ТIаса рищана бищунго лъикIал.
Лъаг1алил ахиралдехун районалда рагьизе бугеб ц1ияб г1уц1и – МФЦялда х1алт1изе конкурсалда рорч1арал 16 г1олилаздасан г1уц1араб къокъа гьанже г1агар бит1ун бук1ана республикаялъулаб МФЦялде к1иго анкьица ц1ализе. Лекциязул курсалдаса хадуб районалъул ясалгун-васал рит1ана Кизилюрталъул, Дагъогниялъул, Бабаюрталъул гьединалго центразде практикаялъ. Гьелда ва аттестациялда бихьизабураб бажариялда рекъон, районалъул МФЦялда (много функциональный центр) х1алт1изе т1аса вищун вуго 9 чи.
Районалъул ясазе-бергьенлъи..
1998 соналъ гьарурал ва жеги г1исинал г1олилазда гьоркьор волейболалъул рахъалъ зоналиял къецал т1орит1ана 23-24 сентябралда Хунзахъ. Гьезда г1ахьаллъи гьабуна Болъихъ, Хьаргаби, Гумбет, Ц1умада, Шамил ва Хунзахъ районазул командабаз. Васазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1алъе мустах1икълъана ц1умадисезул команда, ясазда гьоркьоб абуни, нилъер рохалие бергьана Хунзахъ районалъул т1аса бищараб команда. Бергьарал волейболистал г1ахьаллъизе руго гьанжег1агар школлъималазда гьоркьоб т1обит1изесеб Дагъистаналъул чемпионаталда. Гьенисагибергьенлъигунруссагинилъерясал!
Централда радио хIалтIана
Гьал къояз райцентралда г1умру гьабун ва х1алт1улел ругезда радал-бакъанида раг1ун батила централияб къот1ноб кеч1-бакъаналъул, ваг1за-хабаралъул сас. Районалъул нухмалъиялъ раг1алде бахъинабун буго «Система учличного радио» жидерго инициатива. Парказда скамейкабазда х1ухьбахъиялъе г1одор ч1аразегун жидерго ишаз унезе лъик1аб асар гьабулеб буго динамиказдасан чвахулеб музыкаялъулгун бицунеб даг1ваталъ. Баркала радио лъей ургъарал ва раг1алде бахъинабуразе!
Ф. Мух1амадова.
|