Воскресенье, 05.05.2024, 20:27 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Ноябрь » 30 » СПОРТАЛЪУЛ ВЕТЕРАН МУХ1АМАД Х1АМЗАЛОВ КИВГО ЦЕБЕСЕБ КЬЕРДА.
16:49
СПОРТАЛЪУЛ ВЕТЕРАН МУХ1АМАД Х1АМЗАЛОВ КИВГО ЦЕБЕСЕБ КЬЕРДА.

Мух1амад Х1амзаловасул г1умру ана районалда ва республикаялда физкультура ва спорталда жаниб гьеб цебет1езабиялда, г1ун бач1унеб г1ел къо х1ехьолеллъун, къвак1араллъун куцаялда т1ад Мух1амад к1вах1 гьеч1ого х1алт1ана кинаб хъулухъалде, х1алт1уде кканиги. Спорталъул ветеранал, жакъа нилъгун гьеч1ел жидер мунагьал чураял Атаев Х1усенх1ажица, Ясулов Х1ажица, Г1амирг1алиев Г1амирг1алица, Къебедов Мух1амадрасулица г1емераб бицунаан Мух1амад Х1амзаловасул спорталъул рук1арал бергьенлъабазул. Т1адагьаб атлетикаялда, г1ебеде к1анц1и, ядро диск рехи, эхеде к1анц1иялда Мух1амадица республикаялъул спартакиадаялда т1оцересел къецазда росарал г1емерал бак1ал. Хасго эхеде к1анц1иялда Мух1амадилъе вахарав чи росабазул районазул спортсменазда гьоркьов вук1инч1о. «Ножница» тайпаялъул к1анц1иялдайин абуни рекорд г1емерал соназ ц1унун бук1ана. Бергьараб махщел бук1ана волейбол х1аялдаги, г1емерал соназ Мух1амад х1ана районалъул ва республикаялъул командабазда. Армиялда вугеб заманаялъги теч1о Мух1амадица спорт. Балтикаялъул рагъул- ралъдал флоталда волейбол х1аялъе щвараб грамотаялда хъван буго Прибалтикаялда 1-себ бак1 щванин. Армиялдаса вуссун хадув Мух1амад х1алт1ана районоялъул инспекторлъун, Г1арани гьоркьохъеб школалда учительлъун. Физкультура ва спорталдехун бугеб гъира, рокьи, к1вар бихьидал, Мух1амад вачана Дагъистаналъул «Урожай» обществоялъул председательлъун чанго соналъ гьенивги лъик1аб х1асил ккараб х1алт1и гьесул бихьидал Мух1амад вачана «Спартак» обществоялъул нухмалъулевлъун, къокъаб заманалдасан вачана Дагъистаналъул спорткомитеталъул заместительлъун. Гьеб х1алт1удаги бихьизабуна Мух1амадица унго-унгояб бажариги, гьунарги, махщелги. Гьесухъе приемалъе араб мехалда к1алт1аса г1адамал камураб заман бук1унароан. Мух1амадие ц1акъ бокьулаан г1адамасул х1ажат, къвариг1ел т1убазе. Кинаб къвариг1елалъ чи вач1аниги, гьес рехун толаан рукъалъул, х1укуматалъул х1алт1и, гьев чиясул мурад т1убач1ого  г1одове виччалароан. Мух1амадил рук1ана ва руго г1емерал гьев рак1алдаса унарел гьудулзаби. Дида кидаго рак1алде щола дун Дагъистаналъул Гандболалъул т1аса бищараб командаялъул вратарлъун х1алеб мехалда, ниж къецазде Челябинск шагьаралде иналде цере Мух1амадица команда ах1ана комитеталде ва киназего данде кколеб размералъул «Дагъистан» нахъа хъвараб спорталъул форма ва красовкаби кьуна. Гьев мунагьал чураяс абуна «Расул, дун ц1акъ вохана мун командаялда ватиялдаса»-ян. Гьелдаса хабувги дун чанго нухалъ ккана Мух1амадихъе къвариг1елалъ кидаго виччач1о къвариг1ел т1убач1ого. Г1акъилав инсан ва гьунар т1ок1ав спортсмен гуревги, Мух1амад вук1ана г1ажаибго г1адамазул рак1 жиндихъего ц1алев чи. Росулъа ва районалдаса г1емерал г1адамазул къвариг1ел т1убана, кумек гьабуна лъимал ц1ализе лъугьунеб мехалъ, х1алт1иялда хурхун, унтарав чиясе, къварилъи-г1ат1илъи ккараб бак1алда. Дида кидаго к1очон толаро мунагьал чураяв дир эмен зах1матго унтун вугеб мехалда централияб больницаялъул к1алт1а Мух1амадица рорч1арал сардалги, къоялги, гьеб бук1ана 1981 соналъул январь моц1. 2001 соналъул 30 марталда Мух1амадил ц1ар кьуна Хунзахъ лъималазул спортивияб школалъе. Хунзахъе зигараялде вач1арав чи хехаб унтиги ч1ван нилъедаса ват1алъана гьев сахав районцояв. Алжан насиблъун батаги гьесие. Дагъистаналда физкультура ва спорт цебет1езабиялда гьабураб х1алт1ул бицун лъуг1иларо.

Зах1маталъул ва рагъул ветеран Гьиматов Мух1амадрасулица бицана живги Мух1амадги Г1арани школа-интернаталда цадахъ х1алт1анин, бажари, гьунар бугев учительлъун вук1анин гьевилан. Гьес ругьун гьабураб, куцараб волейболалъул командаялъ республикаялъул школлъималазул спортакиадаялда 1-себ бак1 босана. Гьеб командаялда х1алел рук1ана Мущулиса Г1умаров Х1амзат, Рашидов Г1абдурах1ман, Г1абдулаев Расул, Х1ажиев Турач, Болъихъ районалъул Чанхъоса Ибрагьимов Чункъ ва гь.ц. г1емерал г1олохъаби ругьун гьаруна т1адагьаб атлетикаялда.

Расул Г1амирханов, Дагъистан республикаялъул мустах1икъав учитель, Россиялъул халкъияб лъай кьеялъул отличник.

  

Просмотров: 803 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz