Гьал къоязда райадминистрациялда тlобитlана нилъер районалдаса регбисткабазулгун дандчlвай. Гьелъие гlиллалъун ккана гьез лъикlал хlасилал рихьизарулел рукlин. Гьедин Гlахьалчlиса Патlимат Мухlамадова ккола руччабазул тlаса бищараб командаялъул аслияй игрок, Россиялъул чемпионка ва улкаялъул кубокалъул меседил медалистка. Гьединго Патlимат ккола нилъер районалдаса цого цо йигей регбиялъул рахъал спорталъул мастерги. Дандчlваялда гlахьаллъи гьабуна Россиялъул гlолилазул первенствоялъул лъабабилей призер Жамилат Хlосеновалъги. Россиялъул тlаса бищараб командаялда гъорлъ гьелъ гlахьаллъи гьабизе буго кватlичlого тlобитlизе бугеб регбиялъул рахъалъ Европаялъул первенствоялда. Спортсменкабазда цадахъ районалъул нухмалъигун дандчlвазе рачlун рукlана Дагъистаналъул регбиялъул федерациялъул президент ва республикаялъул аслияв тренер Мухlамад Хlажимухlамадов ва ДРялъул спорталъул хlаязулал тайпабазул школалъул регбиялъул рахъалъ кlудияв тренер Давуд Мухlамадовги.
Данделъиялда гlодобе биччараб ахlвал-хlалалда бицана спорт цебетlеялъе гьабулеб бугеб хlалтlул, дандчlвалел ругел захlмалъабазул ва церечlарал масъалабазул. Ахиралда гьезие кьуна шапакъаталги.
И. Мухlамадов
|