Х1. Мух1амадов гьавуна 1986 соналъул 27 январалъ Г1ахьалч1и росулъ. Г1агараб школа лъуг1арав Х1адис динияб лъаялде бугеб рокьиялъ 2002 соналъ Мах1ачхъалаялъул исламияб университеталде ц1ализе лъугьуна. К1иго сон бана г1олилас рехсараб университеталда. Гьелдаса хадуб Х1. Мух1амадов 7 соналъ ц1алана Шамил районалъул Г1аса росулъ бугеб мадрасаялда. Хадуб практика. Х1адисх1ажица дибирлъи гьабуна Байкь, Мущули, Г1ахьалч1и, Гъоркьколо ва Ц1ада росабазул мажгитазе.
Районалъул имамлъун вук1арав Х1ариколоса Мух1амад-х1ажи динияб управлениялъ цоги хъулухъги т1адкъан гьенивго кквеялда бан, Дагъистаналъул муфтияс Х1адисх1ажи лъик1авлъун вихьизавуна районалъул бусурбабазул цевехъанлъун, гьесдаса к1удиял, бажари-х1албихьи бугел 7-8 кандидат данде вук1аниги муфтиясул рахъ ккуна цогидал жюриялда рук1арал г1алимазги.
Х1адис Мух1амадовас т1убана исламалъул щуабилеб рукну-борхана х1еж. Хъизангун цадахъ г1езавулев вуго вас.
|