Воскресенье, 05.05.2024, 12:51 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Ноябрь » 30 » «РАКЬУЛ ПРИХВАТИЗАЦИЯ БОКЬУЛЕБ ГЬЕЧ1О БУЦ1УЛДЕРИЕ» АБУРАБ МАКЪАЛАЯЛДАСАН ЦО – ПИКРАБИ.
17:02
«РАКЬУЛ ПРИХВАТИЗАЦИЯ БОКЬУЛЕБ ГЬЕЧ1О БУЦ1УЛДЕРИЕ» АБУРАБ МАКЪАЛАЯЛДАСАН ЦО – ПИКРАБИ.

Хириял район цоял ва буц1улдерил жамаг1ат! Дица ц1алана 16 леб ноябрялъ «Росдал зах1матчи» газеталда къват1ибе бач1араб «ракьул прихватизация бокьулеб гьеч1о буц1улдерие» абураб макъала. Бич1ч1ана щивасул пикру-мурад. Дун ккола Харахьи росулъа, культураялъул рукъалъул директор П. Мух1амадова. Росдал г1адамалгун г1емер дандч1валелъул, гьезул г1олел-г1оларел рахъал къварилъи-г1ат1илъи нижеда  г1емер лъик1 лъала. Гьанжеялдаса 15-20 соналъ цебе нужерго г1адаб суал борхана херехьдерил жамаг1аталъги. Ракьал бет1ергьабазухъейищ кьелеб яги бук1ухъе совхозалъул яги советалъул бербалагьиялдайищ телебилан абураб суалгун. Г1емерал данделъаби, сессиял, заседаниял ах1ана, собраниял т1орит1ана. Гьеб щибалъулъги ниж депутаталги  г1ахьаллъулаан. К1олеб бук1инч1о цо ккураб х1укмуялде рач1ине. Г1емерисезе бокьун бук1ана ракь бук1ухъе тезе бича-хиси гьабич1ого ва бет1ергьанлъуде рач1инч1ого. Щайгурелъул  лъалеб бук1ана 70 соналъ цоцахъ бараб  ракьалъул г1орхъи-рахъги лъазе  к1олареблъи, гьеб лъалел  умумулги нилъер  цереса араблъи. Г1агарлъиялда гьоркьоб к1алъай кколеб, вацал-яцал цоцаздаса т1олеб, кьал г1емераб суал гьеб бук1ин лъалеб бук1ана цо-цо ц1одорал г1адамазда. Щибха ккараб ахирги? Жидер ракьал ц1ик1к1арал рук1анин абулел цо 5-6 чияс гъоркье рехана росу. Ракьал, ах1т1олел г1адамалги тун, бет1ергьанлъуде кьуна. «Бергьарав къавуда, къурал г1ияда»- ян абун буго. Гьезул рук1ун руго г1агардег1ан ругел бищунго лъик1ал хурзалги харибак1алги. Жидеда бак1ал лъаларин абулел чаг1азе рик1к1а-рик1к1ада можралги рехун кьезе лъугьана  хут1арал ракьал. Цо-к1иго соналдаса  гьезухъаги г1емерисез жидер бак1 бугилан  х1алаллъи теч1ого, байбихьана  даг1баялдалъун ракьал нахъе росизе.

