Пятница, 11.10.2024, 15:16 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Август » 26 » ТlОЦЕБЕ - ТАРБИЯ, ХАДУБ - ЛЪАЙ КЬЕЙ, ЦИНГИ - СПОРТ
09:58
ТlОЦЕБЕ - ТАРБИЯ, ХАДУБ - ЛЪАЙ КЬЕЙ, ЦИНГИ - СПОРТ

Сентябрь моцlалда ункъго сон сверула райадминистрациялъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулейлъун Патlимат Хlамзатова таралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьабураб хlалтlулги, ккарал хlасилазулги, лъай кьеялъул бутlаялда цебе чlарал масъалабазулги ва дандчlвалел захlмалъабазулги нижее гlатидго бицана гьелъ.

- Патlимат Хlадисовна, ракl бухlанищ гьеб захlматаб ва кlвар цlикlкlараб иш тlаде босиялдаса?

- Битlараб бицани, кигlанго захlматаб ва жавабчилъи цlикlкlараб хъулухъ бугониги, ракl бухlанин абизе кинго кlвеларо. Дир гlадат буго щиб хъулухъалде кканиги, дидаго бихьулеб къоялде ячlинчlого, дунго тlубанго тlад къараб ишалъе кьолей. Узухъда, гlезегlан захlмалъиги буго гьаниб. Щайгурелъул, дир пикруялда, киналго хlалтlухъаби гуро жиде-жидер бакlазда ругел. Дун хъулухъалда ячlаралдаса нахъе чанцlулго хисана нижер отделалда хlалтlухъаби. Щайгурелъул, дидего гlадин, дир щибав хlалтlухъанасдеги цlикlкlараб тlалаб букlиналъ. Тlалаб гьечlони, хlалтlул хlасилги букlунаро. Жакъа нижер отделалда вуго 3 хlалтухъан ва информациялъулгун методикияб централдаги (ИМЦ) вуго жеги 5 хlалтlухъан.

Дун хlалтlуде ячlана бищунго захlматаб заманалда. Коронавирус сабаблъун цlали бачун букlана рикlкlадасан (дистанционно) гьабулеб къагlидаялде. Цlикlкlараб гlелалъул мугlалимзабазда лъалеб букlинчlо телефонал ва гаджетал хlалтlизаризе. Гьебго заманалда, 65 соналдаса тlаде арал ригьалъул учительзаби рокъор тун рукlана. Рукlинчlо гьел хисизе гlолохъанал специалистал. Гьелдаса хадуб байбихьана цифровизация. Тlаде бачlана гlемераб хlалтlи. Амма кин букlаниги, гьеб хlалтlиги районалда рагlалде бахъунеб буго. Киналго школазул хlалтlи бачун бачlинеб буго Москваялъул электроннияб школалъул (МЭШ) къагlидаялде.

- Хъулухъалде ячlунаго, дудаго цере лъун рукlарал масъалаби киналго тlуран бажаранищ?

- Дун гьаб хъулухъалде тlамуна ракlалдаго гьечlого. Гьединлъидал, цереккун дидаго церелъурал масъалабиги рукlинчlо. Амма дун цебесеб хъулухъалда, Бакьагьечlи школалъул директорлъун хlалтlулей йикlаго, гlемерал ишал рукlана дида районалъул лъай кьеялъул бутlаялда мекъи гlуцlун ругеллъун рихьулел. Гьездасан бищунго сурун бихьулаан нилъер гьаниб ЕГЭ кьолеб букlараб къагlида, гьениб букlинчlеб ритlухълъи. Рухl кьун экзаменаздеги хlадурун, жиндир лъикlаб лъайги бугев цlалдохъан, гьебги кьезе кlвечlого хутlулаан чанги яги дагьал гурони баллал щолароан. Амма тlаса-масаго цlалиги гьабурав цlалдохъанас, эбел-инсул лъай-хъваялдалъун ва бажариялдалъун экзаменазда лъикlал баллал росулаан. Гьединал хlужабаз лъималазулги цlалуде бугеб гъира свинабулаан. Дида ракlчlун абизе кlвела, республикаялдаго тlоцебе ЕГЭ кьей гlадлу-низамалде ва ритlухълъиялде бачарал муниципалитетаздасан цояблъун букlанин нилъер районилан. Гьелъул хlасилалда лъайги бажариги бугел лъималазе нухал рагьана. Гьедин, мисалалъе,  исана Гlобода школалъул выпускник Хlабибов Зиявудин цlализе лъугьана Москваялда Пироговасул цlаралда бугеб Россиялъул Миллияб цlех-рехалъулгун медикияб университеталде. Гьединго 2023 соналъ Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школа лъугlарав Муртазагlалиев Юсуф цlалулев вуго Казаналъул гlелмиябгун цlех-рехалъул университеталда.

- Кинал хlасилал ккарал гъоркьсияб цlалул соналъул?

- Ахирисеб цlалул соналда районалда ЕГЭ кьуна 180 цlалдохъанас, гьездасан 7 цlалдохъанасе щун буго 70 цlикlкlарал баллал. Аттестат щвечlого хутlана 14 выпускник. Мисалалъе, 2022 соналъ аттестат щун букlинчlо 22 выпускникасе, 2023 соналда - 20 выпускникасе. Вахъана 7 медалист - 5 меседил, 2 гlарцул. 

- Дур кинаб пикру бугеб ЕГЭялда хурхун?

- Дица ЕГЭялъул рахъккола, щайгурелъул, байбихьуда рехсовухъе, гьелъ рес кьола лъимералъе жиндирго лъаялда рекъон нух рагьизе. Цебеккун гьединаб жо букlинчlо. Гlицlго дида бичlчlуларо, лъикl цlалулел ва хадубккун жидерго гlумру цlалуда бухьинабизе ракlалда бугел лъималазда гурони, ЕГЭ тlадаблъун щай гьабун бугебали.   

- Рукlуна лъимал, жидее тlабигlаталъго цlализе пагьму-гьунар кьечlел. Гьединал лъимал цогидаб жидеего бокьулеб ишалде машгъуллъизе течlого, гlадада эбел-инсул гlарацги хвезабун, гlарцухъ сессияги кьун, хlал гьабун цlализариялъул магlна бихьулищ дуда?

- Битlараб буго. Кидаго букlуна гьединал лъималазул цо бутlа. Дидаги битlараблъун бихьуларо гlелмуялде рокьиги гьелъие пагьму-гьунарги гьечlеб лъимералъул гlумру хадубккунги цlалуда бухьинаби. Гьединаб лъимералъ эбел-инсул хlаракаталдалъун институт лъугlаниги, хадубккун гьелъухъа цониги жабавчилъи бугеб хъулухъалда хlалтlунги бажаруларо. Гьеб гlиллаялдалъун, дир пикруялда, лъикlаб букlинаан ЕГЭ кьезе кlвечlого хутlарал цlалдохъабазе, 9 класс лъугlараб аттестаталда рекъон гьел цlализе росулел хасаб техникум, колледж ва цогидалги ругел махщалида рекъарал цlалул заведениял.

- Дур кинаб пикру бугеб цlалулъ цlиял технологиял хlалтlизариялда хурхун? Мисалалъе, электроннияб дневник ва журнал гlадинал цlилъабазул хlакъалъулъ?

- Цlалулъ цlиял технологиял хlалтlизариялъул пайда букlуна, гьел битlун хlалтlизарулел ругони. Жакъа Интернеталда руго цlалдохъанасул ва живго мугlалимасул лъай борхизабиялъе квербакъулел хасал программаби, сайтал, онлайн-дарсал ва курсал. Гьеб кинабго рахъи кьоледухъ хlалтlизабуни, гьелъул пайда букlина. Амма тlубараб къоялъ компьютералда яги телефоналда хlаязде машгъуллъун ва магlна гьечlел роликазухъ балагьун ругони, узухъда, гьелъул лъай кьеялъе зарал тун батlияб жо букlинищха. Гьединго, дица пайда бугеблъун рикlкlуна жакъа цlалулъ Москаялъул электроннияб школа (МЭШ) ва гьелда гъорлъе унел электроннияб девник ва электроннияб журнал гlадал цlилъаби хlалтlизариги. Мисалалъе, эбел-инсул рес букlуна элекроннияб журналалдасан жакъа жидер лъимералъе ккараб къимат лъазе ялъуни гьеб радал рокъосаги ун, амма школалде бачlун батичlони, гьебги электроннияб журналалдасан эбел-инсуе балъго хутlуларо. 

- Кинал ругел жакъа районалъул лъай кьеялъул бутlаялда церечlарал аслиял масъалаби ва дандчlвалел захlмалъаби? 

- Жакъа къоялда аслияб кlвар кьун буго киналго лъай кьеялъул гlуцlабазда нилъеца цебехун рехсараб цифровизация рагlалде бахъинабиялде. Гьеб хlалтlи районалда гъоркьияб цlалул соналдаго байбихьун букlана. Цо-цо бакlазда захlматго, цо-цо бакlазда бигьаго гьеб рагlалде бахъинабулебги буго. Амма жеги букlине кколеб даражаялде бачун гьечlо. Узухъда, гьелъие хlажалъула хасал шартlал. Тlадаб даражаялда цифровизация лъугьине ккани, щибаб лъай кьеялъул учреждениялда букlине ккола лъикlаб материалиябгун техникияб база. Мисалалъе, щибаб классалда букlине ккола Интернетги ноутбукги. 

Гьеб хlалтlи рагlалде бахъиналъе ругел квалквалаздасан ккола киналго школазда хlажатал шартlал гьечlолъиги ва гlемерисел мугlалимзаби ригьалда ругел рукlиналъ, гьезие гьаб заманалъул технологиязда хадур гъезе захlмалъулеб букlинги. 

Гьединго гьабсагlаталда киналго лъай кьеялъул гlуцlабазда рагlалде рахъана цlияб цlалул соналде хlадурлъиялда хурхун гьарулел хlалтlабиги. 
Нилъер руго 50, 70, хlатта 100 сон барал минабазда жанир хlебтlун ругел школалги. Гьединлъидал, проекталда буго районалда 4 цlияб школа ва 1 ясли-ах базеги. Гьелъие киналго документалги хlадурун руго. Сурсатал риччаялъухъ балагьун чlун руго.

Цоги захlмалъи буго гlураб къадаралда цо-цо предметазул учительзаби гьечlолъиялъги. Гьедин, жакъа къоялде хlажат руго химиялъул, физикаялъул, ингилис ва гlурус мацlазул специалистал.

Гlаммаб къагlидаялъ босани, дир буго лъикlаб хlалтlулаб команда. Амма кин букlаниги, гьезда гьоркьобги хиса-басиял гьаризе мех щун буго. Щайгурелъул, щибаб соналъ лъай кьеялъул бутlаялда раккулел руго цlи-цlиял тlалабал ва 20-30 соналъ цебе букlаралде данде ккун, жакъасеб лъай кьеялъул къагlидаги тlалабалги тlубанго хисун руго. Амма руго, дандчlвалел захlмалъабазухъги балагьичlого, кидаго лъикlал хlасилал рихьизарулел школалги. Мисалалъе, дун гьаб хъулухъалде ячlаралдаса нахъе гьединазда гьорлъ рехсезе бегьула Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб ва кlиабилеб, Тlануси, Бакьагьечlиб ва Гlобода гьоркьохъел школал. Гьел руго кидаго цlикlкlараб къадар лъималазулги букlунел ва лъикlаб даражаялда хlалтlиги гlуцlарал школал. 

- Щай мугlалимзабазул махщел тlаса бищулел цlакъго дагьал гурони гьечlел?

- Жакъа районалда учителасул гьоркьохъеб ригь бахуна 47 соналде. Кадрал гlолохъан гьариги унеб буго цlакъ хlинцго. Дирго лъималазги мугlалимасул нух тlаса бищичlо. Ахирисеб ункъабго соналда жаниб районалъул школазде хlалтlизе вачlана гlицlго 19 гlолохъанав специалист. Гьездасан лъабгояв вачlана исана.
Гьелъие аслияб гlиллалъунги дида бихьула учителасе щолеб харж-мухь цlакъго мукъсанаб букlин. Щиб бицун нилъ гаргаданиги, жакъа нилъеца гlумру гьабун буго капитализмалда, гьединлъидал гlемерисеб жо бараб буго гlарцуда ва кинавго чияс бищун цебе халгьабула харж-мухьалъул къадаралъухъ. Мисалалъе, СШАялда бищун цlикlкlун мухь щолел махщелазда гьоркьоб буго мугlалимлъиги. Руго учительзаби, тlубараб къоялъ школалдаги хlалтlун, къаси мехалъ хlалхьи гьабизе ва метерисеб дарсиде хlадуризе кколеб заманалда, цадахъго цогидаб хlалтlи гьабизе унелги. Узухъда, лъицаниги лъикlаб гlумру букlиналъ гуро цадахъ кlиго хlалтlи бачунеб. Дида ккола гьеб рахъалде нилъер хlукуматалъ кlвар кьезе ккун бугилан.   

Гьединго дун хъулухъалде ячlараб заманалда жаниб “Земский учитель” программаялда рекъон районалде хlалтlизе вачlана гlицlго лъабго учитель. 

- Дуца кинаб гlакълу кьелеб жакъа мугlалимлъун вахъине ракlалда бугев гlолиласе ва гlолохъанал мугlалимзабазе?

- Дица кидаго рикlкlуна мугlалимлъи махщел гурин, гьеб рекlел ахlи бугилан. Гьединлъидал, жидерго гlумру мугlалимлъиялда бухьинабурал гlолохъанал специалистазул чара гьечlого букlине ккола чlечlого жалго жидедаго тlадги хlалтlун, жидерго лъай камил гьабизе гъира, лъималазде рокьи, сабру ва къохlехьей. Гьел хасиятал гьечlони, унго-унгояв мугlалим лъугьунаро.

- Бокьилаан гlисинал садикалги школалги цолъизариялъулги дагьабго бицани

- Нилъер руго 2-3 лъимер гурони жаниб гьечlеб школалги садикалги. Амма кигlанго гlарцул рахъалъ гьел хьихьизе рахъи гьечlеблъун бугониги, школа къанани, росуги чlунтулин абураб районалъул бетlерасул пикруялдалъун, чанго гьединал гьитlинал школалгун садикал цlунун хутlун руго. Амма гьеб къагlида гlемер мехалъ халат бахъинин кколаро. Материалияб рахъ босичlониги, гьениб нижеца хlисабалде босулеб буго жибго лъимералъул интересалги. Мисалалъе, лъабго цlалдохъан вугеб школалдайищ лъимералъе цlикlкlун цебетlей щолеб яги лъабнусго лъимер бугелдайищ? Гьединал ва цогидал рахъалги хlисабалде росун, исана нижеца Гъоркьколо ва Байикь росабалъ цо юридикияб гlуцlиялде цолъизаруна школаги садикги. 

- Кинаб ахlвал-хlал бугеб жакъа районалъул школазда магlарул мацl малъиялда хурхун?

- Гьеб буго гьаб ахираб заманалда кидаго бицунеб суал. Жакъа районалда магlарул мацlалъе бихьизабун буго анкьие кlиго сагlат. Амма гlемерисел директорзабаз кlвар кьола экзамен кьезе кколеб дарсиде ва тlокlлъараб сагlатги гьеб предмет гъваридго лъазабиялъе хlалтlизабула. Амма гьелдаго цадахъ, щибав директорасул ихтияр букlуна жиндиего бокьухъе сагlтал рекъезаризеги. Цоги гьеб суалалда хурхун дица абилаан, рахьдал мацl цlунизе ккани, бищун цебе щибаб хъизамалдасан байбихьизе кколилан. Лъимералда рокъоб гlурусалъ гурони кlалъалел гьечlони, анкьида жаниб школалда кьураб кlиго дарсица гьелда магlарул мацl тlокlкlунаро.

Нилъер школазда класс тlун къватlибехун гьабулеб хlалтlудаги ва гlаммаб къагlидаялъ босани, районалдаги гlезегlан тlоритlула рахьдал мацl ва миллияб маданият цlуниялда хурхун тадбирал. Жидер лъималазда магlарул мацl лъазе бокьарал эбел-инсуца гьел ритlе рехсарал тадбиразда гlахьаллъи гьабизе ва жалгоги рачlа.    

- Жакъа, хасго гlолохъанаб гlелалъ гlемер абулеб рагlула жидее цlалиялъ гlумруялда щибго кьечlин. Лъикl цlаларал жал, моцlрое гlицlго 20 000 гъурущги босун, гlадатал хъулухъазда ругин, амма хlалалъ школа лъугlарал, битlун цо предложение хъвазе лъаларел, эбел-инсул лъай-хъваяздалъунги жидерго речlчlа-регlиялдалъунги чlахlиял хъулухъаздаги бизнесалдаги ругин ва гьениб гьезул цебетlейги цlикlкlараб бугилан. Дуца щиб абилеб гьединаб пикруялда хурхун?

- Гьебги битlараб батила. Амма дица абила, жиндир букlине кколеб лъай гьечlев чи кигlан кlудияб хъулухъалде кканиги, гьев гьеб хъулухъалъе мустахlикъав вукlунарилан. Гьесие хlажалъизе вуго кагъат-хъарщиялъул ва цогидалги гьесул лъай гьечlел бутlабазда хlалтlи бачине лъикlав кумекчи. Цоги дица абилаан, лъавукъав чиясда данде ккун, кигlан дагьаб харж бугониги, цlаларав чиясе гlумру гьабизе гlемер цlикlкlун интересаб букlуниланги. Кодоб гlиял тlил кквеялдаса, ручка рекъараб букlуна. Гьединлъидал, бищунго лъикlаб буго дозул-гьазул кумекалде хьулги лъун чlечlого, нилъерго лъаялде ва махщалиде мугъчlвай гьабуни. 

- Цо заман букlана районалда киназего гlаммаб школалъул форма бугеб. Жакъа бажаруларищ гьединаб къагlида цlигьабун?

- Дицаги кидаго рахъ ккола школалда киназего гlаммаб ретlел чlезабиялъул. Щайгурелъул, гьелъ рес бугелги, гьечlелги, лъикl цlалулелги, квеш цlалулелги киналго бащад гьарула. Дун хъулухъалде ячlиндал, дир пикру бачlун букlана гьеб къагlида цlи гьабизеги. Хlатта, учузаб багьаялде районалъул школлъималазе данде кколеб ретlел Турциялдаса босизе букlине хlалтlигицин гьабун букlана. Амма щибаб школалда директорзабаз гьеб хlалтlи рагlалде бахъинабичlолъиялъ, районалда гьеб иш чlун хутlана. Амма дун жакъаги гьелъул пикруялдаги йикlуна. Дица Бакьагьечlиб школалда байбихьунги букlана гьеб билълъанхъинабизе ва жакъа къоялъги гьениб гьединаб къагlида цlунунги буго. 

Гьанибго гьабизе ккола дир дин-Исламалдехун лъикlаб бербалагьи бугиланги. Амма цо-цо школазул цlалдохъабазул ретlа-къай дида лъикlаблъун бихьуларо. Гьеб букlине ккола светияб учреждениялда рекъараб. Бетlералда чlвараб кlазги лага-черх бахчараб ретlелги школалда гьукъун гьечlо, хlатта, рекъарабцин буго. Амма киналъулго букlуна гlурхъи-рахъ ва школалъулги мадарасалъулги гlадинаб батlалъиги.  

- Школалда, цебе советияб заманалъ гlадин, тlоцебе тарбия кьей, хадуб цlали гьаби битlараблъун бихьулищ дуда?

- Бихьула. Дир хlисабалда, школалда бищун цебе букlине ккола тарбия, хадуб - лъай кьей, цинги - спорт. Гьединаб тартиб цlунулеб гьечlони, нилъехъа бажаризе гьечlо гlадамазда гьоркьоб вукlа-вахъинеги лъалев, жамгlияталъеги пайдаяв инсан куцазе. Гьеб рахъалде жакъа кlварги кьолеб буго нилъер школазда. Амма гьеб къагlида гlуцlизе ккола школаги эбел-эменги цадахъ рекъон. Гурони, жакъа школалда цо бицун, рокъоб цогидаб бицун, хlасил кколаро. 

- Сунца борцунеб ясли-ахазул хlалтlи?

- Гьабсагlаталда садиказул хlалтlул рахъи борцунеб роцен гьечlо. Гlицlго ниж балагьула гьенисан тlоцебесеб классалде рачlарал лъималазул даражаялъухъ ва гьез батlи-батlиял конкурсазда гьабураб гlахьаллъиялъухъ.  

- Ахиралдаги щиб дуца абилеб дурго пишацояздехун?

- Дица учительзабазе гьарилаан щулияб сахлъиги ва жидерго хlалтlуде рокьиги .Хъизан-рукъги роцlун, хlалтlуде регlун хутlаги киналго.

И. Мухlамадов. 

Просмотров: 65 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz