Нилъер районалда г1емерго руго рижараб росу-ракьалъе
жидедасан бач1араб кумек гьабулел
сахаватал г1адамал.
Районалъул музеялъул
директорлъун х1алт1улаго, дида г1емерго
дандч1вана Дагъистан тун къват1ирехун
рук1аниги, рак1алъ районгун ругел,
гьелъул тарихги лъик1алщинал г1адаталги
рокьулел ва лъалел ракьцоял.
Вижараб ракьалъул унго-унгояв патриот, ях1-намус, лъай
ц1ик1к1арав инсан вук1ана жиндир мунагьал чураяв, Хунзахъ росулъа разведчик
Х1ажиев Г1абдулхаликъ. Дие к1удияб талих1 ккана гьесул лъимал- инсулго г1адаб
г1амал-хасияталъул унго-унгоял маг1арулалгун лъай-хъвай ккеялдалъун. Хасало
ват1аналде рач1индал, Х1ажимурадица
ва Х1амзатица раг1и кьун бук1ана
районалъул музеялъе компьютергун принтер сайгъат гьабизе. Кьураб раг1ухъ лъабго соналдасаги ц1ик1к1ун заманалъ
балагьун ч1езе кколеб заман бугониги,
гьел сахаватал районцояз жидецаго абураб т1убана ва музеялъе к1удияб кумек
ккана гьез бач1араб ноутбукалъул ва
кьерал ругеб принтералъул.
Газета гьоркьоб ккун дие рак1-рак1алъулаб баркала кьезе
бокьун буго вацал Х1ажиевазе. Биччанте нужер г1умруялда рохел ц1ик1к1ине, нижее
гьабураб кумекги азариде бахинабун
Бет1ергьанас т1адбуссинабизе.
Рохула ва ч1ух1ула нуж г1адал районцояздаса.
Хунзахъ районалъул
музеялъул
Директор Шамил
Г1алиев
|