Мунагьал чураяй к1удияй эбелалъ цадахъ хурие ячунаго дида бихьизабулаан хурзал, харибак1ал. Гьел гьеч1ев чи Шамилил наиб  вук1ун ватилищха?  Доб заманаялъ бекьич1еб хурги бук1унароан, гьит1инаб Чачанилан абулаан нижер росдада, кутакалда хурзал-ахазул бач1ин ц1ик1к1араб бак1 бук1иналъ. Гьанже ч1ах1иялги херлъана, хвана, ана, дол хъант1ун росарал хурзалги  хурдулги зазиде руссине лъугьана. Цо-цояз байбихьина ракь бичизе. Гьебги телин, чан чи ракьал сабаблъун рагъарал?! Абула цебего  хурзал, харибак1ал хъвараб т1ехь бугилан, щайха гьеб т1ехьги цебе босунг1аги рак1 бац1алъиялда гьеб гьабич1еб? Кирха ругел дол г1емерал рук1арал нижер ракьалги, рецулел бак1алги гьел  гьаваялде х1охьел лъугьунищ арал! Гьелъул г1инт1амулев чи вук1инч1о, щай гурелъул  гьеб т1алаб  гьабулел чаг1азул мурад т1убайдал. Бежа-белъун борохь рак1алде щвагиян ах1улеб бук1ана даг1баялде кканщиназ. Гьебги телин. Гьенже къвариг1ана рукъалде васал руссинаризе мина базе ракьал. Рач1ине лъугьана г1арзаби. Киса советалъ ракь кьелеб, г1адамазул бет1ергьанлъуде кьун бугеб? Санаг1алъи бугеб бак1алда ракь бичун яги жидерго хур бугелъуб байбихьана минаби разе,  рес щиб, лъимал рукъалде  руссинаризе  кколелъул. Гьамишт1а раг1алде раккарабго Къвек1ада гъоркь бугеб гъут1буз буччарал хурзал бадире к1анц1ун рач1унаан. Балагьеха чан гъвет1 хут1ун бегебали. Къот1илаандай цониги  гъвет1  гьеб колхоз-совхозалъул  бет1ергьанлъуда бук1арабани гьеле нужее Буц1ул цойги х1асил.

Цебе совет х1укуматалъул заманалда т1ад т1илги лъун кьун рук1арал планал т1ад къоги бихьун 15-20 соналъ х1алицаго хъач1алъалабалъ бараб. Цо-цо мина рик1к1ун, 5-6явниги вач1унаан жидер бак1 бугилан  даг1ба-раг1и гьабизе, гьелъул  бак1алда жидее я г1арац яги хур кьеян. Гьединав чиясе киса хурзал  кьелел  г1адамаз, жидерго хурзалцин  кодоре щвеч1ел? Цо-цо  ц1акъго х1акъикьа  х1инкъараз жидерго бекьулеб хур яги г1арац кьезе ккана х1арам гьабилин ах1долел чаг1азе, гьебищха рит1ухълъи?  Гьеле нужее,  буц1ул, цойгиги мисал дицани абилаан, жакъа нижее ккарабги бихьун,  ракь бук1ухъе теян. Дир г1олохъанлъи херлъизег1ан гьаб базаралда гъорлъ  ана, чиярги диргоги. Гьедин гьабун  хадуб школа, мед пункт, ясли-ах, клуб – кинабго банщинаб жидер бугилан  к1анц1олелги камуларо гьебищ лик1 бугеб? Нужерго  кьураб хурги бекье, кьураб бак1алда минабиги рай, ракълида рук1а, гьаб дунял  г1емер мехалъ бук1унеб жо гуро. Анц1ул борце, цин къот1еян абула.  Лъан хурзал лъицаниги росич1о. Абула кьолеб садакъацин  бащад гьабизе кколин, к1иго ч1ужу ячарав чияс к1ияйго бащад хьихьизе кколин, х1акъ бук1унилан. Гьедин гьабич1они, гьабгунщинаб балагьалде  г1адамал рехаразе бук1унаребищ гъоб х1акъ? Жакъа  къоялдецин гьеб даг1баги лъуг1улеб  гьеч1о, гьелъухъ г1ин т1амулев чиги щивха вук1инев.  Гьале нужее къокъабго ч1агояб мисал.

Гьаб кеч1ги дица росдада рак1 унтиялъ хъвараб бук1ана.

 

Кибе мун т1аг1араб?

Ц1игьабун г1уц1идал гьаракь ч1варабго

Гьороцадай араб маг1арул намус?

Басриялъухъ щвараб ц1ияб г1умруялъ

Ц1адайдай рехараб борхатаб къадру?

Ракълил ц1ар сунареб Совет х1укумат

Ях1алъ къо рехунищ т1ут1ун лъуг1араб,

Т1олго дунялалда раг1араб улка

Капитализм ккунищ какулеб бугеб.

Басрияб наккдалъан буг1аги хъирщун

Щварабищха т1ири  муг1рул росулъе,

Боц1ухъ рух1 бичулел х1олочаг1азде

Ях1 рехун к1алъалеб къойищ бач1араб?

Кибе мун т1аг1араб, маг1арул намус

Муг1рул росдал сурат хисулеб бугин,

Ц1игьабун г1уц1идухъ рух1алги  ричун

Чарлъулел щай ругел дир росуцоял?

Царал г1адаб рикьи ракьуйги гьабун,

Магъий кьураб г1азаб, г1адаллъунищ нуж

Умумузул ракьал рикьулел ругин,

Гьеч1ел ракьал росун  бечелъиладай?

Эбел-яц к1очараб, г1агарлъи тараб,

Г1ажаибаб г1умру бач1ана гьанже

Гьудул рехун тараб, хиянат ккураб,

Кинаб заманилан алда  ц1ар лъолеб.

Умумул  хваразе хайирги ккеч1о,

Хурдулги, хурзалги гьоркьорго ана.

Азда-дозда т1ад хъван гаялги росун,

Гарбал гьарилилан гьедарал ккана.

Кибе мун т1аг1араб, маг1арул намус,

Киналго цо росдал гурищ нуж ругел?

Къварилъи кканиги, рохел кканиги

Кире нуж рортулел, вай, дир росдал халкъ.

Гьай къват1исайилан, дов рокъосаян

Милатал ц1ехолеб г1адат бук1инч1ин,

Цох1о хъизамалъул чаг1и киниги,

Киналго цолъараб росо бук1анин.

Царал г1адаб рикьи, кьибил-тухум кквей

Лъихъа щвараб ирсдай ал хъурмазухъе,

Аллагьасде мугъбан, дибирас нух кьун,

Кинаб алжаналде хиялдай лъураб.

Хабалъа вахъине анищ дов Х1амзат,

Ц1ивурзаби  какун, куч1дул гьарурав.

Будун-дибир ц1ехон сариналги хъван,

Кант1изе гьаризе гьаб дир росдал халкъ.

Г1аршид ч1ван къот1анин херехьдерил мегъ,

Хадуб г1олеб г1елалъ щибдай гьабила,

Сум нахъе теч1ого рикьанин хурзал

Щварав чи лъаларо, ц1ар ккун  рехсани.

Инкъилабалъ кьураб къуватги  биххун,

Басрияб  къадг1адин чучана росу,

Чияр раг1абазукь кверч1енги т1амун

Т1омоде рехана хиял  ц1ик1к1араз.

Росуго цойихъан ч1ун  бугониги,

Ч1алде цере ккараз, гьабуна х1илла.

Ращалъиян абун щив ах1даниги,

Х1учч хъвазе х1алимго х1алай вахъинч1о.

Кибе мун т1аг1араб, маг1арул намус

Намус бечед ккурал чиякълъуларин,

Кир ругел умумул, рахъа нуж т1аде

Нужер лъималазда лъалареб малъе.

Раг1уларищ гьаракь  ракьалъ гьабулеб?

Намус гьеч1ел кверал т1ад хъвагейилан.

Т1ут1у-хъухъун лъурал нижер  гьурмазда

Бит1ун х1ет1 ч1еч1езе наг1анайилан.

Кибе мун  т1аг1араб маг1арул намус,

Рарал рукъзал  кьеян руго к1анц1улел,

Г1уруцадай араб ях1алъул къат1ра,

Гъугъдул хъваг1ан рарал хъулби росизе.

Нуж гьаб росулъ г1урал г1адамал гурищ,

Г1адан щай лъукъулев, боц1ухъ рух1 бичун.

Хваниги, г1униги,хьолбохъ рук1унел,

Кьибил-тухум щайзе барщулел ругел?

Нуж ц1одоралани ц1ер г1адин рохел

Гьахьал гьабилаан, вай дир росдал халкъ.

Хабалъе унелъул кинабго толеб,

Байтулман боц1уда щай барахщулел?

Гьаб бакъулаб дунял къалъ-къалъунги тун,

Къокъунел гурищ нилъ иргадал ругел,

Къо т1аде щванщинал нахъ бахъич1ого,

Хъамун унел гьеч1ищ кверзул гьакида.

Кибе мун т1аг1араб, маг1арул намус,

Мун басра гьабизе бокьун гьеч1о дий.

Кибе мун рехараб, ях1алъул къат1ра

Ях1 бугел г1адамал гьабе маслиг1ат.

П. Мух1амадова

Харахьи росу

Просмотров: 896 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz