Цебеккун лъазабун бук1ахъе, 15 сентябралде х1алт1изе кьуна лъик1аб ремонт гьабун, сверухъе скамейкаби лъун, гъвет1-хер ч1ун къач1араб Хунзахъ росулъ, Г1урдада майданалда аск1об бугеб фонтан.
Росуцоязе ва т1аде рач1арал гьалбадерие х1ухьбахъиялъул бок1онлъун кколеб гьеб бак1 ц1араб заманалде лъуг1изабиялъе жиндие х1алае ч1арал х1алт1ухъабазе, сахаватчаг1азе, росдал г1адамазе рак1-рак1алъулаб баркала кьолеб буго «Хунзахъ сельсовет» муниципалияб г1уц1иялъул бет1ер Хизри Т1алх1атовас. Райцентралда гьарун лъуг1арал цойгидал лъик1ал х1алт1абазул, кумекалъе ратулел ракьцоязул бицина гьес нужей газеталъул хадусел номеразда.
|