Пятница, 03.05.2024, 13:33 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Декабрь » 11 » ШАГlИРАСУЛ ПОЭЗИЯГИ ГЬЕЛЪУЛ ГlАДАМАЗЕ БАРАКАТГИ
15:58
ШАГlИРАСУЛ ПОЭЗИЯГИ ГЬЕЛЪУЛ ГlАДАМАЗЕ БАРАКАТГИ

Адабияталъул рахъалъ киналгоязде г1унт1ун ч1ах1иял специалистаз рик1к1уна Расул Х1амзатов дунялалдаго машгьурав шаг1ирлъун вахъине цох1о «Къункъраби» асар хъван бук1арабани г1езе бук1анилан. 


Халкъалъ абула, гьеб рагъул ва ч1агоязул ракълие г1оло хваразда цебе бугеб налъул х1акъалъулъ бищун лъик1аб кеч1 бугилан, амма гьелдаго цадахъ «Къункъраби» ккола ракълилги дунялалъулги кеч1. Рак1ал берцинал г1адамаз, гьадин эркенго пикру гьабизе, берда бихьизе, рек1ел асарал загьир гьаризе рес кьураб Дунялалъул х1акъалъулъ кеч1.

Къункъраби лъугьана хвел гьеч1олъиялъул абадияб нуг1лъун. Гьанже гьезухъ балагьидал, нилъеда гьезул т1елалъулъ жеги ц1ик1к1ун рихьулел руго «рагъда камурал васал».

Байбихьудасанго гучаб бук1ана гьеб кеч1алъул машгьурлъи. Цо-цо коммунистазда гьоркьор рук1арал атеистаз ЦК КПССалъул Политбюроялде, бит1ахъе абуни, ц1ад базабун бук1ана гьеб кеч1 ах1изе гьукъеян г1арзабазул. Багьанаде гьез бачунеб бук1ана цо-цо киласабазда ва масжитазда гьеб как ах1улеб г1адин ах1улебцин бугилан.
 

Гьабизе жо т1аг1араб политбюроялъ гьеб ишалъул «жавабчилъи» Л. И. Брежневасухъе кьола. Досги, киназего лъик1 кколедухъ, машгьураб кеч1 гьукъизеги бокьич1ого «ах1изе бегьула, ва амма ц1акъго г1емер гуро» ян резолюция лъола. 
Дида дунялалда лъаларо цойги кеч1, жиндие нусгоялдаса ц1ик1к1ун памятник лъун бугеб. Т1оцебе гьеб лъуна Северияб Осетия-Аланиялда, анкьго вас рагъулъ вахъараб Гадзахановазул х1урмат гьабун. Хадуб гьединалго памятникал раккана Бухты, Саратов, Кисловодск, Чирчик (Узбекистан) шагьаразда, Гъуниб. 
Расулил кункърабаз т1авап гьабуна т1олабго дунял сверун.

 

К1удияв шаг1ирасул поэзиялъул х1акъалъулъ г1емер хъвана ва жеги хъвазеги буго. Дие бокьун буго дирго берда бихьараб, ва амма г1емерисезда лъаларелъул, бицине.
 

1975 соналъ Буйнакск шагьаралда 8 балл къуватгун ракь багъариялъул х1асилалда, риххун рук1ана нус-нус рукъзал, халкъалъе ккун бук1ана к1удияб зарал.
 

Бищун цеве г1адин къварилъи ккаразухъе рещт1ана Расул Х1амзатов. Биххизабураб шагьаралде рач1ун рук1ана доб мехалъ РСФСРалъул министразул советалъул председатель Г. И. Вороновасдаса байбихьун республикаялъулги киналго нухмалъулел. Шагьар бахъинабизелъун КПССалъул горкомалъул т1оцевесев секретарьлъун т1амун вук1ана бергьун к1удияб махщалил нухмалъулев, нилъер районцояв Мах1ач Айтберович Бижанов.
 

Буйнакск ц1идасан балезул кьеразулъ бищун жигарав х1аракатчилъун вук1ана нилъер машгьурав шаг1ирги. Доб мехалъ дун вук1ана КПССалъул шагьаралъул комитеталъул членлъунги, горсоветалъул депутатлъунги. Гьединлъидал нижеда Мах1ач Айтберовичас бицун ц1акъго лъик1 лъалан гьабулеб бугебщинаб х1алт1ул. Бижанов Расулгун цадахъ СССРалъул промышленияб бак1ал раялъул министрасухъе индал, цин гьес «Гьалеха дир поэзия» ян т1ахьал сайгъат гьарулел рук1ун руго. Хадубго цун «гьале прозаги» ян Буйнакскалъе къвариг1анщинаб гьарарал кагъталги рук1унел рук1ун руго. Министрасги буюрухъ кьун бук1ун буго щибаб къойил жиндида Набережные Челныялда (Союзалъул аслияб стройка) х1алт1аби унел ругеб куцалъул бицун хадуб, Буйнакскиялда бугеб ах1вал-х1алалъул бицине. 
 

Цойги мисал. Дол соназ т1олго РСФСРалъе кьезе бихьизабун бук1ун буго щуго асфальтоукладчик. Расулил гьари нахъч1вазе к1веч1ого, гьезул цоябги Буйнакскиялде бач1ун буго. 
Расулил т1ахьалги къвалакь ккун щивав х1акимасухъе, иш кодосезухъе хьвадун руго Расулги Мах1ачги дол соназ ва кисанго шагьаралъе кумекги щун буго. Бач1араб стройматериал вагоназдаса гъоркье бахъизе г1адамазул кверал г1оларого бук1унаан г1унгут1и. Кидагог1адин доб мехалдаги камулароан, шагьаралъе ц1акъго г1емер г1арац биччалеб бугилан хъвадарулел рак1 хъубал г1арзачаг1и. 

 

Риххарал бак1ал, нухал ц1идасан къач1ан, хъил т1ун Буйнакск къач1ана 2,5-3 соналда жаниб. Бихьизабизе ккола, Расулие кутакалда бокьулаан Буйнакск шагьар, г1олохъанлъуда гьенив педучилищеялда ц1алун вук1иналъги, гьений гьесул эбел Хъандулай юкъун йик1иналъги.
 

Цойги Расулил хаслъи бук1ана киг1ан рак1ал къваридго г1адамал рук1аниги, гьезул рек1ел х1ал борхизаби, г1адамазе рохел бикьи. Гьев вугеб бак1алда кидаго бук1унаан аваданлъи. Нижеца гьев кидаго Атлы-буюнс перевалалде щвезег1ан нухда рег1улев вук1индал, дида гьеб г1емерго бихьана.
 

Гуржиязул шаг1ир Д. Гурамишвили гьавуралдаса 250 сон т1убаялъул х1урматалда Тифлисалда т1обит1улеб бук1ана халкъазул гьудуллъиялъул  ва адабияталъул к1удияб байрам. Гьениб к1алъазе раг1и кьедал, Расулица абуна:
 

-Хириял гьалмагъзаби! Изну кье нужеда баркизе нужер шаг1ир Давид Гурамишвили викъарал лек1и-лезгиназул ц1аралдасан. Залалда релъи бахъуна. Сих1ирго гьимизеги гьимун, Расулица хадубги бицуна:
 

-К1удияб тарихияб гъалат1 ккун буго нижер, гуржиязул бечедав помещик викъулевилан нижеца хъамун ватана машгьурав шаг1ир. Амма нижеца гьев асирлъуда ккуна г1иц1го к1иго соналъ ва хьихьун вук1ана мохмохалда, гьес нижин абуни асир гьаруна жиндирго куч1дуз.
 

Нуж мук1урлъизе ккела, шаг1ир викъиялъухъ прогрессивияб маг1на бук1иналъе. Гьедин гуребани гьев ккелароан Россиялде, г1умру гьабилароан Украинаялда ва нилъеда киданиги рихьилароан гьесул г1умруялъул хъвай-хъваг1аялги, машгьураб «Давитиани» т1ехьги. 
Цинги гьев вуссана гьанже жив к1алъанин гьаниб лъугьунелъул щибго лъаларев инсанасдеян Гурамишвилил  сураталде ва гьелдехун вуссун абуна: 

 

-Хирияв нижер гьудул Давид Гурамишвили! Мун хвана маг1илъ, тушманас дур хирияб Грузия квегъулеб мех. Дуда лъаларо дур квералъ хъвараб т1ехь дур Ват1аналде щварабищали, лъаларо кинаб машгьурлъи дур ц1аралде рещт1арабали, лъаларо нилъер халкъазул гьанже бугеб гьудуллъи… 
 

Зал гьалгъан г1енеккун бук1ана шаг1ирас абулелъухъ. Цинги Расулица жиндиего хасиятаб къаг1идаялъ махсароялде сверизабуна:
-Гьудулзаби! Дие ц1акъ вокьула Давид Гурамишвили. Амма гьесдасаги дие рек1ее г1ола гьаб залалда ругел гуржиязул берцинал ясал.
Нахъисеб къоялда Расул лъугьана киве щваниги лъугьунев вук1арав г1адин гуржиязеги хирияв ва вокьулев инсанлъун.

 

1972 соналда Тегераналдеги творческияб делегациялъул нухмалъулевлъун ун вук1ана Расул. Гьенив к1алъалаго гьес лъай-хъвай гьабуна сапарцадахъазулгун:
 

-Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи, Таджикистаналъул халкъияв шаг1ир, Ленинил ва Сталинил премиязул лауреат Мирзо-Турсун-заде, Башкиразул к1удияв шаг1ир, г1емерал литературиял премиязул лауреат, К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи. Верховный Советалъул депутат Мустай Карим…               
 

Ниж, ираналъулал ц1одорал чаг1и руго, дица цебехун бицаралдасан нужеда бич1ч1ун батилаха, гьадиг1ан къадруяб делегациялъул нухмалъулевлъун вит1арав дун, кинав чи ватилевали…
 

Дагъистаналъул г1елмабазул Академиялда Расул Х1амзатовасул гьит1инав вац, академик Х1ажи Х1амзатовасул юбилей к1одо гьабулаго, дова к1алъазе вахъарав г1олохъанав профессор Насир Дибировас жиндирго к1алъаялда абуна, Дагъистаналъул лъабго хазина, муг1рул, ралъад ва хут1арабго кинабго бугин, амма ункъабилеб хазиналъун жиндица Ц1адаса Х1амзатги гьесул васалги т1аде журалаанилан.
 

Дидаги рак1алде ккола гьеб гьедин бугилан. Ч1ахъаги Дагъистан машгьур гьабурал къадруял васалги гьезул ц1аралги!


Халилбег Ах1мадов, 1986-1991 соназ КПССалъул Советскияб райкомалъул т1оцевесев секретарь, Шамиль районалъул х1урматияв гражданин, Дагъистаналъул Халкъияв Бах1арчи.
 

Суратазда: Расулги Мах1ачги хундерил къадруял г1адамал.
Г1адамазда гьоркьоса, г1адамазда гьоркьов.    

Просмотров: 118 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz