Ахирал соназ щибаб апрель моц1алда гьит1инабго Бакьагьеч1и росдал школалда
рак1алде щвезавула к1удияв инсан,
киг1анги к1удияб реццалъеги адабалъеги
мустах1икъав академик, педагог, АПНалъул член корреспондент, ДГПУялъул
т1оцевесев ректор Мух1амадов Ах1мад
Мух1амадович. Гьеб къоялъ гьенире рак1арула районалъул интеллигенция, т1адег1анал хъулухъазул
нухмалъулел, къват1ир г1умру гьабун ругел росуцоял, г1ага-божарал ва цогидалги.
Ах1мад Мух1амадов рак1алде
щвезавиялъул тадбир рагьана ва берцинго нухда бачана Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул директор Т1инч1ав Мух1амадовас. Ц1ар раг1арав росуцоясул ва г1агарав чиясул
х1акъалъулъ бицине цеве вахъана Ханмух1амадов Айтбер Халилович. Ах1мад
Мух1амадовичасул х1акъалъулъ бицунаго
гьес абуна 23 соналъ ДГПИялъул ректорлъун х1алт1аниги ц1акъ г1адатав,
ч1ух1и-къули гьеч1ев, г1адамал хирияв,
г1аданлъи к1удияв чи вук1анилан гьевилан. Маг1арул кеч1 ц1акъ бокьулеб
бук1ун буго Ах1мадие. Гьесулгун лъик1аб
гьоркьоблъи бук1ун буго ц1ар раг1арав
коч1охъан М-т1 Синдикъовасул. А.Мух1амадов рак1алде щвезавизе вач1арав гьес
ц1акъ г1емер бицана гьесул, кьуна гьесие ц1акъ т1адег1анаб къиматги.
Ах1мад Мух1амадовичасул г1умруялъе къимат кьолаго,
Мах1ачхъалаялдаса гьев к1одо гьавизе вач1арав Ханмух1амадов Мух1амадица рицана инсанасул г1акъиллъиялъул х1акъалъулъ
притчаби, г1енеккаразул к1вар кьезабуна г1адан ч1ей гьеч1ого живго жиндаго т1ад х1алт1изе, ц1ияб жо лъазабизе ккеялде. Мух1амад
Айтберовичас живго ц1алараб г1агараб
школалъе рач1арал г1емерал сайгъатазда гьоркьоб бук1ана ноутбукги.
Цойгидазда релълъинч1еб, жиндирго хаслъи гъорлъ бугеб бук1ана журналист Гъазимух1амад
Гъалбац1овасул к1алъай. Гьес бицана Ах1мад Мух1амадовичасулгун жинца
лъай-хъвай лъабго нухалъ гьабунилан. Росдал школалъе гьес сайгъат гьаруна
жиндирго т1ахьалги.
Ц1ар раг1арав ректорасул бицине цере рахъана гьесул
г1агарай ч1ужу Г1усманова Баху, учительница Хочбарова
Умапазил. Гьезги ц1акъ т1адег1анаб къимат кьуна Ах1мад Мух1амадовасе. Гьесде росуцояй Дибирова Пат1иматица гьабураб кеч1
ц1ализе цее яхъана Халисат абурай г1адан. Ц1ар раг1арал ялъуни г1адатиял ратаниги цере рахъарал
бекьеч1дерицаги, т1аде рач1аразги г1емераб лъик1абщинаб бицана Ах1мадил х1акъалъулъ, амма киназго такрар гьарулел рук1ана цого раг1аби:
«Жинцаго лъугьинавурав, жинцаго т1адег1анлъизе гьавурав чи вук1анила Ах1мад.
Киг1ан ч1ах1иял зах1малъаби дандч1ваниги
ц1алудеги лъаялдеги бугеб г1ащикълъиялъ гьев гьездаса бергьана».
А.Мух1амадов рак1алде
щвезавиялъул тадбиралде бекьеч1
к1одо гьарун рач1ун рук1ана ц1ар
раг1арал коч1охъаби Г1абдула
Мирзамух1амадов ва Мух1амадт1амир
Синдикъов. Гьезул куч1дуз т1ат1алаго
базабун бук1ана росдал школалъул сверухълъиго. Балагьараз лъик1 къабул
гьаруна Г1айшат Тажудиновалъул ва
Парихан Мусаевалъул куч1дулги. Школлъималазги х1адурун бугоан жиндирго
церерахъин. Г1езег1ан берцинаб, пашманлъиялъулги, ч1ух1иялъулги асар
гъорлъ бугеблъун, г1ахьаллъаразе
пайдаяблъун, лъугьана гьеб тадбир.
Аза-азар рахъаги Ах1мад Мух1амадов
г1адал районго ч1ух1изабулел г1адамал,
киг1анги к1удияб реццалъеги ц1аралъеги жал мустах1икъал.
П.Гунашева
|