазул дарсиде интерес бижизабиялъул мурадалда, х1алт1изабуна интерактивияб доска, видео, аудиозаписал. Г1уц1ун бук1ана хаслихълъиялъул х1акъалъулъ выставкаги. Ц1алдохъабаз бихьизабуна гьезда бицараб мух1канго бич1ч1ун бук1ин ва дарс кьолей учительницаялдаса гьезул г1орхъи гьеч1еб разилъи лъугьун бук1ин.

Гъуниб районалдаса яч1арай муг1алим Шаховнаялъ 11 классалда бачунеб г1урус мац1алъул ва литератураялъул дарсида Н. С. Гумилевасул лирикаялъул образазул хаслъабазул бицунелъул жигар бахъулеб бук1ана, кьоч1ое гьелги росун, щивав ц1алдохъанасулъ школалдехун, жиндирго халкъалдехун, гьелъул творчествалдехун лъик1аб пикру бижизабизе, гьелдаго цадахъ т1убараб литератураялдего рокьи базабизе. Гьеб киналъулго х1асилалда Гумилевасул г1умру ва творчество ц1алдохъабазда мух1канго бич1ч1изабизе. Гьелъ лъик1аб бажариялда ургъун бугоан дарс.

Лъарат1а районалъул физкультураялъул учитель Г1умаров Къурбан Мух1амадовичас рек1елгун мащабазул х1алт1и цебет1еялъе ва щула гьабиялъе физическиял упражнениязул бугеб к1варги х1исабалде босун, дарсил аслияб масъалалъун лъун бук1ана ччорбазул къуват бач1инаби, ц1алдохъаби къо х1ехьолеллъун, къвак1араллъун лъугьинари. Физкультураялъул гуребги, гьесул бук1ана биологиялъулгунги, математикаялъулгунги, историялъулгунги гъорлъ жубараб интегрированныяб дарс. Ц1алдохъаби разилъана Къурбан Мух1амадовичасул дарсидаса ва гьез гьарана хаду-хадубккунги дарс кьезе жидехъе гьоболлъухъ вач1аян.

Хадусел муг1алимзабазулги бук1ана жидерго хаслъи ва мурад. Киназго бихьизабуна жидерго махщелги гьунарги. Кин бук1аниги, жюриялъ махщел т1ок1ав т1аса вищизе кколелъул. Гьез х1укму гьабуна т1оцебесеб бак1 Хунзахъ районалдаса Маликова Мадинае кьезе, к1иабилеб Шахова Мадинае (Гъуниб), лъабабилеб-Г1умаров Къурбанида (Лъарат1а), Асадулаева Суайбат Ах1мадовнаялда (Г1ахьвахъ), ва Г1алисулт1анова Меседу Ах1маднабиевналда (Болъихъ) гьоркьоб бикьизе.

Конкурсалъул лауреаталлъун рахъана Г1абдурах1манова Асият Ибрагьимхалиловна (Шамил) ва Г1абасова Загьра Г1абасовна (Ц1умада).

Гьезие кьуна ДРялъул Лъай кьеялъул ва г1елмуялъул министерствоялъул ва районалъул рахъалдасан рак1алде щвеялъулал сайгъатал. Киналго 1-себ, 2-леб, ва 3-леб бак1 щварал муг1алимзаби г1ахьаллъизе руго ихдал Мах1ачхъалаялда т1обит1изе бугеб республикаялъулаб «Лъаг1алил учитель-2014» конкурсалда.

Конкурсалъул х1акъалъулъ бицунелъул жюриялъ к1удияб къимат кьуна киналго гьелда г1ахьаллъарал педагогазе. Киназго бихьизабуна жидер т1адег1анаб профессионалияб махщел, г1ажаибал методикиял къаг1идаби, ц1алдохъабазулгун гьоркьоблъи батизе бугеб лъай х1ужжабазул кумекалдалъун бицараб тасдикъ гьабизе бажари, гьеб киналдаго цадахъ щивасул жиде-жидее хасиятал къаг1идабиги.

Жюриялъул председатель Р. Г1. Асильдеровалъ, методист П. Г1умаровалъ рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабуна г1уц1адго конкурс иналъе квербакъарал, бет1ералда лъай кьеялъул отделалъул начальник З. Х1. Г1умаровгун, лъай кьеялъул отделалъул методистазе, рахъи кьоледухъ дарсал рачиналъе конкурсантазе х1ажатабщиналдалъун кумек ва гьоболлъи гьабурал Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул учительзабазе, хасго жидер лъик1аб лъай бук1ин бихьизабурал 5А ва 11 класазул ц1алдохъабазе.

Конкурсантазги загьир гьабуна жидерго пикраби.

Г1умаров Къ. М. Конкурс г1уц1ун бук1ана т1адег1анаб даражаялда. Ц1акъго бокьана гьеб т1обит1улебг1ан заманалда нижергун гьоркьоблъи бук1арал хунздерил г1адамазул нижедехун бук1араб лъик1аб бербалагьи, муг1алимзабазул разияб гьими ва рак1 рагьараб калам.

Асадулаева С. А. Дун разилъана конкурс араб куцалдаса. Ц1акъго бокьана хунздерил гьалбал къабул гьарулеб къаг1ида, разилъана Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалъул гъорлъ росарал, сундуего кумекалъе ратулел муг1алимзабаздаса, гьезул гьудуллъиялъулаб коллективалдаса.

Шахова М. Ш. Т1убараб г1умруялъго рек1елъа инаро унго-унгоял хунздерил г1адамазул гьобол-гьудул хиралъи, т1абиг1иял бак1ал. Г1ажаиблъизаюна лъималазул лъаялъ. Гьел рук1ина нилъер улкаялъул унго-унгояб бук1инесеблъун.

Апрель моц1алда республикаялъулаб конкурсалда г1ахьаллъулей Маликова Мадина Билаловнаялъе гьарула бергьенлъиги босун, нилъер район гьенибги мустах1икъаб къаг1идаялда бихьизабун яч1ине къуватги, сахлъиги, тавфикъги. Нух бит1аги, Мадина, Дуе!

Лъай кьеялъул отделалъ рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабулеб буго конкурс г1уц1адго иналъе жидерго лъик1а-лъик1ал номералгун балагьаразда цере рахъарал Г1ахьалч1иса Г1. Казиевас нухмалъи гьабулеб «Беркита» хореографиялъулаб ансамблялъе, А. Дибировалъ нухмалъи гьабулеб Г1арани гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабазе, жидерго к1арчамал номераз балагьарал х1айран гьарурал, Г1обода асли-ахалъул гьит1ичазе (заведующая С. Гунашева, муз. рук. Г1. Саг1адулаев).

Н. Г1алиева.           

Просмотров: 630 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz