Воскресенье, 05.05.2024, 08:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2014 » Сентябрь » 19 » ХАЛКЪАЛЪУЛ БУК1ИНЕСЕБ БАРАБ БУГО ГЬЕЛЪУЛ ЦОЛЪИЯЛДА.
21:03
ХАЛКЪАЛЪУЛ БУК1ИНЕСЕБ БАРАБ БУГО ГЬЕЛЪУЛ ЦОЛЪИЯЛДА.

Халкъалъул бук1инесеб бараб буго гьелъул цолъиялда

Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо-гьеб ДРялъул нухмалъулесул указалдалъун т1оцебе к1одо гьабуна 2011 соналъул 15 сентябралда. Гьеб къо байрамлъун к1одо гьабиялъе г1иллалъун ккана 1741 соналъ Ираналъул Надир-шагь нилъер ракьалде т1аде к1анц1и. Шагьасул къей лъач1еб кутакаб бо щущахъ биххизабуна Дагъистаналъул бат1и-бат1иял миллатал цолъун гьезда данде рахъиналъ.

Нилъер халкъалъул гьеб бах1арчилъи к1очене тун бук1ана чанги г1асрабаз. Къуватав тушман, цогояб Ват1аналде бугеб рокьиялъ бат1и-бат1иял мац1азул, г1адатазул, г1амал-хасияталъул миллатал цолъун, нахъе вачахъиялъул мисал к1оченч1ого бук1инелъун ч1езабуна гьеб къо байрамлъунги.

1999 соналъул август моц1алда лъик1 яргъид г1уц1арал хъачагъалги г1адатияб ракълилаб халкъалде т1аде к1анц1ун рагъулал тунка-г1усиял унел рук1ана Болъихъ районалда. Г1одор риччан ч1еч1ого мадугьалзабазде ккараб къо борхизе х1алае ана нилъер васалги. Хъачагъазде данде цо хъизанг1адин гъункана халкъ. Гьеб рагъулъги г1адамаз бихьизабуна цолъи, гъунки.

Гьал къоязда республикаялдаго г1адин райцентралдаги спорткомплексалда цебе митинг т1обит1иялдалъун к1одо гьабуна Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо. Гьай-гьай, гьениб рак1алде щвезаруна Болъихъ рук1арал рагъулал къоялги.

Халкъалъул цолъиялъул байрамкъоги рагьун, районалъул бет1ер С. Юсуповасул, райадминистрациялъул рахъалдасан данделъаразда гьеб байрам баркана ва хадубккун берцинго бачана районалъул бет1ерасул заместитель Г1абдуразакъов Асадг1алица. Маг1арулазул бечедаб тарихалъул, нилъер умумузул, кинал рагъазулъ г1ахьаллъаниги, бихьинчилъиялъул, бах1арчилъиялъул бицана тарихчи Хъазанбиев Г1алибегица. Хадуб данделъаразе Болъихъ бук1араб рагъ-кьалалъул бицана гьелда г1ахьаллъи гьабурав, дол соназ милициялда х1алт1улев вук1арав, майор Г1абдулаев Х1асаница. «Рагъ-кутакалда квешаб жо буго. Киноялда бихьизабулеб рагъда г1адин кеп бук1унаро унго-унгояб рагъулъ. Дандвит1ун вугес дуде кьвагьулеб мехалъ, дуда аск1ор ругел гьалмагъзаби холелъул-гьеб расги бигьаго бук1унаро»,- ян абуна гьес. Г1ун бач1унеб г1елалда нилъерго тарих, умумул, гьезул бах1арчиял ишал к1очене тогеян хит1аб гьабураб к1алъай бук1ана лъай кьеялъул ва г1олилазул политикаялъул отделалъул начальник Г1умаров Залимханил. «Цог1адин халкъ цолъани, лъиданиги къезаризе к1оларилан» абуна гьес.

Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къо баркарал к1алъаял гьаруна Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалъул учительница П. Г1амировалъ ва гьебго школалдаса 9 классалъул ц1алдохъан Н. Мух1амадовалъ. Республикаялъул х1укуматалъул председателасул т1оцевесев заместитель Анатолий Карибовасул ва нилъер ракьцояв ДГУялъул профессор, Хунзахъа Мух1амад Г1амировасул митингалда г1ахьаллъизе санаг1алъи ккеч1олъиялда бан, гьезул рахъалдасан данделъаразда байрам баркана Асадг1али Зайнудиновичас. Гьес к1удияб баркала кьуна Болъихъ рагъ ккарал къояз к1вах1-свак лъач1ого, макьу-квен тун, гьениса г1адамал х1инкъи гьеч1елъуре нахъе раччарал нилъер районалъул АТП-ялъул х1алт1ухъабазе.

«Нилъ рук1инч1о т1аде к1анц1ун, цойгидазул ракьал рахъулел зулмучаг1илъун, нилъ рук1ана нилъерго ракь ц1унулеллъун» абурал раг1абаздалъун, данделъаразе баркалаги кьун, митинг къана А. Г1абдуразакъовас.

П. Гунашева.

Просмотров: 798 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz