Воскресенье, 05.05.2024, 18:17 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Ноябрь » 30 » УМУМУЗУЛ ЗАХ1МАТАЛЪ Г1ЕЗАРУНА МАГ1АРДА АХАЛ.
16:45
УМУМУЗУЛ ЗАХ1МАТАЛЪ Г1ЕЗАРУНА МАГ1АРДА АХАЛ.

Ахираб заманалда г1емер бицунеб буго муг1рузда росдал маг1ишат цебет1езабиялъул, хасго ахал г1езариялъул. Гьаб соналъул сентябралда нилъер районалдаги т1обит1ана республикаялъул нухмалъулелги г1ахьаллъун гьабураб к1удияб данделъи. Гьеб данделъиялда хурхун хъварал макъалаби ц1алидал ва  специалистазул пикрабазухъ г1енеккидал бихьулеб буго, т1уранго маг1арухъ пихъил ва ц1олбол ахал  лъуг1илелде, гьал ц1и гьаризелъун хехал тадбирал т1орит1изе  кколеблъи. Суал бач1унеб буго щай гьединаб къисмат  ахазул бугеб? Бук1анагури кутакалда лъик1ал ахал маг1арухъ ругеб заманги.

Гьел пикрабазда вук1аго рак1алде щвана 2-3 соналъ цебе «Российская  газета» ялда ц1алараб гьит1инабго макъала. Гьениб цо г1аданалъ хъвалеб бук1ана жидер к1удияв  инсуца ахал г1езарун рук1анин Дагъистаналъул муг1руздаян.

Ц1ех-рех гьабидал, гьей ч1ужу ятана  рагъда цересел соназда  нилъер районалда вук1арав агроном Сергей Бланкил васасул хъизан. Гьабсаг1ат гьез г1умру  гьабулеб буго Петербургалда. Нужер к1удияв инсул ц1арги, гьесул  х1алт1иги к1очон гьеч1ин нижер районалда ва гьес ч1арал гъут1буз жеги пихъги кьолеб бугин ва гьев лъик1 лъалел г1адамалги ч1аго ругин бицараб мехалъ, гьезул к1удияб рохел бук1ина.  Дагъистаналдаса бач1араб кагъат  жидеца кинабго г1агарлъиги данделъун ц1аланилан бицана гьез.

Агроном Бланкица ахал гьарич1еб  росу батиларо нилъер районалда. Ахал гьаруна Гьоц1алъ, Заг1иб, Хьини, К1ахъ ва Харахьи  участкаялъул росабалъги.

Дагъистаналъул халкъияв поэт Ц1адаса Х1амзатица кеч1ги гьабун бук1ун буго, «Ц1ада росулъ г1ечул ах гьабизе г1адаллъунищ  вугев, агроном Сергейилан» абурал раг1абиги  рук1ун руго гьеб коч1олъ. Г1емерисеб мехалъ гъажалда сумкаги бан, г1одосан вач1унев вук1ун вуго Бланк ч1арал гъут1бузул хал гьабизе, гьезие хъулухъ гьабизе  малъизе ва ц1иял ахал  г1езаризе бегьулел бак1ал рихьизаризе. Гьес районалде рач1инарурал гъут1би гьабсаг1атги Хунзахъ росулъги руго. Агроном лъик1 лъалел г1адамазул цояв ккола Хунзахъа рагъул г1ахьалчи Г1алибегов Г1усман. Гьесул вакьадасул минаялъуб рукъалъ бук1ун буго Бланкил хъизам.

Бланк жиндиего бокьун  фронталде ун вуго ва 1942 соналда рагъда ч1ван вуго.

Гьесул г1умру къокъаб  бук1ана амма гьес ракьалда лъик1аб лъалк1 тана. Заг1иб бижун бук1араб г1адаб микьир жеги  жидеца квинч1илан бицуна  районалъул г1адамаз. Гьелдаса хадуб г1емераб х1алт1и гьабуна районалда ахал гьариялда хурхун цойгидал специалистазги. Лъик1аб х1алт1и гьабуна районалъул агрономлъун вук1арав Х1ажиах1мадов Мух1амадица, Гьоц1алъ «Искра»  колхозалъе г1емерал соназ нухмалъи гьабурав Нурмух1амадов Расулица ва цогидазги. К1удияб к1вар кьолаан ахихъанлъиялде  агрономасул махщел бугев, районалъе г1емерал соназ нухмалъи гьабурав Мух1амадов Гъази. Араб г1асруялъул 80 абилел соназда районалъул колхозаз ва совхозаз г1езабулаан 3 азарго г1анасеб тонна пихъил. Ахазул къадар бахун бук1ана 750 гектаралде. Жакъа бак1арараб пихъил къадар 50-100 тоннаялдегицин бахунеб гьеч1о. Росабалъ рук1ана махщел бугел ахихъаби. Дагъистаналда т1оцебе «Заслуженый садовод ДАССР» абураб ц1ар щвана  Гьоц1алъ «Искра»  колхозалъул бригадир Ибрагьимов Г1абдулагьие. Гьединаб ц1ар 1970 соналъ г1умруялъул 100 сон барав ахихъан Г1алиев Мух1амадие (г1урухъа Мух1амад) кьуна. Гьев к1одо  гьавулеб къоялъ бук1араб г1адаб байрам Гьоц1алъ клубалда г1емер бук1инч1илан бицуна гьоц1дерица.

 Бригадир Г1алибегов Мух1амадие, х1алт1ухъан Абакарова Пат1иматие кьун рук1ана «Зах1маталъул  Баг1араб байрахъ» орженал. Гьедин к1одо гьарулаан х1укуматалъ ахихъаби.  Гьезул махщалил бицун  г1елмиял х1алт1абиги хъван рук1ана. Мисалалъе, росдал маг1ишаталъул  институталда агрономазул факультеталда хасаб лекция ц1алун бук1ана Гьоц1алъ росдал «г1орт1аколо» ва «мит1рат1а» абураб  бак1азда ц1ибил г1езабулеб къаг1идаялъул бицун. Школалда 9 классалда «Садоводство» (ахихъанлъи) абураб предмет бук1ана. Амма гьанже ахал маг1арухъ лъуг1улел руго, гьеч1о къимат ахихъабазулги. Лъуг1улел руго нилъер гьанир гурони рижуларел, умумуз нус-нус соназ г1езарурал сортал, гьанжесеб г1елалда лъалеб гьеч1о гьезул ц1аралцин (умумузул ахбазан ва чамарсак1, ясазул г1еч, гьоц1о г1еч, гьолокьа г1еч, хъабахъ г1еч, муц1и гени, махьиял  гени ва гь.ц.)

Щайха нилъеца, кинаб бугониги техникаги гьеч1ого, цох1о рахханги, газаги х1алт1изабун к1удияб зах1матгун нилъер умумуца г1езарурал ахал хвезе тун ругел?

Цо-цо гьоркьо-гьоркьор ах1улел данделъабаз ва гьенир къабул гьарулел дандекколел х1укмабаз маг1арда ахал гьариларо ва гьел  ц1илъиларо. Маг1арухъ г1умру  гьабулел г1адамалги киналго ахихъаби кколаро. Амма ахихъанлъи гьабизе бокьарал г1адамазухъе квал-квал гьабич1ого ракьги кьолеб бугони, гьезие г1арцудалъун  ва  техникаялдалъун кумекги щолеб бугони, налогазул  бигьалъабиги гьарулел ругони, гьеб гуреб цойгидабги кумек щолеб бугони, х1асил ккеч1ого  бук1инаро.

Кида-къадги муг1рузда бижараб берцинаб, т1аг1амаб, щибго заралиял жал жиндилъ гьеч1еб пихъил къимат ц1акъ к1удияб лъугьине бугелда дир рак1 ч1ола.

Ах1мад Ибрагимов

27 ноябрь 2012 с.

Просмотров: 791 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz