Веццараб кIалалъ какизе
ккогегиян гьаригун хъварал мухъал
ГIабдулатIипил Рамазан
республикаялъул бетIерлъиялде вачIиналдаса халкъ (гIадатал гIадамал) бохун
буго. Цо гIакъилав чияс абун букIана «революция бергьунилан жиндаго ран ругел
рахсал гурого пролетариаталъе камизе жо гьечIилан, щвезе жо гIемер бугилан».
ГIадатал гIадамазухъги камизе, бахъизе жого хутIун гьечIелъул.
Бахъун арабщиналъул цо-цониги жо
Рамазаница тIадбуссинабиялда хьул букIунин гIадамаз гьесул рахъ кколеб буго.
Гьеб цо.
Цоги. Рамазаница хисана
гIадамазда (гIадатал) бищун рихарав инсул вас. Гьебги бокьана гIадамазе.
ЦIияв бетIерасул бицунебги
(«очищение»-цIакъ битIараб рагIи батун буго) гьабулебги дандеккани, Р.
ГIабдулатIипов кIиабилев ГI. Данияловлъун лъугьинаан Дагъистаналъе. ГIадамазе
жакъа цIакъ хIажат вуго чороклъи чвахулеб гвандиниса (клоака) таваккалго
Дагъистан къватIибе цIалев (кигIан лъида унтаниги) чи. Рамазанил тIоцересел
ишаз хьул лъезабулеб буго (гIицIго хьул) «очищение» рагIалде бахъинабизе гьесул
къасдалги (воля) ва бихьинчилъиги гIезе бегьиялде.
ГIадамал разияб иш буго
гьанжелъагIан (коммунистазухъа власть бахъаралдаса) рагIун букIинчIеб
хIалтIудаса районалъул чамалиго бетIер вахъи. Рамазанил гьеб ишалдаса разилъана
гIадамал, гьесде божилъи цIикIкIинабуна. ГIарацги гIемерал, бокьа-бокьараб
гьабизе ихтиярги кодосел лъиего сундулго жавабги кьоларел бакIалъулал
ханзабилъидал гьел рукIарал. ТIолабго власталде божилъи лъугIараб мехалъ, гьеб
тIадбуссинабизе кIвей букIинаан кIудияб кIваралъул ишлъун.
Сапаралъ витIулев васасда инсуца
васият гьабун буго «Вореха, дир вас, цIар лъезе чIоге»,-ян. ТIуразарун
бажаруларел тIадеросиял гIемер гьаруни, «ХабаргIалиян», «Гьоролгьобоян» цIарал
лъолеблъи кIочене бегьуларо Рамазанида. Бокьилароан гьединал цIаралги лъун,
Рамазанил къадру хвезе. ТIадчагIазул гIадат буго (цIакъ рекъечIеб, гIадамал
тIадрелъулеб) цIияв вачIарав бетIерасе гьура ахIулеб, одаби рикIкIунеб. Гьедин
гьабуна ГIалил МухIуе, МухIамадсаламие. Гьебго гьабулеб буго гьанже Рамазанида
аскIобги. Рамазанил власталъе чучлъи ккарабго гамидаса гIункIкIал гIадин,
гьесда хьолбохъа тIоцере тIуризе руго бищун цIикIкIун рокьул одаби Президентасе
ахIарал. Ахириял соназ тасдикъ гьабураб хIалбихьи буго гьебги.
Дида бичIчIухъе «очищение» ккола
Дагъистан цIогьалдаса, откатаздаса, ришватаздаса, тухумчилъиялдаса ва цогидабги
чороклъиялдаса бацIцIад гьаби. Квешабщиналъул, чорокабщиналъул автораллъун
тIуцалги рорхаталги креслабазул бетIергьаби рукIин бицинчIониги лъалеб жо буго.
Дагъистаналъул бетIерасул «очищение» хъатIизе гьездалъидал бугеб. Дагъистан
Рамазаница абухъе кескал гьарун бикь-бикьаралги гьелголъидал, цIияв Президентги
гьезие гIадалъ чIвалеб магI вуго. КIалалъ гуреб хIакъикъаталдаги «очищениялъе»
квербакъи гьаби доб клоакаялъул лъелъ чверделел ругел хIакимзабазе жалго тIад
рекIун ругел гъотIол гIаркьалаби жидецаго къотIилъун букIуна. Гьедин гъотIол
гIаркьалаби къотIулел гIадамал Малла Насрудинил анекдотазулъ гурого
дандчIваларо. Гьединлъидал одачагIазда божизе бегьуларо.
ГьетIараб тIилалъул битIараб
рагIад букIунарилан абула. Рамазанихъ бугеб власталъулаб 1 тIил кигIан битIараб
батаниги, гьесул сверухълъиялъухъги бугелъул гьетIа-кIичIараб нус-нус тIил.
Гьел тIилазул гьетIарал рагIадазулги мекъал ишазулги гIайиб Рамазаниде бачIуна.
Масала, Рамазаница квешаб къимат кьуна гьанжесел цIалдохъабазулги студентазулги
лъаялъе. Киназдаго ракIалда букIана ЕГЭяздаса чороклъи лъугIилилан. Гьелдаса
хIинкъун рукIана тIоцебесеб иргаялда 11 классалъул цIалдохъабазул эбел-эмен,
цIалдохъаби, учительзаби. Районалда гьел араб куцалъул хъваларо, киназдаго
лъалелъул ва хъваялъул пайда гьечIелъул. Таращ хIапдонилан къапила
лъалхъуларила. Гьелъул гIайиб Рамазанида гьабулелги дагьал рукIинчIо.
Цо кIалъаялда ГIабдулатIипил
Рамазаница абуна централъ Дагъистан кваназабунила, амма сах гьабичIила. Гьениб
Рамазаница ургъунго гъалатI биччалеб буго. Дагъистан гуро Москваялъ
кваназабураб, Дагъистаналъул власть кодосел кваназаруна. Москваялдаса рачIунел
рукIарал миллиардал лъица кваналел рукIаралали Рамазаниеги балъголъи букIун
батиларо. Дагъистан бутIабазде бикьа-къотIун букIинги гьанжеялдего лъалеб
букIун батила гьесда, бищун рикIкIада ругел дагъистаниязеги балъголъи гурелъул
гьеб. Хьул буго цIияв президентас ралъад лъил бетIергьанлъиял-да бугеб, ралъдал
рагIаллъабазда щал ругелали ва цогидал тIагIамал «нах чвахулел кескал» лъил
чвантинире ун ругелали цIех-рех гьабиялда. Метер гъезейин тараб къоркъода рачI
гъечIого хутIун буго. Къед биххидал бахъинчIеб хIур, хадуб бахъунаро.
МухIамадгIалиги ана, МухIамадсаламги ана, СагIидги рагIдукье вачана. ХутIана
гьез гIуцIараб система. Гьелъул кьалбал рахъизе ккола кIванагIан хехго. Квеш
букIинароан дол кескал гьезул бетIергьабахъе тIад руссинаруни.
Кив вугониги Рамазан вукIана
Дагъистаналъулгун щулияб бухьен бугев магIарулав. ГIемер щолаан Дагъистаналде.
ГIемер цеве вахъана газетаздасан, телевидениялдасан. Гьел цевевахъиназдасан
бихьулеб букIана Рамазание Дагъистаналъул бетIерлъиялде вачIине бокьун букIин,
иншааллагь лъикIал къасдалгун. Нилъги гьелда дандечIун рукIинчIо. Рамазанилги
нилъерги мурадал тIурана. ГIурусазул аби буго «Один в поле не воин»,-абун.
Президентасе хIажат букIуна нилъер, гIадатал гIадамазул, кумек. ХIакимзабазул гIунгутIабазда,
мекълъи-тIекълъиялда тIад рекъечIого, церерахъинги ккола Рамазание нилъер кумек.
РуцIцIун чIун рукIарал гIадамазе кIалал рагьизе заман щун буго.
Рамазанида лъикI лъалел рукIана,
дир гьелда ракIчIола, дагъистаниязул мурадал, анищал. ГIадатал гIадамазул
мурадал цIунараб букIинин Рамазанил хIаракатан божизе бокьун буго дие. МахIцараб
хьуцIилъе тIерхьунеб бугеб Дагъистан къватIибе бахъарав ва гьелъие «очищение»
гьабизе бажарарав чилъун Рамазан вукIин буго дир мурад. Аллагьас тавпикъ кьеги
Рамазание лъикIал къасдал гIумруялде рахъинаризе.
Веццараб кIалалъ какизе ккогегиян
гьари-рахьигун гьал мухъал хъвана БуцIраса ГIисаца.
|