Араб анкьалда Дагъистаналде, гьелдаго гьоркьоб нилъер
районалда балеб бугеб туристазул кластер
«Макьаст1еги» бач1ун бук1ана
халкъазда гьоркьосеб ва федералияб роцадул
журналистазул к1удияб къокъа.
Гьезда гъорлъ рихьизе бегьулаан Испаниялъул,
Чехиялъул машгьурал газетазул экономикаялъул обозревателал, «Московский Комсомолец» ва
«Коммерсантъ» газеталъул мухбирзаби.
Анкьица халат бахъараб гьеб пресс-тур г1уц1арал ккола
республикаялъул х1укумат ва туризмалъул агенство. Журналистазул сапаралъул
аслияб мурад кколаан республикаялда
х1алуцараб ах1вал-х1ал гьеч1олъи,
инвесторазе бит1ккараб ва экономикияб рахъалъ цебет1езе рес бугеб бак1
Дагъистан бук1ин бихьизаби. Х1урматиял
гьалбадерида рихьизаруна муг1рузул
улкаялъул церет1урал предприятиял (Дербенталъул чогърол завод, Чиркей ГЭС,
Дагъогниялда ц1орол к1к1ор гьабулеб завод, «Кизлярагрокомплекс» ОАО ва гь.ц.)
Амма бищунго ц1акъ
къват1исел улкабаздаса гьалбал сагьвил гьаруна Макьасалъул берцинаб т1абиг1аталъ ва бац1ц1адаб гьаваялъ.
«Хунзахъ район» муниципалияб г1уц1иялъул бет1ер Х1.
Дарбишевас, ОАО «Курорты Северного Кавказа»
г1уц1иялъул Дагъистаналда вугев вакил М. Г1исаевас бицана курорт баялда гьабсаг1аталда гьарулел ругел х1алт1абазул.
Макьасда бараб
х1ухьбахъиялъул базаялъ 2 азарго
чиясе х1алт1улаб бак1 ч1езабизе буго –
ян бицана районалъул нухмалъулес - гьанир киналго шарт1алги рук1ине руго
туристал рач1иналъе.
Жиндир иргаялда Мух1амад Г1исаевас бихьизабуна «Макьаст1а»
базаялъул бук1инесеб сипат, бицана Франциялдаса, Австриялдаса,
Германиялдаса инвесторазул маг1арухъ
балеб гьеб туркластералдехун бугеб интересалъулги 2013 соналъ т1оцебесеб канаталъул нух бахъун
лъуг1изе бук1иналъулги. Мухбирзабаз
г1емерал суалал кьуна «Курорты Северного
Кавказа» ОАОялъул вакилзабазе - гьазие
лъазе бокьун бук1ана туристазул г1умруялъе
х1инкъи гьеч1олъи бук1инабизе
гьаризесел тадбиразулги, гьанир х1алт1изе кадраби х1адуриялъулги, гьоркьохъеб классалъул г1адамазе базаялда
х1ухьбахъизе рес щвей – щунгут1иялъулги.
Щаяли Дагъистаналъул х1акъалъулъ цох1о терктазулги,
кьвагьа-г1анхъиязулги гурого бицунеб
раг1улароян – ян абуна гьезул цо-цояз
- Амма гьадиг1ан муг1рул, к1к1алал, лъелчваххиял берцинаб бак1 нижеда
жеги бихьич1о – ян Хьаргабехун нух
босана пишацояз рази-ракиго.
П.Мух1амадова
|