Среда, 24.04.2024, 18:05 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Январь » 21 » Т1АСА ЛЪУГЬА НУЖЕДА БИЧ1Ч1ИЧ1ЕБ МАХСАРАЯЛДАСА.
14:22
Т1АСА ЛЪУГЬА НУЖЕДА БИЧ1Ч1ИЧ1ЕБ МАХСАРАЯЛДАСА.

Кутакалда бокьула газеталда къват1ибе аралда т1асан жидерго пикру загьир гьабурал кагътал ц1алдолез рач1ине. Бук1а гьеб бак1алдасан материалалда, лъик1ал г1адамазул х1акъалъулъ очерказда, х1акимзабигун гара-ч1вариязда т1асан пикру, т1асанк1алъай, дандерижи. Амма гьал къоязда нижехъе бач1араб дандерижиялда кутакалда квеш бихьун бугоан Мущули росдал г1адамазда ц1ияб соналъулаб казияталда рахъарал абундачазда жал гьобол-гьудул рокьуларел чаг1илъун рехсон ругилан.

Гьединаб «Ц1ияб соналде бач1араб «Росдал Зах1матчи» газета ц1алидал цин рохизаруна, хадуб ццим бахъинабуна нижер г1адамазул. Рохизаруна гьеб номералъул т1оцебесеб гьумералда бахъараб, Мущули росулъа поэт Мух1амад Х1осеновасул Ц1ияб соналде гьабураб лъик1аб гьара-рахиялъул кеч1 ц1алидал. Ццим бахъинабуна гьебго номералъул ахирисеб гьумералда бахъараб «Ва-гьа-гьаялда» гъоркь мущулдерил х1акъалъулъ хъвараб гьереси ц1алидал. Цогидазе гьелъ кеп щвезабун батаниги, нижер росдал г1адамазул гьеб гьересиялъ кутакалда ццин бахъинабуна.

Гьеб бук1ана цанго соналъ цебеги маг1арул газеталда бач1ун, гьобол цо пуланаб росулъе вач1индал ккараб, нужеца нижер росдал ц1арги рехсон хъвараб х1акъикъияб гуреб жо.

Мущули росу бук1ана анкьумумулъанго бечелъиялъул ц1ар бугеб росу. Ракъул соназгицин Мущулиса чи къват1иве вахъине ккеч1о бет1ербахъиялъе. Нижер умумул рук1ана гьоболги хириял, т1аде рач1аразул къиматги гьабулел г1адамал. Гьанире рач1ун гьоболни киса гурин, гьардухъанцин г1орц1ун гурони нахъе унароан.

Рагъул заманалда фронталъе квен-т1ехалдалъун, г1арцудалъун, рет1ел-хьиталдалъун гьабураб кумекалъухъ Сталиница бач1араб кагъат гьабсаг1атги ц1унун буго росулъ» ан хъвалеб буго мущулдерилдерица редакциялде.

Цо х1арпалда хут1ич1ого рази йиго. Амма цо гьит1инабго баян кьеч1ого рес гьеч1о. Адабияталъул бут1алъун ккола «вагьагьа» рубрикаялда гъоркь къват1ире унел абундачалги (анекдотал). Гьезие баян кьолаго словаралда хъвалебги буго: анекдот-ургъун бахъараб, кепаб лъугьа-бахъинилан. Ай гьеб кколаан, х1урматиял, нужеда бич1ч1ич1еб, гьудуллъиялъулаб шарж-махсара. Гьел байрамалъулал хоч1ал ц1алидал, гьенир рехсарал буц1улдерилги бук1ана ихтияр лъидасаго лъик1 лъалин жидеда г1урус мац1илан квеш бихьизе, мавлидалда гьекъон рук1унин жидеде хъвараб сури-рогьойилан хундерицаги абизе. Амма гьезулъ, нужедаса цодагьаб ц1ик1к1ун махсара бич1ч1и, аваданлъи бук1иналъ батилаха, хириял мущул, гьеб к1иябго росдал г1адамазда гьеб бит1унги бич1ч1араб.

Хадуб нужеца кагътида загьир гьабулеб буго дидехун гьеч1еб х1урматги, «Росдал зах1матчи» ялъул 16 экземпляр 600-ялдаса чи жанив вугеб росдае «к1удияб» къадар бук1инги. Х1урматиял Мущули росулъа районалъул газета ц1алулел, газеталъул багьа хиралъи (гьединго площадь гьит1инлъи) редакциялъул иш гуреблъи дица цинги бич1ч1изабун бук1ана газеталъул гьурмаздасан нужеда. Редакциялъ лъаг1алиего анкьи-анкьие бач1унеб казияталъухъ босулеб багьа буго 250 гъурущ. Хут1араб буго Россиялъул почалъул т1адежубай (сундухъ щибали гьезда гьикъани нижедаса лъик1 бицинеб батила нужее). Гьелъул гуро гьаниб хабар. Дие бокьун буго нужедаса рак1-рак1алъулаб т1аса лъугьин гьаризе, «Росдал зах1матчиялъул» гьурмаздасан нужеда рек1еда бараб махсара аралъухъ.

Дида кутакалда лъик1 лъала, цее-цее чанги нужер мухъалде щведал, гьамщал-мущул гьалбал хириял чаг1и рук1ин, анекдот газеталдасан ц1аларазги гьединго абуна, ва гьеб жо ц1ияб соналъулаб хоч1 бук1ин киназдагоги бич1ч1ана. Нужеда бугьтан лъезе, ялъуни нуж рек1екълъизаризе цо лах1заталъцин рак1алдеги ккеч1о.

Гьедин мекъдаризеян лъугьани, унго-унголъунги барщизе ккелаха Ц1адаса Х1амзатилъцин («Чурпадалъ бугеб гьан чи т1аг1аясул,

гьамшал-мущулдерил къулгьудалъ г1адин»

Ашбазалде).

Цойги нухалъ т1аса лъугьа нужеда бич1ч1ич1еб махсароялдаса. 87 сон барай нужер росуцояй Загьидатил гьал раг1абаздалъун ва гьезие дирго жавабалдалъун лъуг1изе телин нилъее пуй гуреб, гьорой хьвай гуреб бах1с.

-Нижер умумузул г1адат бук1ана

Гьобол вач1аравго, ц1еда хьаг лъолеб

Вакъунани гьобол кват1ив вит1улищ

Къолол бак1лъи бугеб сайгъат кьеч1ого.

 

Росасе унезе къайи г1емераб,

Къаникье унезе мусру гьарзаяб

Садакъа г1емераб, г1адан хирияб

Гьаб нижер росдада бугьтан щай лъураб?

*** *** ***

-К1оч1олъ рехсовухъе нуж рук1иналда

Районго ч1ух1ула, г1алам бохула

Кьураб садакъагун бараб гьоболлъи

Бищун х1ажаталъуб бати гьарула.

 

Цойги мущулдерий икъбал гьарула,

Рукъги къоги ц1ураб талих1 гьарула,

Амма сундасаго, сахлъигун цадахъ

Махсаро бич1ч1изе гьунар гьарула.

Нужеде кидагосеб адабгун (кавычкаби гьеч1ого) газеталъул редактор Фатима Мух1амадова.

Р.S. Редакциялде жамаг1аталъул ц1аралдасан макъала хъварасул махщел-гьунаралъеги мук1урлъун, редактор х1исабалда, к1удияб гьари (т1алаб гуро) буго гьесдехун-нужерго росдал тарихалъул, г1адамазул, лъугьа-бахъунелъул хъван районалъул газета ч1аго гьабизе квербакъеян. Гьоболлъухъни дун пихъ барщидал яч1инин.

 

Просмотров: 399 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz