Воскресенье, 22.12.2024, 05:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Ноябрь » 30 » Т1ОЦЕЕСЕЙ Х1АЛКЪИЯЙ ШАГ1ИР.
16:55
Т1ОЦЕЕСЕЙ Х1АЛКЪИЯЙ ШАГ1ИР.

Дагъистаналъул ч1ух1и, такрарлъи гьеч1еб гьунаралъул шаг1ир, халкьияй поэтесса Фазу Г1алиевалъул г1умруги кеч1ги цадахъ байбихьана, маг1арул сухъмахъазги коч1ол мухъазги к1удияб дунялалъул нухазде ячана, шаг1ирлъиялъул борхалъиялде яхинаюна

Ц1идасан ц1алулел руго дица жакъа Фазул цереселги гьанжеселги куч1дул, регулел руго гьелъул т1ахьазул т1анчал. Сонал - т1ахьал. Т1ахьал - сонал. Нухал. Суалал. Жавабал. Жанисеб бах1арчилъиялъ ах1и балеб гьаракь. Гьале т1оцебесеб суал:

Ват1ан, мун бокьизе т1оцебе дида

Лъицадай малъараб гьаб дунялалда?

Лъица абадиялъ унареб х1алалъ

Дир х1асратаб рек1елъ бик1араб дур ц1ар?

Гьаб суалалдасан байбихьула киналго цогидал суалалги. Гьелъие жаваб кьезе к1ун хадуб жаваб кьезе к1ола г1умруялъул маг1наялъеги, маг1арул халкъалъул к1одолъиялъеги, к1удияб г1асруялъул г1ассилъиялъеги, г1адамазул рак1азул г1ат1илъиялъеги, къарнуялъул къоязул къварилъиялъеги, гьудулзабазул лъик1лъиялъеги, тушбабазул квешлъиялъеги.

Фазу Г1алиевалъул г1умру унеб буго гьел суалазе рит1ухъаб жаваб кьолаго. Гьелъ ват1ан коч1олъ ах1ана, ват1аналъ гьей каранде къана. Г1акароялъул т1огьисан дунял бихьана, дунялалда кие щваниги Г1акаро бихьана:

Сухъмахъал рук1уна бат1и-бат1иял,

Рохел гьурщулелги, гьел ч1инт1улелги

Дирги ц1акъ г1емерал сухъмахъал руго,

Сухъмахъазул буго жидерго къисмат.

Цояз дир х1ат1азул бакъан бачуна,

Бакъанлъул дунгоги йигеб мехалъул,

Цояз дир рикьидул назму ц1алула,

Ц1адул цунтур г1адаб г1умрудул бицун.

Фазу Г1алиева релълъарай йиго жиндирго ракьалъул т1абиг1аталда, т1алъиялъул х1икмалъиялда: гьелъул буго муг1рузул иццазул бац1ц1алъи, г1оразул хъуди, кьурабазул кьвари, ганч1азул сих1къот1и, т1огьол х1еренлъи, зобалазул г1ат1илъи, ракьалда ц1ваби кунч1улеб рокьи, векьарухъанасул г1адаб г1адатлъиги г1акъиллъиги, халкъалъул къисматалъул маг1на босараб раг1и, маг1арул ч1ужуг1аданалъул берцинлъи.

Гьеб кинабго рек1елъ бугей, рак1 дунялалъе рагьарай ХХ-ХХ1 г1асрабазул яс йиго гьей, амма лъимерлъиялдаго лъарал х1икматал маргьабазул г1ат1идаб къуваталъ ц1унун буго гьелъул рак1ги, мац1ги, ц1арги:

Гъанситодухъ бакун ракул ц1а буго,

Ц1адул паркъи буго гьурмазулъ рещт1ун,

Гьороде парпалел байрахъал г1адин,

Беразулъги руго чирахъал ракун.

Хъурщулеб ц1унц1радул гьаракь раг1улеб

Г1одой биччай буго, сих1къот1и буго.

Ниж г1иссинал руго, к1алалги гьак1к1ан

К1одол маргьабазухъ г1енеккун гьанир.

Макруги х1иллаги боржунеб буго,

Рит1ухълъидул х1ат1ал къот1улел руго,

К1ийиде рекълъараб гьелда рак1 гурх1ун,

Ниж г1одилел руго, г1екиги бахъун.

Фазуе ц1акъ бокьула нур коч1олъ рехсезе. Шаг1иралъе бищун бокьулеб сипат-сурат буго гьеб, гьелъ т1ехъалда ц1аргицин лъун бук1ана «Нур бикьулей йиго» абун. Нуралъул анкьабго кьералъул г1адин, г1умруялдаги коч1олъги кунч1ун буго гьелъул къисмат. Гьелъул буго: гьимиги-маг1уги, г1одиги-релъиги, талих1ги-бажариги, бах1арчилъиги-щакдариги, рокьиги-рокьукълъиги, роц1арабги-кьерхарабги, рогьелги-сордоги.

Гьелда к1удияй шаг1иралъул к1удияб г1умруйилан абула. Г1урусазул поэт Василий Федоровас абурал раг1аби руго: «Миллион руччабазда гъорлъ Фазу йихьарайаниги абилаан дица: гьале поэт, гьалъул рек1елъ лъугьунеб щинаб ц1ализе бегьула гьадал ц1адулал беразулъ.» Ц1акъ бит1араб къимат буго. Фазу лъалезда гьеб ц1акъ лъик1 лъала:

Дун г1ужие йосана

Г1емерал къват1ул мац1аз,

Г1иллалъун гьелъул ккана,

Канлъиг1ан гвангъун йик1ин.

Дун беракьа йорч1ич1о,

Ч1алг1аде рижаразул,

Берцинлъиги гьунарги

Гьалъие щай кьурабан.

Гьединаб буго шаг1иралъул къисмат. Шаг1иралъ жиндиего къимат кьола раг1абазул къуваталдалъун, коч1ол чвахиялдалъун, рек1ел к1ут1иялдалъун, бакъназдалъун, бакъул дунялалда араб г1умруялдалъун, г1адамазе кьураб рокьиялдалъун.

Литературияб институталда ц1алулелъул дир вук1арав муг1алим, г1урусазул машгьурав критик-литературовед  А. Михайловас Фазул х1акъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Рух1ияб г1акъиллъи ккола, г1ицго рек1елаб, г1ищкъудулаб лирикаялда жийго лъуг1изе теч1ого, таваккалго г1ат1идаб г1умрулъун йик1ине Фазу Г1алиевалъе рес кьолеб борхатаб даража».

Ц1акъго ракьалдаса г1аданлъун йиго гьей; йижудасанго батараб бухьен буго ракьалъулгун гьелъул; ракьалда мугь т1ирщизелъун, т1адеги г1умру бук1инелъун рек1ел к1ут1и кьезе х1адурай йиго гьей; гьеб рахъалъ ах1ула  Фазу бат1иял хиялазулги холарел дардазулги дунялалде!» Гьеб пикру рит1ухъ гьабулел куч1дул кенч1олел руго Фазу Г1алиевалъул г1емерал т1ахьазул т1анчазда:

Жеги дир рух1алъулъ, х1асратаб рек1елъ,

Х1алакун рорч1улел иццалги руго.

Жеги дир рух1алъулъ, х1асратаб рек1елъ,

Рек1арал ссунарел ц1аялги руго...

Жеги дир г1акълудул гъварилъиялъулъ

Г1ор, квач1ида бахъун, хъудулеб буго,

Хъублъигун г1исинлъи раг1аллъабалъ тун,

Ралъадгун жубалеб, цолъулеб буго.

Рек1араб чодаса рещт1инч1ого дун

Муг1рул сухъмахъазда свердулей йиго.

Рек1ел бах1арчилъи - шиг1рабазул бах1арчилъи ккола. «Поэтасул раг1и - гьесул ишазулъ буго», - ян хъвана Пушкиница. Фазу Г1алиевалъул ишги, шиг1рабиги, г1умруги кидаго цоцалъ рекъарал рук1ана, гьелъие къисматалъ кьуна куч1дул, куч1дуз кьуна къисмат:

Жеги г1олохъанлъи т1ерк1олеб буго,

Т1аде хасел щолеб хаслихълъи г1адин.

