Автор.Алиса Алдашева.Сентябрь 2014с.
Унсоколо мухъалъул Временный абураб бакIалда хасаб операция тIобитIулеб бугин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз. 18 абилеб сентябрялъ 1000 гIанасел рагъулаз федералияб нухлул бутIалъун кколеб Гендерил тоннельги къан сверун ккун буго Генуб росу ва аскIоб бугеб Временный абураб бакI. 22 сентябрялъ гьенир чIухьал ранин ва ралагьулел рукIанин изну гьечIого яргъид гIуцIарал ва гьезул кумекчагIийилан лъазабулеб буго батIи-батIял информ алатаз амма гьеб гьереси бугин, цере-цере ралаанин чIухьал Генуб росулъ, амма гьанжесалалъ щибго чIухь бачIин Генуб, гьеб гIицIго сверунккун бугин рагъулаз жал вагьабиязаса цIунизейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Генуб росулъа цIар абизе бокьичIев чияс.
|
Автор.П.Гунашева.Сентябрь 2014с.
Цо-цо г1умруялда дандч1вала кутакалда ц1ар раг1арал г1адамаллъун рахъинч1ониги, г1адатиял, амма г1ажаибго берцинаб, гвангъараб, интересаб къисматалъул г1адамал. Къасилъи-къадлъи гьеч1ого, к1вах1-свак лъач1ого, г1иц1го жидерго бет1ерги х1алт1ун, квералги квалквадун ч1обогояб бак1алда г1уц1ун бук1ана гьез беролеб, т1егьалеб г1умру. Кин цох1о чиясухъа чанго бак1алде пикруги г1унт1улеб, квер-берги щолебали х1исаб гьабизе зах1матаб буго.Раг1ун бук1ана нек1сияб Рималъул император Гай Юлий Цезарихъа бажарулаанин цого заманалда жаниб чанго бат1ияб х1алт1и цадахъ гьабизеян. Гьесул г1адинаб даражаялде вахун гьеч1ониги, чанго бат1ияб х1алт1и т1адег1анаб къаг1идаялда г1уц1ун, берцинго, жиндиегоги г1адамазеги хайир бук1унедухъ нухда бачине махщел г1олеб буго Самилахъ росулъа – фермер Ибрагьимов Мух1амадрасулил.
|
23 сентябралъ т1обит1ана районалъул фермеразул данделъи. Жалго фермерал гуребги гьелда г1ахьаллъана Россиялъул ва Дагъистан республикаялъул росдал маг1ишаталъул министерствабазул консультациялъул отделазул нухмалъулел Н. Александрова, М. Г1абдулаева, районалъул бет1ер С. Юсупов, гьесул заместителал ва цогидалги мурад цоял г1адамал. Россиялда ва гьелдаго гъорлъ Дагъистаналдаги рекьарухъабазулгун фермерлъиялъул г1уц1абазда бугеб ах1вал-х1алалъул, гьезда цере ч1арал масъалабазул, г1олел-г1оларел рахъазул ва жакъасеб къоялъ улкаялда т1олабго росдал маг1ишаталъул к1варалъул бицун халатбахъараб к1алъай гьабуна т1адег1анаб идараялъул вакилалъ.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Сентябрь 2014с.
ТIаса рищана бищунго лъикIал.....
Районалъул ясазе-бергьенлъи......
Централда радио хIалтIана.....
|
Щибго квешаб хабаралъе цебехъанлъун бук1инч1о гьеб иргадулаб рузманкъо. Ч1ирч1идулел х1анч1и, бух1ун щвараб бакъ. Циндаго зодоре рач1ана ч1ег1ерал нак1к1ал, гъугъадана сверухълъи, бана чваххун ц1ад. Хуриб гьабулеб бук1араб х1алт1и рехун тезе ккедал, яккана интернеталда жание. Ц1алана кьог1аб хабар цонухалъ. Божич1о. Ц1алана к1иабизе. Божич1о. Хъвана редакциялъулазухъе. «У, бит1араб буго. Мух1амадсаг1ид къадаралде щвана». Унго, пайда гьеч1еб дунял, къасиса радалиде божи гьеч1еб г1умру, хъант1ун, кинабго гьабизе г1едег1арал г1адамал… Ахирисеб дандч1ваялда бицен бук1ана, маг1арул мухъазул киналго редакциязул коллективал дандегигьарун экскурсия т1обит1изеян. Гьелде бук1ана к1удияб гъира-ц1а, борхараб рек1ел х1ал… Амма къот1и т1убазе Аллагьасул хъвай бук1ун гьеч1о. Казиятчаг1азул мухъилъа ват1алъана сахав инсан, бажарарав нухмалъулев, мисалияв эмен, рос Жах1паров Мух1амадсаг1ид.
|
|