Унсоколо мухъалъул Временный абураб бакIалда хасаб операция тIобитIулеб бугин лъазабулеб буго бакIалъул гIадамаз. 18 абилеб сентябрялъ 1000 гIанасел рагъулаз федералияб нухлул бутIалъун кколеб Гендерил тоннельги къан сверун ккун буго Генуб росу ва аскIоб бугеб Временный абураб бакI. 22 сентябрялъ гьенир чIухьал ранин ва ралагьулел рукIанин изну гьечIого яргъид гIуцIарал ва гьезул кумекчагIийилан лъазабулеб буго батIи-батIял информ алатаз амма гьеб гьереси бугин, цере-цере ралаанин чIухьал Генуб росулъ, амма гьанжесалалъ щибго чIухь бачIин Генуб, гьеб гIицIго сверунккун бугин рагъулаз жал вагьабиязаса цIунизейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Генуб росулъа цIар абизе бокьичIев чияс. Временный абураб бакIалда 19 абилеб къоялдаса жакъа къоялде щвезегIан хIалуцараб ахIва-хIал бугилан лъазабулеб буго. Гьенир киса-кирего чIухьал ралел руго. Гьединго, гьенир гIумру гьабун ругелщинал гIадамал росун руго къалмиде, ай учеталда лъун руго хасал номералги кьун щивасе. Временный абураб бакIалда ругел чагIаз жидехъа паспорталъул баянал, суратал, ва гьединго ДНК анализалъе хIацIу ва рас босулеб бугилан бицун буго. Цереккун, ихдалидаса байбихьун , гьединал тадбирал тIоритIун рукIанин Генуб росулъгийилан бицана Генуб росулъа МухIамадов МухIамадица. Временный абураб бакIалдаса цIар абизе бокьичIев чияс бицана гьенир ругел рагъулаз гIадамал гIадамаллъунцин рикIкIунел гьечIилан. 22 къоялъ гьенир рукIарал кьвагьиязулги щибго ккараб хIасил гьечIила. Гьесул баяназда рекъон щуго къоялъул болжал цIан букIараб КТОялъул режим жеги щуго къоялъ халат бахъинабулеб буго.Гьадин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе: «Гъурулел гIадамазул рукъзалги руго, рухъулел руго хурзал, гъурун ран руго нуцIби, дир рокъоса бикъун ун буго 420 азарго гъурущги чIужуялъул меседги. РогьинегIан чIухь бана дир рокъоб,нахъисеб къоялъги рачIун цIидасан чIухь бана. ГIадамазул буголъи пасат гьабулеб буго гьез.
Журналистал риччаларо гьанире жидецаго гьабулеб бихьичIого букIине. Сверун къан, хIинчI боржине бакI гьечIо, батулеб жоги гьечIо. Гьаб гIазаб кьолеб буго гIадамазе. Жеги щуго къоялъ халат гьабулебги буго КТОялъул режим».
Рагъулаз гьел хасал тадбирал халат гьариялъе ругин гIиллабийила баян гьабуна нижее жамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадица. Гьезул гьел хасал тадбирал халатрахъинари жакъа баккараб жо гурин, кидагоги халат гьарулин гьез гьел жидеего гIарац гIемер щвезе. Дагъистан кваназабулеб бугилан гIарзагъунел рукIунин Россиялда, амма Дагъистаналъул кIиго лъагIалил бюджет гIанаб гIарац унин рагъулаз цо лъагIалие гьарулел хасал тадбираздайилан бицана гьес.
МухIамад Шамилов: «Гьеб КТО букIине ккола гIадамасул ихтиярал цIунун гьабулеб хIалтIи, гьанибин абуни гьабулеб щинаб хIалтIи гIадамасул къимат-къадру хвезабулеб буго. Гьеб Унсоколо мухъалда бугеб жоги гIадамасда бихьизе толаро гьез.Гьениб шаргIияб армия рещтIараб хIал буго. Гьенир гIадамал ран какалгун, ккун кIалалгун руго, тIокIаб чIечIого гIадамазе гIакъуба кьолеб буго. Гьениса ватаниги ватила цо анцIго чи, гьел ралагьеха рохьор, гIайиб гьечIел чагIиги жалго тун. Миллиардал риччалел руго гьел хасал операциязе. Полициялъулазеги рагъулазеги харж щолеб мехалъ щай тIадеги гIарац кьолеб? Гьединал миллиардал хIалтIизаризе ккеларищха гьез. Гьелъ цинги сверунги ккун жидее бокьаралъуб КТО бугилан лъазабулеб буго. КТО чIезабизе кканани цин гIадамазул гIарз, гьелъие прокуратураялъулгун ФСБялъул кьучI букIине ккола гьениб гьеб хIажатаб ахIвал-хIал бугилан. Гьениб бугеб жо буго инсанасул ихтияралги къануналги хвезари».
Шамиловас гьединго баян гьабуна, терроризмалда данде къеркьолеб режим лъазаби бугин гIадамаз бичун босараб балагь,щай гурелъул халкъалъухъа бакIарараб магъалоялдаса гIарац унеб бугин рагъулаз тIоритIулел тадбиразде, гьебго гIарац гIадамал сах гьаризе цIиял азарханаби разе биччазе бегьулеб мехалъ. Гьединго Гендерил тоннелъ жеги халатбахъун къан букIиналдаса рази гьечIолъи загьир гьабулеб буго жамгIияталъ. Унсоколо мухъалда бугеб ахIвал-хIалалъухъ халкккун буго «Эркенлъи» радиоялъ.
Алиса Алдашева.
|