Хисун гьеч1ин абун божулей йиго,

Бертабалъ кьурдизе яхъуней йиго.

Гъажилда к1ет1олел халатал к1илк1ал,

Рахъун г1одор лъезе г1едег1ун гьеч1о,

Маржаназул ц1алал, габур ц1ан унел,

Гарбида жегиги кенч1олел руго,

Гор гьабун бот1рода кьурун лъураб гъал,

Гъегъ т1аде баниги, т1упун ун гьеч1о.

Фазу Г1алиевалъе хирияб буго жиндирго г1умруги, къиматги, такрарлъи гьеч1еб, лъидаго релълъинч1еб, жиндирго нух буго гьелъул, цоцоязе бокьаниги бокьич1ониги.

Хаслихълъиялъул х1акъалъул кеч1 хъвач1ев шаг1ир цониги гьеч1ин абизе бегьула. Хаслихълъиялда шаг1ирзабазул заманилан абула. Балагье цо Фазул образалъухъ.

Гьорол ханлъи буго, хаслихълъи щвана,

Щобазул, гох1азул бут1рул к1к1ван руго,

К1к1уй беролеб буго парсахъа къват1иб,

Хъалиянал ц1алел ругел кинигин.

Дир х1исабалда, художникас сурат г1адин, раг1абаз бахъун буго хаслихълъиялъул сурат. Фазуда т1абиг1ат лъала, т1абиг1аталда Фазуги лъала.

Амма бищунго гьей лъик1го лъалев гьелъул г1умруялъулги, г1ищкъуялъулги, шиг1руялъулги гьудул Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мух1амадовас бахъараб Фазул сурат ц1акъ рек1ее г1уна дие.

Мун ана, т1ок1ав дун х1ажат гьеч1илан,

Х1анч1ил бусен г1адин, сук1ун гъалги лъун.

Нич бикъун бакъуе гъуждулги рагьун,

Рорхатал угъдуца ч1инхалги хъурун.

Гьединаб г1амал буго Фазул куч1дузулги. Фазу Г1алиевалъ хъвана ункъогоялдасаги ц1ик1к1арал маг1арул, гlypyc, къват1исел пачалихъазул лъабкъогог1ан мац1азда рахъарал куч1дузул ва прозаялъул т1ахьал, к1икъогог1анасеб поэма. Гьезул бицине ккани т1убараб т1ехь хъвазе ккола. Амма Фазул асаразул бицунаго рак1алде щвеч1ого бегьуларо гьелъул проза.

Г1урусазул критик Олег Добровольскияс хъвалеб буго: «Фазу Г1алиевалъул романал, т1амач-т1амач ккун ц1алулаго, нилъеда цебе ч1ола Дагъистан, гьелъул т1абиг1ат, маг1арулазул  г1амал-хасият, хаслъи гурони, релълъенлъи гьеч1ел гьезул г1адатал. Нилъеда рихьула т1аде рахине рес гьеч1ел т1огьал, т1огьода росарал расалъаби, г1иссинал минабазул росаби, гьезул къваридал къват1ал. Рихьула годек1анир г1одор ч1ун харбида ругел хараби, харилъа мокъокъал г1адин, рач1унел разиял гьурмазул гьайбатал ясал.»

«Фазу» абураб ц1аралъулъго поэзия буго. Гьелъул ц1ар бахъарабго, коч1ол бакъан раг1ула, Фазу ккола поэзия. Фазу - шаг1ир, Фазу - берцинлъи. Фазу - ч1ужуг1адан.

Фазу йик1инч1ейани гьаб дунял бук1инаан ч1амуч1аб ва цо кьер бугеб. Маргьуяб ахикь зодил т1айпусалъ гlaдин, г1амирко - х1анч1ица г1адин, нилъер дунял берцинлъиялъулги гьунаралъулги нуралъ къалъизабуна гьелъ. Фазу йокьизе яги йокьич1ого йик1ине бегьула, амма гьей рик1к1инч1ого тезе, гьелдехун ургъел гьеч1еб бербалагьи гьабизе бажарич1о ва бажаризе ресги гьеч1о.

Фазуе поэзиялъул мисаллъун хут1улеб буго Пушкиница загьир гьабураб пикру, коч1оца чиясулъ лъик1ал къасдал рорч1изари. Кидаго х1алхьи гьеч1еб рух1ияб г1умру бук1ана ва буго Фазул. Гьелъ кидаго аслияб квер ч1вазе бак1 балагьана ракьалда, т1абиг1аталъулъ, г1адамазулъ, маг1арул халкъалъул г1умруялъулъ, халкъияб мац1алъулъ.

Фазу Г1алиева ккола Дагъистаналъул т1оцеесей халкъияй поэтесса. Гьелъул к1удияб маг1на буго. Дир муг1алимас  А. Михайловас  Фазу Г1алиевалъул к1иго томалда арал асарал хъвараб цебераг1иялда абулеб буго: «Т1оцебесеб иргаялда, халкъиявлъун вук1ин хъвадарухъанасе г1адатлъиялъул синоним кколаро. Гьеб буго дунялалде бугеб бербалагьи бихьизабулеб раг1и. К1иабилеб ирга­ялда, бищун зах1матал, цоцазда данде кколарел, рекъон ч1оларел пикраби, тунка-г1усиял, рек1ел дардал г1адатго ва баянго кьезе к1вей ккола маданияталъул т1огь, т1ад калам гьеч1еб идеал. Т1огьазде рахунеб нух бигьаяб бук1унаро. Художникасул рух1ияб ва цогидаб бербалагьиялъул рахъ хисараб хасаб къаг1ида мат1уялъуб г1адин маданияталъулъ бихьизабулеб бугони, гьелъ к1удияб маг1на ва даимал дарсал кьола.»

Дица кидаго къимат гьабула г1умруялдехун  Фазул бугеб бах1арчияб, бихьинчияб бербалагьиялъул: гьелъул щулияб ва эркенаб шиг1рияб аслуялъул, къох1ехьеялъул, г1умру бокьиялъул, г1умрудулги чадилги чиясул иях1алъулги багьа лъаялъул.

Фазу Г1алиева дир гьудул йиго. Унго-унгояй, кидаго хисуларей. Г1умрудул зах1матал къояз г1емер щвана дун Фазухъе. Маргьуяб т1илал хьваг1иялъ г1адин, гьелъ т1аса босулаан дидаса къоязул бак1лъи, жиндаго сверухъ бугебщинаб поэзиялдеги сверизабун. Г1адатаб г1умрудул хабарин тезе бегьулебги Фазуца шиг1рулъун гьабула, гьеб Фазуда аск1об поэзиялъун лъугьуна.

Гьелъ г1умру гьабуна ва гьабулеб буго жиндиего рек1ее бокьухъе, хъвала кеч1, рокьула г1адамал, рихуна тушбаби жиндиего бокьухъе. Диванбеглъун гьелъие жийго йиго. Гьединаб бук1уна к1удияв шаг1ирасул къисмат.

Гьелъулъ буго Фазул талих1- дунял жиндиего мут1иг1лъи: гьелъие жийго мут1иг1лъуларей шаг1иралъул насиб.

Куч1дузулъ гурейги, ишазулъги бах1арчияй г1адан йиго Фазу. Нахъбахъич1ого, нахъег1анлъиялъеги х1алихьалъиялъеги жаваб кьола гьелъ.

Шиг1руялъул борхалъиялда къвал базе рес бугеб, эркенго т1авап гьабулеб, борхатаб, к1удияб зоб жиндие мут1иг1аб ц1удуца г1адин, г1адлуялда ва къадруялда г1одоре риччазарула гьелъ жийго рокьуларел чаг1и.

Шаг1ир Фазу Г1алиевалъул къисмат т1адег1анаб ва та­крарлъи гьеч1еб буго, гьелъул гьунарги ц1арги хвел гьеч1ел руго. Дица к1удиял х1арпалдалъун «Шаг1ир» абун хъвала Фазул х1акъалъулъ. Гьелъ кинабго бицуна.

Просмотров: 2326 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz