Четверг, 28.03.2024, 15:53 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Сентябрь » 6 » РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧАГ1АЗУЛ Х1АЛУЦАРАЛ КЪОЯЛ.
14:08
РОСДАЛ ЗАХ1МАТЧАГ1АЗУЛ Х1АЛУЦАРАЛ КЪОЯЛ.

Районалда т1адбан унеб буго бач1ин бак1ариялъул ва раг1и-хер х1адуриялъул х1алт1аби. Гьединго т1аде щолеб буго гъутабазде г1и гочинабулеб заманги. Гьеб киналъулго ц1ехон ниж дандч1вана райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул специалисталгун. Гьезул раг1абазда рекъон, гъоркьисалаялде данде ккун исана к1иц1ул ц1ик1к1ун гьабун бук1ана хаслихъе рекьи, гьелъул х1асилалда к1иго нухалъ ц1ик1к1ана бач1инги. Гьедин районалъул киналго категориязул маг1ишатаз г1аммаб къаг1идаялъ хаслихъе рекьи гьабун бук1ун буго 1700 гектаралда. Г1аммаб бач1ин бахун буго 3100 тоннаялде. Аслияб къаг1идаялъ хаслихъе рекьи гьабун буго Хизроевасул Бекьеч1дерил, Ленинил, Энгельсил, «Баг1арав партизан», «Гьамишт1а», «Лъаг1илухъ», «Г1орут1а», «Мущули» ва «Гьац1алухъ» маг1ишатаз. Гьездасан бищун лъик1аб бач1ин буго бекьеч1дерил маг1ишаталъул, гьез бак1арун буго 350 т. Гьелдасан 130 т. бичизеги т1ок1лъун буго маг1ишаталъул, 70 т. буссинабун буго рекьулел хьоназде. Нилъерго районалъул маг1ишатазе дагьаб учузго бичизе бугиланги бицана. Бач1ин бак1арун бахъингун байбихьана 2020-21 соназда рекьи гьабиялъе хурзал регун, къач1ан х1адуризеги,. Гьабсаг1атги гьеб х1алт1и унеб буго. Киналго маг1ишатазда х1адурун ругила рекьизе хьонал, ГСМ ва цогидабги х1ажатаб техника. Гьединго х1адурун руго 6 комбайнги.

650 гектаралда районалъул маг1ишатаз бекьун буго пиринч1ги. Гьелъул бач1ин бак1арула октябрь моц1алда. Дагьаб цебег1ан гъутабазде гьабураб сапаралда кинабго пиринч1 бекьараб хурзабахъеги щванин ва лъик1 бижун бач1инеб бугилан бицана специалистаз.

Гьединго т1адбан унел руго хасалоялде хъач1аб раг1и-хер х1адур гьабиялъул х1алт1абиги. Жакъа къоялде районалъул киналго г1аммал маг1ишатаз х1адур гьабун буго 40000 т хъач1аб раг1и-хералъул ва 700 т соломадул. Гьелде т1адеги пиринч1 бак1аридал, гьелъул соломаги бук1унилан абуна. Гьеб рахъалъги бищун цере руго Бекьеч1дерил «Баг1арав партизан», Энгельсил, «Лъаг1илухъ» ва «Г1орут1а» маг1ишатал. Бекьеч1дерил СПКялъ г1иц1го бичулеб буго 300 т хъач1аб раг1и-хералъул. Районалъул росдал маг1ишаталъул заг1ипал рахъазда гьоркьоб рехсезе бегьула Силос х1адуриялъул суал. Гьеб гьезего гьеч1о нилъер. Силос х1адурулеб гьеч1олъиялдалъун дагьлъулеб буго г1ачиязул рахьдал рихьизариялги.

Кват1ич1ого, моц1идасан байбихьула г1и муг1руздаса г1ат1иракьазде гочинабиялъул тадбир. Гьелдеги х1адурлъи унеб буго. Гьабсаг1аталда киналго маг1ишатазда къач1алел руго г1ияца хасел т1амулел объектал ва гьенибе баччулеб буго х1адурараб раг1и-хер. Т1анусдерил «Машгьурал г1адамал» СПКялда бан лъуг1ана 1200 бет1ер г1иял жанир х1ебт1улеб ц1ияб бокь. Капиталияб ремонт унеб буго бекьеч1дерил гъутаналда бугеб МТФалда. Исана ракъдаллъиялъул х1асилалда мег1ер-г1алахазда г1ураб хер гьеч1олъиялъ цо-цо маг1ишатаз гьанжего байбихьун буго хухал гъутабазде гочинаризе.

Районалда буго тайпадулаб г1и г1езабулеб 13 маг1ишат. Гьел киназдаго ралел руго хьон биччаялъул пунктал. Тайпадулаб г1и г1езабулел маг1ишатазе пачалихъалъул рахъалдасан бук1уна лъик1аб кумек, щола субсидиял ва дотациял. Мисалалъе, щибаб тайпадулаб г1иялъажо рик1к1ун пачалихъалъ лъаг1алие кьола 1450 гъурущ. Г1аммаб къаг1идаялъ районалда буго 50000 бет1ер тайпадулаб г1иял. Гьединго районалъул тайпадулаб г1и г1езабулеб цо маг1ишат буго Калмыкиялдаги. Гьениб г1езабула эдильбаевская тайпадулаб г1и.

Цоги районалъул росдал маг1ишаталда дандч1валеб бугеб зах1малъи ккола санайил г1и-боц1ул къадар ц1ик1к1унеб бук1иналда бан, гьезие мег1ер-г1алах, гъутаби, ай муч1дул г1олел гьеч1олъи.

Исана г1иги гъутабазде гочун бахъараб, цогидал х1алт1абиги лъуг1араб мехалда т1ибит1изе буго росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъанасул къо. Гьениб х1асилал гьаризе руго киналго маг1ишатазул х1алт1ул ва лъик1ал х1асилал ккаразе райадминистрациялъул рахъалдасан рихьизарун руго премиял, сайгъатал ва цогидалги шапакъатал. Районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевасул т1адкъаялда рекъон гьабсаг1аталда росдал маг1ишаталъул отделалъ халгьабулеб буго киналго маг1ишатазул х1алт1ухъ, т1адехун рехсараб къоялде гьезул ккарал х1асилал данде росизе рук1ине.

Гьединго исана киналго маг1ишатаз гъутабаздаги маг1арухъги т1орит1изе руго жидер бугеб ах1вал-х1алалъулги ккарал х1асилазулги бицине бугел х1исаб кьеялъулал данделъаби. Нужерго росдал СПКялъул х1алт1удаса рази ратич1они, ялъуни цогидаб бич1ч1улареб, лъалареб жо ц1ехезе ине бегьула районалъул росдал маг1ишаталъул отделалде.

И. Мух1амадов

Просмотров: 3195 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz