Г1иса аварагасул (г1. с) ц1аралда балеб рух1иябгун лъай кьеялъул комплексалда гьабулеб х1алт1улъ жигараб г1ахьаллъи гьабулеб буго Хунзахъ районалъги. Х1акъикъаталдаги кумек къвариг1араб х1ал буго гьениб. Гъоркьисала районалъул щибаб росдал жамаг1атаз гьениб т1обит1ана субботникал, гьел т1орит1изе руго исанаги. Районалъ 10 миллионалдаса ц1ик1к1араб г1арацги бак1арун т1аде босана 70 г1ан бетоналъул колонна (щибалъул багьа – 150 000 гъурущ). Цо-цо росабазул жамаг1атаз ва школазул выпусказ г1арацги бак1арун ч1ана жидерго ц1арулал гъут1би рух1ияб централда бугеб «Халкъияб аллеялда». Мажгиталъул проекталъул г1ат1илъи ккола 30000 квадратияб метр. Бук1ине буго хирияв Мух1аммад аварагасул (с. т. г1. в) асарал жанир ц1унулеб рукъги. Мажгиталда жанибе лъезе буго кинабниги 23 рагьу. Жанире-къват1ире хьвадулелъул г1адамазе х1алкъай бук1унареб къаг1идаги х1исабалде босун буго архитектораз. Какичурулел рукъзал гьаризе раг1ула ракьулъ жанир. Мажгиталъул бук1ине буго 47 метр борхалъи бугел 6 мих1мар ва 3 купол. Г1аммаб къаг1идаялда мажгиталда жанив гьинехъин вуго 20000 чи. Гьенибго х1адурулеб буго 5000 машина лъезе бак1ги. Аск1обго балеб буго муфтияталъе ц1ияб минаги, бук1инеб буго Дагъистаналда Исламалъул тарихалъул музей, фонтанал, гостиница, велосипедазул ва роликазул нухал. Т1адехун рехсараб «Халкъияб аллея» абун ц1арги лъун, бат1и-бат1ияб гъвет1-хералъ ва цогидабги г1урччинлъиялъ берцин гьабун къач1алеб буго мажгиталде рач1унеб нух. Централъе бихьизабураб ракьалъул 80% кквезе буго паркалъулаб зонаялъ.
Гьал къоязда центр балеб бак1алде районалъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевгун цадахъ сапар бухьана районалъул бет1ерасда цебе г1уц1араб г1олилазул Советалъ. Гьез г1арацги бак1арун ч1ана 25000 гъурщил багьаяб ц1арулаб гъвет1, Гьоц1алъа ва Гьамищт1аса росана лъабго к1удиял ва берцинал ганч1алги. Гьенирго дандч1вана Дагъистаналъул муфтий Ах1мадх1ажи Г1абдулаевгунги.
|