Исана 31 август ч1езабуна Россиялъул ветеринариял х1алт1ухъабазул къолъун. Гьелъул хх1урматалда гьанже г1агар Мах1ачхъалаялда т1обит1ана данделъи. Данделъиялда г1ахьаллъана ДРялъул Х1укуматалъул председателасул заместитель Шарип Шарипов, Халкъияб Собраниялъул аграрияб политикаялъул комитеталъул председатель Шамхалов, Росдал маг1ишаталъул академиялъул, Россельхознадзоралъул, Роспотребнадзоралъул вакилзаби ва ветеринариял х1алт1ухъаби.
Дагъистаналъул Президент Рамазан Г1абдулат1иповасул рахъалдасан ветеринариял х1алт1ухъабазе баркиялъулаб адрес ц1алана Ш. Шариповас. Республикаялъул ветх1алт1ухъабазда гьезул байрамги баркун, гьезие хъизан-рукъалда, х1алт1улъ бит1ккей, талих1-рохелги гьарун к1алъана ветеринарияб комитеталъул председатель Вахмура Курчаев ва цогидалги.
К1алъаяздаса ва баркияздаса хадуб, зах1маталъул церехъаби к1одо гьаруна шапакъатаздалъун. Рохизе краб х1ужжа ккола гьезда гьоркьор нилъер районцоял рук1инги. «За заслуги в ветеринарии РД» абураб медалалдалъун к1одо гьавуна г1емерал сонал боц1уе хъулухъ гьабиялъе кьурав Хунзахъ росулъа Халияев Дах1адада. Гьесие медальги кьезе, байрамги баркизе гьесухъе рокъоре ун рук1ана районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов, ветеринарияб управлениялъул нухмалъулев Хъарачу Г1амирханов ва цогидалги.
Г1емерсоназулаб рак1бац1ц1адаб х1алт1ухъ ДРялъул Х1укуматалъул грамотаялдалъун к1одо гьавуна ветуправлениялъул начальник Г1амирханов Хъарачуги.
Дагъистаналъул ветеринариялъул комитеталъул гармотабазе мустах1икълъана Гьоц1алъ ветучасткаялъул заведующий Х1асанбегов Мух1амад ва Самилахъ ветлечебницаялъул врач Х1абибов Ах1мад.
Районалда ветеринарияб службаяялда х1алт1улев вуго 77 х1алт1ухъан, гьезда гьоркьов 56 ветеринарияв специалист. Районалъул ветеринарияб управлениялъул нухмалъулев Г1амирханов Хъарачуца»Росдал зах1матчиялдасан» рак1-рак1алъ баркулеб буго киналго пишацоязда жидерго байрамкъо гьарулеб буго киназего сахлъи, талих1, рохел, гьабулелъулъ икъбал.
Шапакъатаздалъун район ч1ух1изабурал ва т1олалго ветеринариял х1алт1ухъабазда гьезул къоги баркулаго, нижецаги гьарула гьезие кинабго лъик1абщинаб. Гьединал шапакъаталги хадур г1емерлъаги!
П.Гунашева.
|