Суббота, 27.04.2024, 02:49 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2020 » Март » 26 » РОСАБАЛЪЕ САПАР
21:25
РОСАБАЛЪЕ САПАР

Гьаб анкьалда байбихьуда районалъул бет1ер щвана Гьац1алухъ росулъе. Т1оцебе райадминистрациялъул жавабиял х1алт1ухъабигун сапар бухьана росдал школалде, хал гьабуна кинан гьениб х1алт1и г1уц1ун бугебали, кинаб х1адурлъи школалъул бугеб К1удияб Ват1анияб рагъда советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса 75 сон т1убаялде, кинаб х1алт1и школалда гьабулеб бугеб г1ун бач1унеб г1елалъе.

Ват1ан бокьиялъулаб тарбия кьеялда хурхун гьабулеб х1алт1и. Хал гьабуна ремонт гьабун ц1идасан къач1араб лъималазул ахалъухъ.

Хадуб щвана, культураялъул к1алг1аялде. Гьенибго т1обит1ана росдал бегавул Муртазаг1али Х1ажимух1амадовасул араб соналда гьабураб х1алт1ул ва бач1унеб соналда гьаризе ругел х1алт1абазул бицунеб х1исабкьей.

Росулъ г1умру гьабун буго 517 чияс. Буго гьениб районалъул церет1урал школазда гьоркьоб рехсолеб школа, лъималазул ах, фельдшерлъиялъулгин акушерлъиялъул пункт, спортзал, культураялъул рукъ, масжид, ц1ияб мадраса.

Муртазаг1али Г1усмановичас г1езег1ан х1алт1аби гьарун руго гьелгощинал росдал г1адамазеги, рехсарал х1алт1ул г1уц1абазеги жиндасан бач1араб кумек гьабиялъе. Ц1акъго зах1матаб суаллъун росулъ буго хасалил заманалда лъим ч1езаби, басралъун руго анц1-анц1 соназ цебе Ч1ондокь росулъан лъим бачарал турбаби, цо бак1алдасан къач1ани, цойги бак1алдасан рихъун рач1уна. Кин бугониги, хварал турбаби хисун, к1удияб зах1маталъул х1асилалда, росулъ г1адамазе ва боц1уе лъим ч1езабуна. Зах1матаб суаллъун бук1ана росулъ ругел ва росулъе рач1унел нухал къач1ай. Нилъерго ракьцояв Дагъавтодоралъул начальниклъун вук1арав Загьид Хочбаровасул кумекалдалъун к1удияб техника х1алт1изабизе рес рекъеялъ ц1ияб нух гьабизе к1вана. 142 азарго гъурщил багьаяб кьо бана, буго жеги къач1азе бугебги. Росулъ ругел нухазде чабах бана. Амма х1ажат буго ц1ад бараб мехалда гьел чурун инч1ого рук1ине, нухлул хьибилалдасан лъим ине рахъал рахъизе.

Росулъ хисана электрикалъул ток жанибе бач1унеб 26 х1уби. Гьенибго бугеб 4 трансформаторалдасан 3-лъе, автоматал лъун, оборудование хисун гьабуна ремонт.

Налогал кьеялъул рахъалъ росдада бук1араб налъи бец1ана. Т1абиг1ат ц1илъараб, киса-кибего хинлъи бач1араб мехалда росдал хабзал рац1ц1ад гьарула, т1орит1ула субботникал, гьадинго росулъги магъакь-к1ачар, рищни-къул бараб бак1азул гох1ал гьеч1о.

Г1адамазул рах1ат хвезабун бугоан росдал культураялъул рокъоб гьеч1еб хинлъиялъ, гьеб басралъун, гьанже гурого гьанже биххун унеб х1алалда бук1иналъ, киназулго анищлъун буго росулъе т1абиг1ияб газ бачин, г1и-боц1ул г1ухьби рук1аниги, чуял-хьванабазул гьеч1олъиялъ, росулъ гьел г1емерлъун рук1ин, росулъ рукъзал гьаризе бак1ал кьолел гьеч1олъи.

СПКялъул нухмалъулев Мух1амад Абусупьян Мух1амадзагьидовичасги х1исаб кьуна росдал жамаг1аталда цебе. Гьесул рах1ат хвезабун бугоан СПКялда х1алт1изе г1олохъанаб г1ел щолеб гьеч1олъиялъ, трактористал, бригадирал щунгут1иялъ.

Колхоз – гьеб ккола, ян абуна гьес, – г1емерал хважаинзаби ругеб бак1. Живго х1акъикье ккеч1ого вук1ине лъаг1алие 1 миллион гъурущ кьелила жинца росдал х1ажалъабазе, колхозалъул г1иял жиндихъе арендаялъе кьуни. Лъаларила гьез жиндие гьебгощинаб хайир кьелищ кьеларищалиги. Кин бугониги, жинца кьураб раг1и т1убазабилилан.

Г1обода

11 марталда х1исаб кьуна г1абадерил бегавул Сидикъ Мух1амадовас. Гьесул отчеталдасанги бихьулеб бук1ана Сидикъица росулъ г1езег1ан х1алт1и гьабун бук1ин. Баччун буго росдал нухазде чабах, гьеб росдал администрациялде гьоркьобе унеб Гозолоколо росулъ лъун буго трансформатор, цогидал администрациялде гьоркьобе унел росабалъги трансформаторал ц1ик1к1инарун, гьел къач1ан, бух1араб токалъухъ г1арац дагь унел – светодиодныял чирахъал росун, росу ток гьеч1ого тун гьеч1о.

Гьеч1ого хут1араб мехалдаги иш рекъезабизе лъалев электрик восун, росаби – Ильичил чирахъаз гвангъизабуна, росулъе бачана газ.

Хадубккунги гьаризе ругел х1алт1абазда гъорлъ Сидикъ Мух1амадовас рехсана Гозолоколо росулъ чабах бараб бак1алдасан, ц1адал рараб мехалда лъим ине рахъал рахъи, т1адеги нухазде чабах баччи, Г1обода росулъ ц1ияб школа бай, росдал клуб хинлъизабизе ресал рати ва гьелда т1ад ремонталъулал х1алт1аби гьари.

К1алъазе вахъарав Ленинил ц1аралда бугеб СПКялъул нухмалъулев Расулов Х1усеницаги х1исаб кьуна жамаг1аталда цебе. Гьесда к1ун буго араб соналда данде ккун г1и-боц1ул къадар ц1ик1к1инабизе, г1ачияздаса бахъулеб рахь 918 литраялдаса 1130 литраялде бахинабизе. 70 гектар хъархъиде сверун бук1араб ракьалъулги къач1ан бекьизе к1вана 120 гектаралда пиринч1. Рак1алда буго т1адеги гьединалго х1алт1аби гьаризе. Гьабураб х1алт1ул х1асилалда, гьеб маг1ишаталъе щун буго пачалихъалдасан 12 миллион гъурущ г1арац. Гьеб ккола къокъаб заманалда Х1усеница к1удияб зах1мат бихьун гьабураб рахъи ц1ик1к1араб х1алт1илъун. Х1усеница СПКалъул рахъалдасан росдал бокьарал х1ажалъабазе х1алт1изабизе бегавуласухъе кьуна 300 азарго гъурущ г1арацги.

Администрациялъул жавабиял х1алт1ухъабазул къокъа щвана росдал школалдеги. Гьениб гьабураб хал гьабиялъул х1асилалда киназего ц1акъго интересаблъун бук1ана Г1обода гьоркьохъеб школалъул педагогаз Лъай кьеялъул гуманитарияб ва тарихазул профилалъул «Точка Роста» централде гьабураб экскурсия. Гьениб нижеда ц1алдохъабаз бихьизабуна центр х1алт1изе лъугьаралдаса жидедаго лъарабщинаб ц1ияб, лъик1аб пайда ц1ик1к1араб х1алт1и.

Бакьагьеч1и

Гьебго къоялъ х1исаб кьуна Бакьагьеч1и росдал бегавуласги. Гьениб аслияб къаг1идаялда бегавулас к1вар буссинабуна росулъ лъим ч1езабиялде. Чанго соналъ цебе росулъе лъим бачун лъурал басриял трубабиги рихъун лъим къват1ибе к1анц1ун ц1оролел иццалги, г1адамазул г1арзалги т1убараб соналъго х1ехьезе ккун руго Артурица. Г1езаг1ан бак1алдасан хисун руго турбаби, цо-цо бак1азда ран руго латкаби. Руго росулъ чабах баччарал бак1алги. Т1адеги баччизе буго чабах, ч1езе руго росулъа К1удияб Ват1анияб рагъде ун т1ад руссинч1ел ва руссун хваразул х1урматалда гъут1би, гьабизе буго парк ва т1адеги г1емерал к1вар бугел х1алт1аби.

Росдал СПКялъул нухмалъулев Баринов Будуницаги х1исаб кьуна росдал жамаг1аталда цебе.

Лъаг1елг1ан заманалда жаниб, гьес бицухъе, г1унк1к1ал жаниб расандараб сейфал рук1араб, рагъда хадусел соназ г1адин ханжу жаниб бук1инч1еб, г1и-боц1ул къадар ц1акъго г1одобег1ан ккараб маг1ишаталда, гьабураб свак лъалареб х1алт1ул х1асилалда Б. Бариновасда к1вана маг1ишаталде жанибе бач1инабизе 700 миллионгун 200 азарго гъурущ г1арцул.

Арендаялъе маг1ишаталъ кьун бук1араб г1и кинабго нахъе босана ва киналго контролалда лъуна.

Нусго гектаралда бекьана люцерна, росана хаслихълъиялъул культурабазул элитаялъулал сортал. 300 гектаралда гьабизе буго рекьи гьел хьоназулги. Босана комбайн, бач1ин бак1арулеб трактор. Щибаб моц1алъ х1алт1ухъабазе кьолеб буго мухь-харж. Маг1ишаталда гьабулеб бук1инч1о делопроизводство. Гьабсаг1аталда «Меркурий» системаялда лъун буго г1и-боц1и. Гъамбулаталда бугеб гъутаналде бач1инабуна лъим. Ракьал х1алт1изарулел руго мурадалде щолеб къаг1идаялда.

Буц1ра

12 марталъ х1исаб кьуна Буц1ра росдал бегавуласги. Росулъ буго 576 маг1ишат, 1750 чи, 1200 ч1ег1ерх1айван, 3 азарго г1и, 300 чу-хьвани. Росулъ буго 2 школа, 2 лъималазул ах, 1 библиотека, 100 километралъул манзилалъул нухал.

Росулъ аслияб къаг1идаялда к1вар кьолеб буго нухал къач1аялде. Амма нухал ччук1ун рач1унел рук1иналда бан гьелъул кколеб х1асил дагьаб гурого гьеч1о.

Г1адамаз рорхулел рук1ана суалал росулъ ракулел гьеч1ел чирахъазул, бак1арулареб мусоралъул, арендаялъе кьолел гьеч1ел ракьазул. Рорхана гьел гурел цогидалги суалалги.

 

Г1урк1ач1и

Гьебго къоялъ бук1ана Г1урк1ач1и росдал бегавул Г1абдулмажидов Мух1амад Камиловичасул х1алт1ул х1исаб кьейги. Гьесул х1исаб кьеялдасан бихьулеб бук1ана нухазде чабах баччи г1адал, иццазде лъим бач1инаби г1адал х1алт1аби гьес гьарун рук1ин. Гьарун бажарич1ого хут1арал х1алт1абиги дагьал гьеч1олъи. Гьезда гьоркьор руго г1адамазе рукъзал гьаризе бак1ал кьей, налогал рак1ари г1адал ва цогидалги суалал. Г1адамазул разилъиялдалъун церехун рехсарал росабазул х1алт1иги бук1ине бегьулеблъун рик1к1ана.

Ахиралда к1алъазе вахъарав райадминистрациялъул нухмалъулев Нурмух1амад Задиевас росабазул жамаг1атазда бич1ч1изабуна киса-кибго налогал рак1ариялда сверухъ бугеб разилъи гьеч1олъи мекъаб бук1ин, щаян абуни, налогал рак1арун щвараб г1арац кинабго росдал х1ажалъабазе бач1унеблъи, нухалги къач1азе, лъимги бук1инабизе ва цогидал х1алт1абиги гьаризе ккани налог кьч1ого бегьулареблъи.

Гьединго рукъзал разе ракь кьеч1олъиялъул г1айиб бегавулзабазда гьеч1еблъи, щайгурелъул х1адур гьарулел рук1ана районалъулго росабазул генералиял планал. Гьал г1агарал къоязда гьел лъуг1изе руго ва г1адамазе рукъзал разе ракьалги кьезе руго.

Н. Г1алиева.   

Просмотров: 346 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz