Пятница, 29.03.2024, 02:49 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Июнь » 19 » ЩУЛИЯЛ КЬАЛБАЗУЛ МАГ1ИШАТ.
13:41
ЩУЛИЯЛ КЬАЛБАЗУЛ МАГ1ИШАТ.

Хунзахъ районалъул ТӀануси росдал Бабаюрталъулаб зонаялда бугеб «Машгьурал гӀадамал» СПК ккола республикаялъул церетӀурал магӀишатазул цояб. Пачалихъалъул гӀемерал шапакъатазда, хӀурматиял гӀаламатазда гьоркьор руго 2015 ва 2018 соназда ВДНХялда СПКялъе щварал меседил медалалги. Гьелъул ракьалъул гӀатӀилъи ккола 5200 гектар (кӀиазарго гектар Кочубей зонаялда), буго 170 бетӀер чӀегӀербоцӀул, 6600 бетӀер гӀи-цӀцӀаназул, хӀалтӀуе гӀураб къадар техникаялъул. Гьал къоязда гьенире щварал ниж дандчӀвана 10-гӀанасеб соналъ магӀишаталъе нухмалъи гьабулев вугев Зиявудин МухӀамадовгун ва нижер ккана гьадинаб гара-чӀвари.

-Зиявудин, «Машгьурал гӀадамал» абураб цӀаралда рекъараб хӀалтӀи бугищ магӀишаталъул?

-Сверухълъиялдаги заманалдаги рекъон унеб буго хӀалтӀи. Къадру-къиматалда ругел гӀадамазул цӀар хвезабиларин абун, биххизе течӀого магӀишатги цӀунун хӀалтӀана дида цере рукӀаралги.

Жакъа гӀемерисезе бокьулеб буго шагьар, амма гьениб киназего хӀалтӀи букӀунаро ва гьединлъидал дир кинабгӀаги щаклъи гьечӀо гӀадамал дагь-дагьккун ракь хӀалтӀизабиялде руссине рукӀиналда.

Гьаб буго, магӀарухъ рукӀаго, нижер умумузе кьураб, пачалихъалъ жамагӀаталда хадуб бухьинабураб ракь. Гьаниб буго 100-110 цӀараки.

-Нужер буго 90-гӀанасеб бечӀчӀулеб гӀака. Рахь кибе кьолеб ва дотация кин щолеб?

-ЛъагӀалида жаниб бечӀчӀула 150 тонна рахьдал. Гьеб кьола МахӀачхъалаялъул рахьдал заводалде. Гьелъул багьаги хисардула, маса­ла, букӀана заман цо литралъухъ 20 гъурущ кьолеб. ГьабсагӀаталда кьола 19 гьурущ.

Гьелъухъ кьолел дотациялги рукӀана батӀи-батӀиял. ГьабсагӀаталда цо литралъухъ кьола 2-3 гъурущ, букӀана 7 гъурущ кьолеб мехги.

ХӀакъикъаталдаги рахь лъедасаги гӀемерго учузлъун буго. Гьебги буго жакъаги «дару» гьечӀеб «унти». Дотациял кьолел рукӀин буго кӀудияб мадар.

-Гьединабго хӀал букӀана квасулги, ай гьеб бичиялъул пайдаго гьечӀеб. Нужеца кигӀан квас къунцӀулеб ва кинаб букӀунеб гьелъул хадусеб къисмат?

-2018 соналда нижеца 18 тонна бичун букӀана 135 гъурщиде килоги гьабун. 2019 соналда къунцӀараб 20 тонна гьал къоязда бичана (70 гъур­щиде кило гьабун, 30-40 гъурущ дотациялъул щвелин абураб хьулалда) Черкесск шагьаралъул квас къачӀалеб комбинаталъе.

-Къинлъул кампания кин араб?

-Гьеб рахъалъ исана ниж разияб хӀал буго. ГьабсагӀаталда бугеб хӀисабалда рекъон, кьегӀер бахъиялъул букӀина 100-105 процент, гъоркьиса букӀана 80-85 процент.

-ГӀи-боцӀуе гӀураб къадаралда кӀалцӀи-хер нужедаго хӀадуризе кӀолищ?

-ЛъагӀалие къваригӀуна 200-250 тонна кӀалцӀул, 2-2,3 азарго тонна харил. Гьел тӀалабал тӀурала нижецаго, гъоркьиса босизе ккана 100 тонна кӀалцӀул.

-Исана 150 гектаралда нужеца бекьизе буго пиринчӀ. Гьеб бигьаяб хӀалтӀиги гуро. Гьелъие гӀураб къуват бугищ?

-Гьеб хьазе хӀадурун букӀараб ракьалъул 300-400 гектар буго гьаниб. Дагьаб бугониги, санайил гьеб бекьулаан. Лъим бугони, гьеб бекьиялъе щибго къварилъи гьечӀо.

-ГӀезабураб пиринчӀ кибе кьолеб?

-Гъоркьиса гӀемер букӀинчӀо. Бугебги гьанире рачӀун гӀадамаз унаан босун (12-13 гъурущ кило гьабун). Г1адамазе бичунги Краснодаралде баччунги, пиринчӀ бичиялъе щибго къварилъи гьечӀо.

Исана бекьизе буго 150 гектаралда. Цо гектаралдаса 30-40 центнер бачӀани, нижее щола 500-600 тонна. Гьеб къадар 12 гъурщиде кьабгӀани, 7 млн гъурущ щола. Гьелдаса 3 млн гӀезабулаго ун батани, 4 млн хутӀулеб буго магӀишаталъе.

-ХӀалтӀи нухда бачине бигьаяб заман гьечӀониги, нужср СПКялъ гӀезегӀан кумек гьабулеб буго гӀагараб росдаеги росдал гӀадамазеги...

-Гьаб буго гӀаммаб магӀишат, гьединлъидал жамагӀаталъеги щвезе ккола ресалда рекъараб кумек. МагӀарухъ бугеб школалъе гьабуна материалияб кумек, лъимал ругьун гьаризе босана цӀияб трактор, мажгиталъе ва ясли-ахалъе гьабуна кумек, тӀубана росдал лъел суал. Росулъ вуго 80-г1анасев пенсионер, сахӀал рахъулеб заманалда гьезул щивасе кьола нус-нус килограмм ролъул, 20-30 танг харил.

СПКялде щварал ниж дандчӀвана 36 соналъ вехълъун вугев МухӀамад Г1убайдулаевгунги (гьесдаго цадахъ руго гьесул васалги - Шамил (сураталда), Рамазан, Юсуп).

-МухӀамад, киналха ругел дандчӀвалел захӀмалъаби?

-ЗахӀмалъулеб буго къунцӀараб квас бичи, гъоркьиса къунцӀарабги жеги бегун буго. Гьелдаса бугелъул нижер бетӀербахъи, нижее бигьалъулеб гьечӀо гьеб суал.

-Кинаб бугеб вехьасул гьоркьохъеб хӀалтӀул къо?

-Риидалил заманалда радал тӀаде вахъуна ва хӀалтӀи байбихьула сагӀат 4 тӀубараб заманалда, къаси сагӀат 7-8-ялда лъугӀизе тола. Г1одоркъоял рукӀунаро, нижецаго гьаруни гурони, байрамкъоялги рукӀунаро.

-Чан гӀиялъажо бугеб дуца жаваб кьолеб ва кинаб бугеб дуе чӀезабураб мухь?

-Дир ва дир васазул тӀалабалда буго 1200 гӀиялъажо. ЛъагӀалил мухь хӀисабалда нижер щивасе кьола 35 къинлъизесеб чахъу. Нижер щивасулги буго нус-нус бетӀер, гьелги хьихьула чӀорого.

-Лъабавго дур васас вехьасул хӀалтӀи тӀаса бищиялдаса рази вугищ мун?

-Васазул буго цӀала-къали, дие бокьилаан гьел шагьаралда, рекъараб хӀалтӀуда рукӀине. Амма щолеб гьечӀо хӀалтӀи. Гьединлъидал дун рази вуго гьал дида аскӀор рукӀиналдаса.

Цинги ниж щвана 35 сональ вехьлъун хӀалтӀулев вугев Шарап ХӀайбулаевасухье (гьесда цадахъги вуго кӀиявго вас - Муслим ва МухӀамадрасул).

-Шарап, кин араб г1и къинлъиялъул иш?

-ГӀезегӀан захӀматгоги букӀана, амма хӀасил лъикӀаб ккана. 95 про­цент бахъанин ккола тӀинчӀалъул.

-МагӀишаталъул чан гӀиялъажо бугеб дур тӀалабалда?

-Дицаги, дир кӀиявго васасги, цоги вехьасги жаваб кьола 1200 бетӀералъул. Лъабасулго данде босун буго 800-гӀанасеб бетӀер гӀи- цӀцӀаназул. Мухь хӀисабалда нижее (щивасе) кьола 35 чахъу.

-Дур кӀиявго вас дуда цадахъ вукӀиналдаса рази вугищ мун?

-Дир хӀисабалда, къо бахъанагӀан бигьалъулеб хӀалтӀиги СПКялъ гьабулеб кумекги цӀикӀкӀунеб буго. Амма гӀолохъабазе бокьулеб гьечӀо гьаб иш. Диегоги бокьилароаан васал гьаб хӀалтӀуда рукӀине, амма гьез тӀаса бищун бугелъул, пашмангоги гьечӀо. Завод-фабрикалги гьечӀони, цоги хӀалтӀиги щолеб гьечӀони, рега- рахъун чӀунги нижехъа бажаруларо, магӀишат гьабизе кколелъулха.

Просмотров: 397 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz