Воскресенье, 05.05.2024, 08:39 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Сентябрь » 19 » Г1И-БОЦ1УЕ ГЬОРКЬОСА КЪОТ1ИЧ1ЕБ ХЪУЛУХЪ Х1АЖАЛЪУЛА.
21:46
Г1И-БОЦ1УЕ ГЬОРКЬОСА КЪОТ1ИЧ1ЕБ ХЪУЛУХЪ Х1АЖАЛЪУЛА.

Г1и-боц1ухъанлъиялда бищун х1алуцараб ихдал ва хасалихъе г1и гочинабулелъул бук1аниги, хут1араб мехалъ г1одоре риччан х1алхьиялда ч1езе рес бук1унаро гьелда ругезул. Г1ухьби муг1рузда г1и-боц1и хьихьун рук1уна. Щиб  х1алт1и гьабулел ругел гьаб заманалда жаниб ветеринариял х1алт1ухъаби? Гьелъул дие баян гьабуна районалъул ветуправлениялъул нухмалъулев Г1амирханов Хъарачуца.

- Гьабсаг1аталда жаниб нижер аслияб  х1алт1и буго  г1и ч1ег1ер боц1ул инфекциялъулал рахунел унтабазде данде х1алт1аби гьари. Харил унти багъарич1ого бук1инелъун боц1и чурулеб буго. Нижеца гьаруна  унтабаздаса ц1унизелъун  уколалги.

Маг1арухъ к1иго бак1алда дагьаб цебег1ан лъугьун бук1ана харил унти. Макьасда  бугеб боц1удаса гьеб унти нижеца т1аг1инабуна. Шотот1а росулъ 7 х1айван батана унтун, гьеб лъайдал нижеца гьезиеги гьаруна дараби. Харил унтуца унтараб х1айван к1ванаг1ан хехго лъани лъик1аб бук1уна, унтун хадуб к1иго къоялъ хут1ани, х1айваналъул чорхолъ нахъ  руссинаризе к1оларел зах1матал  хиса-басиял лъугьуна ва гьеб сах гьабизе к1оларо. Харил унтуца унтараб г1акдал  рахь дагьлъула, ц1-кан бахуна,гьелъ квен тола  бахчаризе лъугьуна. Араб соналъ гьеб унти багъарун бук1ана Гьац1алухъ, Харахьи, Г1орут1а ва Лъаг1илухъ росабазул боц1уда. Исана гьал къоязда нижер х1алт1ухъаби гьеб унти бугищали хал гьабизе ун рук1ана гьенире. Гьезул боц1уда  исана унти батич1о.

Сентябралъул ахиралда байбихьула муг1руздаса г1и хасалил  муч1дузде гочинабизе. Гочинабизе ккола 70-80 азарго бет1ер г1и-ц1ц1аназул. Гьелда хурхун, росдал маг1ишаталъул отделалъул нухмалъулев Г1алиев  Мух1амадил бет1ерлъиялда гъоркь г1уц1ун  буго хасаб комиссия. Гьабсаг1аталда  жаниб г1и гочиналде рехъаби  г1уц1улел, г1ухьби х1адурулел руго. Муг1руздаса хасалил муч1дузде г1и гочине буго лъабго маршруталда: т1оцебесеб – Хунзахъ – Унсоколо – Хъарани – Кизилюрт. Гьеб нухдасан инее буго  бищун ц1ик1к1ун – 80 процент  г1иял. К1иабилеб маршрут бук1ине буго Хунзахъ – Аргъвани – Дилим – Хасавюрт. Лъабабилеб маршрут ккола – Хунзахъ – Кизилюрт -  Хасавюрт – Бабаюрт – Кочубей. Гьенибе хасел т1амизе уна хунздерил Хизроевалъул  ц1аралда бугеб ва «Гьамишт1инский» СПКязул г1и.

Нижеца киналго  маг1ишатазул  нухмалъулезда лъазабун буго г1и бач1иналде заманалдаго, хасел т1амулеб х1алалъ, рук1ине кколедухъ бокьал къач1ан лъуг1изареян. 20 октябралдехун лъуг1изе ккола г1и гочиналъул  кампания.

К1удияб зах1малъи буго г1олеб къадаралда г1ухьби  гьеч1олъиялъул. Цебег1адинаб бажари-махщел бугел г1ухьби гьанже къанаг1ат руго. Г1адамазе бокьулеб гьеч1о вехьлъун ине. Гьеб гуребги, ц1акъго дагьлъун буго  г1адамаз хьихьулеб боц1и. Дун х1алт1изе вач1араб мехалъ росулъ 600-дасаги ц1ик1к1ун х1айван гъолаан рохьдолъе. Лъабго дак1алде данде гьабулаан боц1и рохьдалъе гъезе. Гьанжейин абуни  200-г1ан х1айван буго рохьдолъ. Бугеб боц1иги чанги росабалъ рохьдолъе гъеч1ого къват1ахъ, магъилъ,  хурзабахъ тун бук1уна.

Ахираб заманаялъ улкаялда эмбарго лъазабидал, ай къват1исел пачалихъаздаса нилъер  улкаялде бичизе бач1унеб бук1араб росдал маг1ишаталъул продукция гьукъидал, рак1алде ккола нилъерго росдал  маг1ишаталде ва гьелъул ниг1матал г1езариялде ц1ик1к1ун к1вар  кьелилан.

П. Гунашева.

Просмотров: 529 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz