Суббота, 21.12.2024, 19:00 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Декабрь » 14 » САЛМАНИЕ Ц1АЛУДАСА ВЕХЬЛЪИ БОКЬАНА.
17:27
САЛМАНИЕ Ц1АЛУДАСА ВЕХЬЛЪИ БОКЬАНА.

Бат1и-бат1иял ишазул х1албихьана  Мух1амадов Г1умарица. Х1алт1ана Хунзахъ АТПялда шоферлъун, гьабуна маг1ишат мебель бичунги живго бет1ергьанаб КАМАЗ машина х1алт1изабунги. Гьабсаг1аталъги гьев мебелалъул бизнесалда вуго. Гьай-гьай,  хур бекьиги, бокь бахъиги,  цадахъго г1и-боц1и хьихьиги теч1о гьес.

Гьал ахириял соназ Г1умарил аслияб маг1ишат г1и хьихьи буго. Ц1аниги малъун, Г1умарица хьихьун 500  г1агарараб бет1ер г1и-ц1аназул. Гьал къояз дагьа-макъалго  дагьлъунги руго гьел. 350 азарго гъурщиде куйдул  ричана гьес. Гьанже ричизе дуг1нулги руго.

Г1умарица г1иял ц1акъ къадру-къимат  гьабула. Рет1ине рет1елги квине квенги чахъдаца кьунин маг1аруласеян абула гьес. Бекьизе ракь дагьал маг1арулаз, г1иял гьан-х1анги квас-расги кьун, босана хинк1ги, рет1ел-хьитги. Лълъарги малъги гурого г1одобе рехизе кколеб жо  гьеч1ин чахъдадаян  умумузул аби г1емер такрар гьабула Г1умарица, г1иял бицунаго. Чахъу хьихьарав кваникъги, рат1ликъги хут1уларила.

Г1и-боц1и хьихьи пайдаяб гуребги баракатаб ишлъун  рик1к1унеб буго Г1умарица. Чанго  аварагас хьихьана г1и. Нилъер авараг (с.т.г1.в.) Мух1амадицаги  бусурбаби г1и хьихьиялде ах1ун ругила. Зах1мат баччун, г1азу-ц1ад, бух1и-ц1орой х1ехьон, мац1 лъалареб боц1уе гьабураб хъулухъалъухъ кириги к1удияб бук1инарищила.

Г1умарил буго 25-ялдаса ц1ик1к1араб хьваниги. Г1ули-чуял хьихьиги гьес рик1к1уна зах1мат дагьаб унеб, хьихьизе кколареб, бокьги вехьги  х1ажалъулареб, амма хайир к1удияб боц1илъун. Г1ули-чуялги ричизе рак1алда бугоан Г1умарида. 9-10 ч1ег1ерх1айваналъул бет1ергьабиги  руго гьеб хъизан.

Инсулго г1адин, гьит1инго бижана Г1умарил лъималазул, хасго гьит1инав вас Салманил г1ияде рокьи. Х1акъикъаталда вехьлъи гьабизе Салманица байбихьун буго 13 сон барав чияс. Салман вехьлъун лъугьиналъул  гьадин бицуна Г1умарица. Чахъу-хухалде рокьи Салманил ц1акъго гьит1инго бижана. Дица г1иял лъуг1изарурал соназги ч1еч1о  гьев  г1ел бащадал лъималазго г1адин хьихьизе 4-5 куй  гьеч1ого. 6 класс лъуг1арав вас, т1ок1алъ школалдеги инч1ого, г1иял хьихьиялда вана. Школалде х1ал гьабун гьев дицаги  хьвадизавич1о. Рух1г1ан бокьулеб вехьлъиги тезабун, рихараб ц1ала-къалиялде чи вит1изе бегьилищха. Гьеб мехалъ Салманица  цадахъ  г1и хьихьизе хьвадулел лъималазул 22 чахъу бичун босун батана, дагьалниги хьихьизе хьвадулеб мехалъ, г1емерал щайин хьихьулареланги абун. Кват1ич1ого ч1ег1ербоц1ухъ К1ахъаги росана г1иялъажал. Г1иял г1емерал  г1адамазде Салманил бахиллъи лъалел нижги  разилъана гьесул дармида. Х1асил Салманица г1езабуна ниж гьанже бет1ергьанаб г1и.

Гьале 8 соналъ хьихьулеб буго Салманица г1иял. Риидал Салманица жинцаго т1убала г1и. Хасало, ихдал к1алц1и-хер кьолел, г1и къинлъулел моц1аз Салмание т1олабго хъизамалъго кумекги гьабула. Риидалги Салман хисун г1ияде уна к1удияв вацги эменги.

Салмание бокьич1о диргун гара-ч1вари гьабизе росда цебе бугеб магъилъе бакъанида г1и бач1индал, гьесие расги бокьич1ого, бахъана дица гьаб суратги.

 

Цогидал буц1улдерил  г1ияхъабазго г1адин, Салманицаги г1и  хасалоги, риидалги маг1арухъ буц1улдерил ракьалдаго хьихьулеб буго. Харил къварилъи гьеч1о. Г1иц1го к1алц1и бичун босизе кколеб буго. Босулеб буго 10-12 тонна к1алц1ул.

Пачалихъалдасан кинаб бук1аниги кумек щоларила. Х1акъикъиял г1иял ругезе гьеб щоларила, к1алт1е бурут1 бахинч1ел гьереси  фермераз босулила «г1иял г1езаруралъухъ» г1арац.

Хурухъанлъи заралияб ишалде сверулеб бугила техника хиралъиялъ. Дагьа-дагьабниги пайда бугебани, картошка бекьи буц1улдерица рехун  телароанила. Дагь-дагьккун хурзал рекьулел г1емерлъулел руго Буц1ра. Гьеб лъик1 буго. Г1и-боц1и г1езаби пайдаяблъун лъугьунеб буго . Хур-хер бекьи хадубккунги жакъаго г1адин хираго бугони, щаклъи гьеч1ого гьеб пайда кьолареб ишалдаса  г1и-боц1и хьихьиялде руссине руго.

Просмотров: 847 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz