Вторник, 02.06.2026, 17:28 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Апрель » 17 » ТlАЛХlАТ АХЪБЕРДИЕВ
15:34
ТlАЛХlАТ АХЪБЕРДИЕВ

Цойги лъик1ав инсан, газеталъул божарав мухбир Аллагьасул къадаралде щвана гьаб хирияб Рамазан моц1алъул ахиралда.

Ахъбердиев Т1алх1ат Иманшапиг1ович гьавуна 1938 соналъул 24 августалда Хунзахъ росулъ рагъулав хъулухъчиясул хъизамалда. Инсуца рагъулаб хъулухъ гьабулеб Украинаялъул Львов областалда бук1уна Ахъбердиевазул хъизам рагъ байбихьараб заманалда. Кодов ккун Т1алх1атгун, ургьиб цойги лъимергун, г1емераб зах1малъи-г1акъубаги бихьун т1адюссуна гьезул эбел 1941 соналъ Хунзахъе. Цин Хунзахъ анкьгосонилаб, 1952-1955 соназ Г1арани гьоркьохъеб школаги лъуг1ун Т1алх1атица т1убазабуна гьит1инаб къоялдаса нахъе жиндирго бук1араб анищ-гьев ц1ализе лъугьуна Мах1ачхъалаялъул Дагъистаналъул медицинаялъул училищеялъул фельдшерзабазул отделениялде.

Училищеги лъуг1изабун, г1олохъанав фельдшер 3 соналъ х1алт1ула Хунзахъ районалъул сахлъи ц1униялъул цолъиялъул фельдшерлъун. Хадув х1алт1ула Хунзахъ росдал участкаялъул больницаялъул заведующийлъун. Рак1бац1ц1адаб хъулухъалъе г1оло Т1алх1ат мустах1икълъула СССРалъул Баг1араб Хъанчалъул Х1урматалъул грамотаялъе.

Доб мехалъ райбольницаялъул бет1ерав тохтурлъун х1алт1улев вук1арав Дибирчуев Сахуца кьураб лъик1аб характеристикагун 1961 соналъ Ахъбердиев ц1ализе лъугьуна Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде.

1967 соналъ гьебги лъуг1изабун, х1алт1изе вит1ула Гъизилюрт районалъул больницаялде гьоркьобе унеб бук1араб Гъулгъутаналъул участкаялъулаб больницаялъул бет1ерав тохтурлъун. Гьенив х1алт1улаго, ц1алун лъуг1изарула тохтур-терапевтасул лъай борхизабиялъул курсалги.

1969 соналда Ахъбердиев х1алт1изе вит1ула хъутабазда ругезе хъулухъ гьабулеб амбулаториялъул заведующийлъун. Гьелдаса хадуб х1алт1изе вачуна Гъизилюрталъул ЦРБялъул терапиялъул отделениялъул тохтур-ординаторлъун, рехсараб отделениялъул нухмалъулевлъун.

1970 соналдаса нахъе г1умруялъул ахирисел къоязде щвезег1ан х1алт1ана Гъизилюрталъул ЦРБялъул участкаялъулав терапевтлъун.

Бат1и-бат1иял соназ ц1алана лъай борхизабиялъул курсазда: 2 нухалъ Ростовалда, Москваялда, Тбилисиялда ва чанц1улго Мах1ачхъалаялда.

Г1емерсоназулаб лъик1аб хъулухъалъухъ Ахъбердиев Т1алх1ат Иманшапиг1ович мустах1икълъана «СССРалъул сахлъи ц1униялъул отличник», «Дагъистаналъул мустах1икъав тохтур» абураб т1адег1анал ц1аразе, рик1к1ен г1емерал Х1урматалъул грамотабазегун дипломазе. 2008 соналдаса нахъе кколаан т1адег1анаб категориялъул тохтурлъунги.

2012 соналда мунагьал чурадие кьуна «Дагъистаналъул г1олилазул насих1атчи» абураб цойги х1урматияб ц1ар, кколаан Россиялъул журналистазул ва хъвадарухъабазул союзазул членлъун.

Гьит1инго рагъалъ эменги вахъун хут1арав бесдалав вук1аниги, Т1алх1ат гъираялда г1ахьаллъулаан киналго жамг1иял тадбиразулъ, дандч1валаан г1олилалгун, г1емерго хъвадарулаан г1агараб районалъул газеталде, рак1 унтулаан обществалда лъугьунеб квешабщиналда.

2016 соналъ къват1ибе бач1ана Т1алх1атил шиг1риял асаразул «Бах1арчилъиялъул лъалк1» абураб т1ехьги.

Пагьму-гьунар бугев хъвадарухъан, журналист, ц1ик1к1арав насих1атчи, лъик1ав тохтур, рак1 разияв, аваданав инсан Т1алх1ат Иманшапиг1ович киданиги рак1алдаса инаро гьев лъалев вук1анщиназул.

Ккараб ками г1ахьал гьабун, нижеца гъваридаб пашманлъиялъул зигара балеб буго мунагьал чурадил яц Умужатида, хъизамалъул чаг1азда, т1олабго г1агарлъиялда, гьудул-гьалмагъзабазда. Аллагьасда цевеги лъик1авлъун, Алжан насибавлъун ватаги гьев сахав инсан. Амин.

Просмотров: 33 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz