Автор.П.Гунашева.Сентябрь 2014с.
Г1и-боц1ухъанлъиялда бищун х1алуцараб ихдал ва хасалихъе г1и гочинабулелъул бук1аниги, хут1араб мехалъ г1одоре риччан х1алхьиялда ч1езе рес бук1унаро гьелда ругезул. Г1ухьби муг1рузда г1и-боц1и хьихьун рук1уна. Щиб х1алт1и гьабулел ругел гьаб заманалда жаниб ветеринариял х1алт1ухъаби? Гьелъул дие баян гьабуна районалъул ветуправлениялъул нухмалъулев Г1амирханов Хъарачуца.
|
Автор.П.Гунашева.Сентябрь 2014с.
Исана 31 август ч1езабуна Россиялъул ветеринариял х1алт1ухъабазул къолъун. Гьелъул хх1урматалда гьанже г1агар Мах1ачхъалаялда т1обит1ана данделъи. Данделъиялда г1ахьаллъана ДРялъул Х1укуматалъул председателасул заместитель Шарип Шарипов, Халкъияб Собраниялъул аграрияб политикаялъул комитеталъул председатель Шамхалов, Росдал маг1ишаталъул академиялъул, Россельхознадзоралъул, Роспотребнадзоралъул вакилзаби ва ветеринариял х1алт1ухъаби.
|
Х1. Мух1амадов гьавуна 1986 соналъул 27 январалъ Г1ахьалч1и росулъ. Г1агараб школа лъуг1арав Х1адис динияб лъаялде бугеб рокьиялъ 2002 соналъ Мах1ачхъалаялъул исламияб университеталде ц1ализе лъугьуна. К1иго сон бана г1олилас рехсараб университеталда. Гьелдаса хадуб Х1. Мух1амадов 7 соналъ ц1алана Шамил районалъул Г1аса росулъ бугеб мадрасаялда. Хадуб практика. Х1адисх1ажица дибирлъи гьабуна Байкь, Мущули, Г1ахьалч1и, Гъоркьколо ва Ц1ада росабазул мажгитазе.Районалъул имамлъун вук1арав Х1ариколоса Мух1амад-х1ажи динияб управлениялъ цоги хъулухъги т1адкъан гьенивго кквеялда бан, Дагъистаналъул муфтияс Х1адисх1ажи лъик1авлъун вихьизавуна районалъул бусурбабазул цевехъанлъун, гьесдаса к1удиял, бажари-х1албихьи бугел 7-8 кандидат данде вук1аниги муфтиясул рахъ ккуна цогидал жюриялда рук1арал г1алимазги. Х1адис Мух1амадовас т1убана исламалъул щуабилеб рукну-борхана х1еж. Хъизангун цадахъ г1езавулев вуго вас.
|
Автор.П.Гунашева.Сентябрь 2014с.
Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо-гьеб ДРялъул нухмалъулесул указалдалъун т1оцебе к1одо гьабуна 2011 соналъул 15 сентябралда. Гьеб къо байрамлъун к1одо гьабиялъе г1иллалъун ккана 1741 соналъ Ираналъул Надир-шагь нилъер ракьалде т1аде к1анц1и. Шагьасул къей лъач1еб кутакаб бо щущахъ биххизабуна Дагъистаналъул бат1и-бат1иял миллатал цолъун гьезда данде рахъиналъ.Нилъер халкъалъул гьеб бах1арчилъи к1очене тун бук1ана чанги г1асрабаз. Къуватав тушман, цогояб Ват1аналде бугеб рокьиялъ бат1и-бат1иял мац1азул, г1адатазул, г1амал-хасияталъул миллатал цолъун, нахъе вачахъиялъул мисал к1оченч1ого бук1инелъун ч1езабуна гьеб къо байрамлъунги.1999 соналъул август моц1алда лъик1 яргъид г1уц1арал хъачагъалги г1адатияб ракълилаб халкъалде т1аде к1анц1ун рагъулал тунка-г1усиял унел рук1ана Болъихъ районалда. Г1одор риччан ч1еч1ого мадугьалзабазде ккараб къо борхизе х1алае ана нилъер васалги. Хъачагъазде данде цо хъизанг1адин гъункана халкъ. Гьеб рагъулъги г1адамаз бихьизабуна цолъи, гъунки.
|
Цебеккун лъазабун бук1ахъе, 15 сентябралде х1алт1изе кьуна лъик1аб ремонт гьабун, сверухъе скамейкаби лъун, гъвет1-хер ч1ун къач1араб Хунзахъ росулъ, Г1урдада майданалда аск1об бугеб фонтан.Росуцоязе ва т1аде рач1арал гьалбадерие х1ухьбахъиялъул бок1онлъун кколеб гьеб бак1 ц1араб заманалде лъуг1изабиялъе жиндие х1алае ч1арал х1алт1ухъабазе, сахаватчаг1азе, росдал г1адамазе рак1-рак1алъулаб баркала кьолеб буго «Хунзахъ сельсовет» муниципалияб г1уц1иялъул бет1ер Хизри Т1алх1атовас. Райцентралда гьарун лъуг1арал цойгидал лъик1ал х1алт1абазул, кумекалъе ратулел ракьцоязул бицина гьес нужей газеталъул хадусел номеразда.
|
|