Щибго квешаб хабаралъе цебехъанлъун бук1инч1о гьеб иргадулаб рузман къо. Ч1ирч1идулел х1анч1и, бух1ун щвараб бакъ. Циндаго зодоре рач1ана ч1ег1ерал нак1к1ал, гъугъадана сверухълъи, бана чваххун ц1ад. Хуриб гьабулеб бук1араб х1алт1и рехун тезе ккедал, яккана интернеталда жание. Ц1алана кьог1аб хабар цонухалъ. Божич1о. Ц1алана к1иабизе. Божич1о. Хъвана редакциялъулазухъе. «У, бит1араб буго. Мух1амадсаг1ид къадаралде щвана». Унго, пайда гьеч1еб дунял, къасиса радалиде божи гьеч1еб г1умру, хъант1ун, кинабго гьабизе г1едег1арал г1адамал… Ахирисеб дандч1ваялда бицен бук1ана, маг1арул мухъазул киналго редакциязул коллективал дандеги гьарун экскурсия т1обит1изеян. Гьелде бук1ана к1удияб гъира-ц1а, борхараб рек1ел х1ал… Амма къот1и т1убазе Аллагьасул хъвай бук1ун гьеч1о. Казиятчаг1азул мухъилъа ват1алъана сахав инсан, бажарарав нухмалъулев, мисалияв эмен, рос Жах1паров Мух1амадсаг1ид.
Х1еренаб, х1алимаб г1амал, аваданлъи, рак1жубай – гьелкиналго рук1ана т1оцебе дандч1валев чиясецин мунагьал чурадилъ загьирлъулел хасиятал. Гьединавлъун хут1ила гьев нижер рак1азулъги кидаго.
Ккараб к1удияб камиги г1ахьалгьабулаго, гъваридаб пашманлъиялъул зигарабалеб буго Мух1амадсаг1ид Жах1паровасул хъизан-лъималазда, т1олабго г1агарлъиялда ванижерго пишацоял, «Ц1умадисезул гьаракь» газеталъул коллективалда гьев лъик1ав инсан къадаралде щвеялда бан. Хварав иманалда т1овит1ун ватайги, г1адамазег1ан Аллагьасеги вокьаравлъун, Алжан насибавлъун гьавеги. Нахъе хут1аразе бихьараб х1ехьезе сабруги баракатаб, халатаб г1умруги кьеги. Гьесдаги гьесда хадур гъезеругел нилъедаги Бет1ергьан гурх1аги.
Хунзахъ районалъул «Росдал зах1матчи» газеталъул коллектив.
|