Автор редколлегия. Март 2026 сон.
Цойги лъик1ав инсан, газеталъул божарав мухбир Аллагьасул
къадаралде щвана гьаб хирияб Рамазан моц1алъул ахиралда.
Ахъбердиев Т1алх1ат Иманшапиг1ович гьавуна 1938 соналъул 24
августалда Хунзахъ росулъ рагъулав хъулухъчиясул хъизамалда. Инсуца рагъулаб
хъулухъ гьабулеб Украинаялъул Львов областалда бук1уна Ахъбердиевазул хъизам
рагъ байбихьараб заманалда. Кодов ккун Т1алх1атгун, ургьиб цойги лъимергун,
г1емераб зах1малъи-г1акъубаги бихьун т1адюссуна гьезул эбел 1941 соналъ
Хунзахъе. Цин Хунзахъ анкьгосонилаб, 1952-1955 соназ Г1арани гьоркьохъеб
школаги лъуг1ун Т1алх1атица т1убазабуна гьит1инаб къоялдаса нахъе жиндирго
бук1араб анищ-гьев ц1ализе лъугьуна Мах1ачхъалаялъул Дагъистаналъул
медицинаялъул училищеялъул фельдшерзабазул отделениялде.