Нилъер ракьцояв олигарх,
машгьурав меценат Шотот1а росулъа Зиявудин Мух1амадовас жиндирго
г1арцулал сурсаталги риччан, Дагъистаналъул журналистаз г1уц1араб фонд ккола
«Чистое сердце» абураб, киназдаго раг1араб г1уц1и.
К1удияб Бергьенлъиялъул
къоялъул х1урматалда
Дагъистаналда ругелщинал
ветераназухъе щвана гьал къоязда фондалъул волонтерал кванил ниг1матаздасан г1уц1арал сайгъаталгун.
Гьоркьор теч1о фондалъ нилъер районалдаса рагъул г1ахьалчаг1иги.
«Единая Россия»
партиязул «Молодая гвардия» къокъаялъул нухмалъулев, нилъер районцояв
Мух1амад Хат1ипов щвана
райцентралда ва т1алъиялда ругел
цо-цо ветераназухъе. Баркана гьезда байрамкъо, гьарана щулияб сахлъиялда жеги халатал соназ гьел ракьалда
хут1изе. Фондалъул ц1аралдасан хъварал берцинал баркиялъулал
раг1аби т1ад хъварал открыткабазда цадахъго Мух1амадица кьуна щивав гьоболлъухъ щварасухъе сайгъатал жанир лъураб пакетги. Рокъо-рокъоре инее санаг1алъи
ккеч1ел ветераназе кьезе сайгъатал тана районалъул г1олилазул
комитеталдаги.
Жидерго гьабураб адаб-х1урматалъухъ баркала-кири кьолел
рук1ана рагъул г1ахьалчаг1и гьел
сахаватал ракьцоязе.
|